МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул гугарухъаби къуркьулел гьечIо...


КIудияб ахIи-хIур бахъинабуна гьал къоязда Якутиялда унеб бугеб Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталда ккараб хIужаялъ.

Дагъистаналдаса речIчIухъан ИсмагIил Мусукаевасе хIилла гьабунин турниралъул диванчиясилан абулеб буго гьениб гIахьаллъи гьабурал киназго. Гьеб сабаблъун тIолалго Дагъистаналъул гугарухъабаз инкар гьабуна турниралда цере рахъине.

2016 соналъ Якутиялда тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул чемпионат тарихалде ине бегьула бищунго ахIи-хIур бахъараб ва хIилла-макруялъул рахъалъ бищунго чIел босараб турнир хIисабалда. Гьединаб пикру загьир гьабулеб буго гьал къоязда социалиял гьиназда гIадатиял гIадамаз.

Гьеб чемпионталда бергьарал чагIазе рес щола исана Рои-Де-Жанейро шагьаралда тIобитIизе бугеб Олимпиадаялда гIахьаллъи гьабизе. Амма 27 маялда, чемпионталъе байбихьи лъураб тIоцебесеб къоялъго ккараб хIужаялъ бахъинабураб ахIи-хIур жегиги гIодобцун гьечIо.

57 килограммалъул цIайиялда Дагъистаналдаса спортсмен ИсмагIил Мусукаевасулги, Якутиялда Виктор Лебедевасулги церерахъиналъул хIасилалъ бахъинабуна гьеб хъуй. Байбихьуда дандиясда тIад ракIчIараб бергьенлъиги босун цеве унев вукIарав ИсмагIил Мусукаевасе хIилла гьабунин ва тIатIалго мекъал балалги кьун бергьинавунин Якутиялдаса спортсменилан хъвалеб буго информалатаз.

Гьеб тасдикъ гьабулеб буго турниралда гIахьаллъи гьабурал гIадамазги. Гьеб киналъго ццидахинавурав ИсмагIил Мусукаевас жиндирго ццим бецIун буго дандиясда ва гьезда гьоркьоб ккараб тунка-гIуси чIезабизе ургуялде ахIизе ккун руго ОМОН-алъул хIалтIухъаби.

Гьелдаса хадуб турнир заманаялъ чIезе тун буго. 57 килограмм цIайиялъул хIасилазда ракIрекъечIел Дагъистаналъул командаялъ ахIи-хIур бахъинабун хадуб диванчагIазул коллегиялъ цIидасан халгьабун буго гьеб гугариялъул ва хIакъикъаталдаги рефериясул гъалатI букIараблъи тасдикъ гьабун буго. Гьеб цевевахъиналда ИсмагIил Мусукаев бергьаравлъун гьез лъазабуниги, хадусел дандчIваязда гIахьаллъизе рес кьун буго Виктор Лебедевасе.

ИсмагIил Мусукаевсе абуни нух бугин Олимпиадаялде ине рес щвезе букIине цогидал дандчIваязда гIахьаллъи гьабизеян абуна диванчагIазул коллегиялъ.

Амма ИсмагIил Мусукаев разияв гьечIо гьеб хIукмуялда.

ИсмагIил Мусукаев: «Дида цIакъ квеш букIана гьез дие гьабураб хIилла ва Лебедевасе гьез бергьенлъи кьейги. Гьевги кIудияб къагIидаялда вукIана гьенив эхетун, живго хIакъикъаталдаги чемпион вахъарав гIадин. Нич намусцин гьечIо бихьинчийилан вугев чиясда.

Дун гьаниве къотIноса гурелъул вачIарав. Олипиадаялде гIахьалъизе кIудияб анищ букIуна щивав спортсменасул ва дунги кутакалда тIадчIун хIадурлъулев вукIана гьелде.

Гьаб чемпионаталде дун вачIана 9 килограммалдасаги цIикIкIун цIайиги рехун, гьеб гьедин бигьаяб иш гуро. Гьединаб хIадурлъигун вачIарав дие гьаз бералдаги бихьун гьабуна рекIкI».

Гьеб хIукму рекIее гIечIо Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул тренеразеги гьединго жалго гугарухъабазги. Гьел киназго инкар гьабун буго чемпионаталда церерахъине. Жеги мухIкан гьаричIел баяназда рекъон гьел киналго рокъоре тIадруссунел ругилан абулеб буго.

