МагъчIваялъе рес

Дагъистанияй боксалъул чемпион


СагIадат ГIабдулаева
СагIадат ГIабдулаева

Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалдаса СагIадат ГIабдулаева гьал къоязда яхъана ТIологороссиялъулал боксалъул къецазул чемпионлъун. Гьеб ккола гьелъул лъабабилеб бергьенлъи. 2012 соналдаса нахъе СагIадат гIумру гьабун йиго Москваялда, гьенийго хьвадула боксалъул школалдеги. Гьелъул бищун кIудияб мурад буго 2016 соналъ Рио Де Жанейро шагьаралда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаязда гIахьаллъизе. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ гьелъ гIатIидго бицунеб буго нижергун гара-чIвариялда.

СагIадат ГIабдулаевалъул эбел-эмен ккола Хунзахъ мухъалъул ЦIада ва ТIануси росулъа, жийго гьей гIун йиго МахIачхъалаялда. Боксалде гьей ячIун йиго ракIалдаго гьечIого, гIумруялъул 19 сон букIаго. Кин гьеб ккарабали гьадин бицунеб буго гьелъ.

СагIадат ГIабдулаева: «БитIараб бицани сунца дун гьелде гьесизаюраяли дида лъаларо гьабсагIат. ГьитIинаб мехалъго дун йикIана речIчIа-регIарай, тирияй яслъун, амма боксалде хьвадизе доб мехалъ ракIалда букIинчIо. ГьитIинго дун хьвадулаан кьурдул ансамблялде, бокьулаан кечI-бакъан. Амма цо-цо гIиллабазда бан цо заманаялъ дица гьеб кинабго рехун тана. Дида жаниб бугеб кIудияб жан цо сунде бугониги буссинабизе бокьун букIана дие, кинаб бугониги рагъулаб тайпаби ругеб спорталда хIалбихьизе бокьун букIана, хас гьабун бокс дица тIасабищун букIинчIо. Амма Аллагьас гьадин хъван букIун буго, дун ккана боксалъул школалде. Гьенибги гIемер заман баларин дицаян кколеб букIана ракIалде, гьединлъидал эбел-инсудаги дица гьелъул цIар бахъун букIинчIо. Амма дир бугеб гьунаралъул хал гьабун хадуб дир тIоцевесев тренерас абуна дур гьелъие гьунар бугин, дуца бокс рехун тезе бегьуларилан. Эбел-инсуе тIоцебе, узухъада. рекIее гIечIо гьеб, хасго мунагьал чураяв эмен дандечIун вукIана, цохIо йигей ясалъ жиндирго гIумру боксалда хурхинабизе гьесие бокьун букIинчIо. Амма дир тренерас рокъовеги вачIун бичIчIизабуна гьесда дир гьелъие кIудия гьунар бугилан. Хадуб жиндирго разилъи кьуниги инсуда кколеб букIана дида гьеб дагь-дагьккун чIалгIинилан, амма чIалгIинчIо дида бокс, гьелъул гIаксалда дагь-дагьккун дун гьелда тIуянго гъорлъ йосана».

Июлалъул ахиралда Избербаш шагьаралда тIобитIараб боксалъул рахъалъ тIолгороссиялъул турниладаСагIадатие щвана меседил медаль. ГьанжелъагIан жий цее яхъуней йикIанин тIадагьаб цIайиялда, исана тIоцеебе хIалбихьана дагьаб бакIаб цIайиалда, гьединлъидал захIматги букIанин цIияб цIайиялде ругьунлъизе. Гьеб ккола СагIадатица боксалда босараб лъабабилеб бергьенлъи.

СагIадат ГIабдулаева
СагIадат ГIабдулаева

ГIагараб заманлада бокс рехун тезе гьелда ракIалда гьечIо. СагIадатил мурад буго тIасияб соналда тIоритIизе ругел Олимпиялъул хIаяздаги гIахьаллъи ва дагь-дагьккун профессионалияб спорталдеги нух бахъизе.

СагIадат ГIабдулаева: «У, бокьун буго хIакъикъатадаги дирго бугеб гьунар Олимпиаялда бихьизабизе, гьелде тIадчIун хIадурлъулейги йиго гьабсагIат. Аллагьас хъван батани дун гьение йорчIани, Олимпиада лъугIун хадуб цо лъагIалица хIухьбахъи гьабила дица. Гьелдаса хадуб дида ракIалда буго Бичас биччани профессионалияб боксалдеги нух бахъизе. ГьабсагIат гьелъул бицине бокьун гьечIо дие гIатIидго, амма дие гьениб нух хIадуризе рагIи кьурал чагIи руго».

