МагъчIваялъе рес

Лъие щолел грантал?


Дагъистаналъул бетIерасул цIаралдасан кьолел грантазе документал къабул гьаризе байбихьун буго.

Щибаб махщалил чагIаз хIалбихьизе бегьула гьеб щвезе. Амма ришват кьун яги мугъчIвай гьабизе чи вугезе гурони гьеб щоларин абураб пикру билълъун унеб буго республикаялда. Гьедин бицана ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда гIезегIан гIадамаз.

ГIарац бикьулел рукIин гурони, хасаб комиссиялъул чагIаз хал гьабулеб гьечIин кинаб масъала гьеб гранталдалъун тIубазехъин бугебалиян абуна гьез. Масала, гъоркьиса бергьарал грантазул темаби рукIана: «МахIачхъалаялда чангъал гьари», «Унсоколо багIаргьоло бекьи», «Хасавюрталда автомобилал чурулеб бакI рагьи»...

Гьединан пачалихъалъ кумек гьабулеб къагIида цо чIванкъотIараб суал тIубазе квербакъулеб гуреб, гьадинго сайгъаталъе кьолеб гIарцуда релълъун бихьулеб буго ГIабдурахIман ГIабурикIовасда. Гьев ккола фермеразул магIишатазул ассоциациялъул нухмалъулев.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Дун балагьана гъол номинациязухъ. Цо махщалида рекъон, цо-цо грант буго бихьизабун, руго чанго грант цадахъго кьезе бихьизабурал махщелалги. Гъодин гьабун битIун кколищ гъобалиха… Гъоб гIарцуде гьабизе кIолеб жо щиб букIунеб? Гранталдасаги, сайгъаталъе кьолеб гIарацлъун бихьулеб буго дида гъоб. Цо чIванкъотIараб суал тIубазе ккани, лъикIаб гIарац къваригIинарищ гъоба. I00-300 азарго гъурщица гьабулеб хIалтIи щиб букIунеб? Кьун хадуб щиб хIалтIи гъолда рекъон гьабизе бугеб, щал проектал гъора бергьаралали хал кквезе ккелаха. Жибго лъикIаб пикруги буго гьеб. Масала, пачалихъалъул кумек щолареб газеталъе кьолеб бугони, букIинчIеб бакIалъа щвараб кумеклъун рикIкIине бегьиларищхаI00 яги 300 азарго гъурущ. Амма чIванкъотIараб масъала тIубазе харж гьабизейин рахъани, сундуеха гьеб гIолеб? ХIукуматалъ гьабулеб кумек лъикIаб жо буго, гIарац къваригIинчIел чагIиги рукIунаро. Амма лъие гъоб щолеб бугеб, кин ва сунда тIад гъоб хIалтIизабизе бугеб абураб суал лъезе ккола. Кьола гъол, хадубин абуни кIочон тола киназдаго. Бюджеталъе ккараб заралищ бугеб гьелдаса, яги халкъалъе щвараб пайдайищ цIикIкIун бугебали балагьизе ккола».

Хадубги ГIабдурахIман ГIалиевас бицана бизнесчагIазеги фермеразеги бергьарал грантазул хал гьабидал, гьезул гIемерисел ратанила лъай-хъваязе гIоло щварал. Масала, хIалтIул цого хIалбихьи бугел, цого бизнес-планги бугев ункъо-щуго чияс кьолел ругила документал, цинги цоясе гурони щолел гьечIила хIажатал баллал.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Цоязе щолеб буго 30 балл, цогидазе – 50 балл. Сундасан босун гъоз гъоб лъурабали лъиданиги лъалеб гьечIо».

Гьединго грантал щвезе хIалбихьарал чагIаз ЭР-лъе бицухъе, дол бизнес-планалги гIадамаз жидецаго хъван рачIарал къабул гьаричIого, жидехъаго росизе тIамулел руго грантазе документал къабул гьарулеб идараялъ.

МахIачхъалаялдаса гIолилав ва жамгIияв хIаракатчи Элдарица ЭР-ялъе гьадин загьир гьабуна грантал кьеялда тIасан жиндирго пикру.

Эльдар: «Дида лъалаха кин гьеб бикьа-къотIулебали. Расги нахъа чиги гьечIев, лъай-хъвайги гьечIев чиясе кинха гьеб щвелеб? ГIезегIан ахIи-хIур букIана гьелда тIасан жиндие щвечIин, лъиеялиго щванилан. Гьединго цо мухъалдаса чагIазе цIикIкIун кьун, цогидазе цонигицин щвечIо грант. Дир хIисабалда, грант щвезе документал кьурав хасав чиясул рахъги ккун бакIалъул хIакимзабаз комиссиялъул вакилзабахъе нух бахъани, щвезеги рес буго грант. Гурони, гьале дунги, кье дие грантгиян абуни, лъицаниги кьоларо. Щайгурелъул щиваса лъалелъул гьаниб бугеб система».

ЖамгIияб палатаялъул вакил Шамил Хадулаевас ЭР-ялъе бицана исана жив вукIине вугин грантал рикьа-къотIиялда хадуб хал кколеб комиссиялда гъорлъ. ТIубанго гьеб иш рагIа-ракьанде щун роцIцIинабизе бажаричIониги, гъоркьисала гIадин цо хъизаналде анкьго грант унеб къагIидагIаги биччаларила. Гьеб ишалъулъ гIадлу жалго комиссияз гуребги, тIадтарал хIакимзабазги хвезабулеб бугин бицана Хадулаев Шамилица ЭР-ялъе.

Шамил Хадулаев: «Миллияб политикаялъул министерлъиялда цебе гIуцIараб комиссиялъ рикIкIун букIана цо пуланай гIаданалъе грант кьезе кколарин, гьей гьелъие мустахIикъай гьечIилан. Цинги гъолъ жеги кIудияб хъулухъалда вугев чиги валагьун, гъосда гьардон йиго. Гьеб мехалда тIасахун лъазабун буго гьелъие грант кьечIого бегьуларилан. Гьа, хIисаб гьабеха гьанже нужецаго, хIакимзабахъе нухги балагьун, кьолел жал, грантал рукIунел ратани, щибаб идараялда цере гъол комиссиялгIаги щай гIуцIулел? Рихьдаейищ?»

Грантал кьеялъулъ хIилла гьабун бугилан республикаялда рагIараб ахIи-хIур бахъун букIана гъоркьисала лъагIалил ахиралда. Гьедин гьоркьор хутIарал чагIи республикаялъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасухъеги рачIун рукIана гIарзалъ. Гьелдаса хадур цо-цо чагIазе гIадлуги гьабунин низам цIунулез, амма гьеб гIадлу аслияб куцалда кIудиял тахбакIазда ругел хIакимзабазе гуреб, кагътал доре-нахъе щвезаризе ритIулел гIисинал хъулухъчагIазе гьабунин рази гьечIого тIаде жубана ГIалибег ГIалиевас.

XS
SM
MD
LG