«Эркенлъи» радиоялъе рес щвечIо Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовасулгун бухьен гьабизе. Амма гьез гьабураб хIукмуялда рази гьечIо спортивияб гугариялъул рахъалъ Россиялъул федерациялъул нухмалъулев Михаил Мамиашвили.

Михаил Мамиашвили: «КигIан кIваниги мекъаб, ургъичIого гьабураб иш буго гьеб Дагъистаналъул командаялъул хIукму. Гьеб турниралда бергьине рес букIана чанги спотрсменазе, гьанжейин абуни гьеб кинабго хIурудахъ инехъин буго. Дир хьул буго гьез жидерго пикру хисилилан».

Амма Россиялъул мустIахIикъав тренер, ЦIумада мухъалдаса НурмухIамадов ГIабдулманапица рикIкIунеб буго Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъ битIараб хIукму гьабунилан.

Олимпиадаялде гIахьаллъи гьабизе спортмен тIадчIун хIадурулин ункъо соналъ ва гьенив гIахьаллъи гьабизе рес кьолеб ахирисеб гIорхъода, Рссиялъул чемпионаталда гьединаб инжитаб хIилла гьабун хадуб тIокIабги щибила гьабизе кколеб, гьединлъидал Дагъистаналъул гугарухъабаз битIараб гьабунин турниралда церерахъинчIого чIей.

ИсмагIил Мусукаевасда чIун батулеб къо жинда кутакалда бичIчIулила, бокьа-бокьарав спортсменасухъа бажаруларила гьединаб иш хIехьезеян абулеб буго НурмухIамадов ГIабдулманапица. Жиндир хьул бугин Дагъистаналъго гIадин, Кавказалъул цогидал республикаялъул гугарухъабазги инкар гьабилеб батилин гьеб чемпионталдасаян тIаде жубалеб буго гьес хадубги.

Дагъистаналъул спортсменаз Россиялъул чемпионаталда гIахьаллъи гьабизе инкар гьабидал гьанже суал бачIунеб буго щивха ине вугев Олимпиадаялдеян? Гьелъие жаваб кьолаго Эркенаб гугариялъул рахъалъ Россиялъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Дзамбулат Тедеевас абулеб буго жинда бичIчIуларила Дагъистаналъул командаялъул позиция.

Гьадин босани гьев ИсмагIил Мусукаев Дагъистаналдасацин кколарин, гьев кколин Гъабардагун Балкаралдаса чи, Дагъистаналда гугариялъе ругьун гьавурав. Балкаразул командаялъ инкар гьабичIеб мехалъ Дагъистаналъул командаялъ щайила гьабизе кколеб? Рио-де Жанейроялде ине ругин Дагъистаналъул спорсменалгун ургуялда дандчIвазе кколел рукIарал цогидал регионалдаса спортсменал, гьезул бергьарал ине ругин Олимпиадаялдеян абулеб буго Дзамбулат Тедеевас.

Жеги Якутиялда Россиялъул чемпионат байбихьилалде чанго моцIалъ цебе Россиялъул тIасабищараб командаялъул нухмалъиялъ лъазабун букIана, дунялалъул ва Европаялъул чемпион, Дагъистаналдаса ГIабдурашид Садулаев Олимпиадаялде гьанжего тасдикъ гьавулев вугилан. Гьелъие гIиллалъун баян гьабуна гьанжелъагIан киналго турниразда гьес босараб ракIчIараб бергьенлъи.

28 маялда хабар лъана Россиялъул спорталъул министр Виталий Муткоца гьарун бугин 97 килограммалда цеве вахъунев ГIабдусалам ХIадисовасда, Дагъистаналъул командаялъ бойкот лъазабуниги мун гугаризе вахъайин чемпионаталдаян. ХIадисовас кинаб хIукму гьабурабли жеги лъалеб гьечIо. ГIабдусалам ХIадисов ккола ГIабдурашид Садулаевго гIадин чанцIулго Европаялъул ва дунялалъул чемпионаталда чIел босарав, цIар бугев гугарухъан.

28 маялда гьединго лъана Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас кагъат битIун бугин республикаялъул тIасабищараб командаялъухъе, ккараб жоялъухъ балагьичIого чемпионаталда гIахьаллъи гьабейин нужецаян.

Амма Дагъистаналъул командаялъул нухмалъиялъ гIадахъ босичIин республикаялъул нухмалъулесул гьариян хъвалеб буго «Интерфакс» агентлъиялъ кьураб баяналда. Гьединго гьеб гьариялъул рахъкквечIо спорт бокьулел гIадатиял дагъистаниязул цIикIкIарасеб къадаралъги.

XS
SM
MD
LG