Нижеца гьелда гьикъана боксалда дуе бищунго рекIее гIолеб рахъ кинабилан

СагIадат ГIабудулаева: «Дица рикIкIуна бокс бугин интеллектуалияб спортивияб тайпалъунилан. Дие гьениб рекIее гIолеб рахъ буго дандиясде дуца кьаби щвезабулаго,цадахъго мунго гьесдаса цIунизе нухал ратизе дуца пикру хIалтIизаби. Гьеб кинабго гьабизе ккола цIакъ хехго, киналалиго секундазда жаниб. Гьеле гьединаб бокс бокьула дие».

ГIадатияб гIумруялда жаниб дуца хIалтIизабизе кканиш боксалда дуего щвараб махщелин гьикъидал гьадин бицана гьелъ.

СагIадат ГIабдулаева: «Боксалъул махщалие дун ругьун гьайизегIан рукIана дир гьединал ахIвал-хIалал, амма боксалъе ругьун гьайизе байбихьаралдаса гьединал ахIвал-хIалазде дун ккечIо. Лъаларо дица сверухъ лъугьунеб бугеб жоялде гьедигIан пикру гьабичIого теялъ ккун батила гьедин. Яги дун цIакъго дирго ишалда гъорлъе йосун йикIиналъ дида халлъичIого ратизе бегьула гьединал бакIал. Амма дун гьединаб ахIвал хIалалде ккани дица узухъада хIалтIизабизе буго диего щвараб махщел, амма цIакъго хIажалъи ккани гурони чиясде квер борхулей гIадай магIан гьечIей гIаданги дун гуро».

Дагъистаналда руччабазул спорт цебетIеялъе чанги ресал ругилан абулеб буго СагIадатица, амма аслияб куцалда эркенаб гугариялъулги, бокс гIадал тайпабазде гIолохъаби руссун рукIиналъ руччаби нахъа хутIун ругин. Мисалалъе тIадагьаб атлетикаялда, теннисалда, гимнастикаялда ва цогидалги спортивиял тайпабазда дагъистаниязул ясал церетIеялъе ресал ругилан абулеб буго.

БатIи-батIиял турниразда инеги щибаб церерахъиналда гIахьаллъиялъеги дуе гIарцудалъун кумек лъицайин гьабулебин гьикъидал гьелъ кIудияб хIурматалда ракIалде щвезавуна Хунзахъ мухъалъул бетIер Юсупов СагIид, гьесул гIадаб кумек жинде лъилниги щвечIин, гьес рагIи кьун бугин хадубккунги кумек гьабизе.

Спортсменка хIисабалда гурей гIадатияб яшавалда мун кинай гIаданин йигейилан абурабги суал кьуна нижеца гьелъие.

СагIадат ГIабдулаева: «Дицагоги гIемер пикру гьабула гьелъул, спортги рехун тараб гIадатияб гIумруялде юссун хадуй кинаб пишаялдедай дун юссинайилан. Дие бокьила йогаялъул упражнениял хIалтIизаризе, чIагояб гIумруялда йикIине. Кинан букIаниги спорт рехун тезе дида ракIалде гьечIо, ялъуни кинаб букIаниги спортивияб школалъе нухмалъи гьабизе инаан дун. Боксалдаса эркенаб заманалъ абуни дие бокьула гIагарлъигун цадахъ гьеб заман тIамизе, кинаб бугоги тIагIамаб квен хIадуризе, мугIрузде эхеде тира-сверизе ине. Амма цIакъго дагьаб заман гурони гьелъие щоларо. ЛъагIалида жаниб кIиго моцI гурони хIухьабизе дие щоларо, хутIарабщинаб заман уна хIадурлъулел, батIи-батIиял къецазда церерахъунел».

ГьабсагIат дунялада бищунго машгьурал руччаби боксерал кколин Америкаялъул цолъарал штатаздаса, Голландиялдаса гьединго Япониялдасаян бицана СагIадат ГIабдулаяевалъ. Гьелгун дандчIвазе кватIичIого Польшаялда тIоритIизе ругел боксалъул рахъалъ халкъазда гьоркьосел къецазде хIадурлъулей йиго гьей.

XS
SM
MD
LG