МагъчIваялъе рес

Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана


ГIагарал къоязда Россиялъул цIияб «Восточный» абулеб космодром хIалтIизе лъугьана. 28 апрелалъул радал гьенисан тIоцебе «Спутник-2.1» абураб ракета боржана космосалде. Амур икълималда бугеб гьеб цIияб космодромалъ Россиялъе лъидаго бачIого космосалде роржине рес кьолеб буго.

Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:46 0:00
Интернет-мухъ
Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана
Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана

​Гьеб кутакалда кIвар бугеб стратегиялъулаб бакI бугила, улкаялъул букIинеселъе ва хIинкъигьечIолъи чIезабиялъе кIудияб хIалтIи гьабизе бугин гьелъилан абулеб буго экспертаз. Россиялъул президент Владимир Путиница 2007 соналда хIукму къотIун букIана гьеб космодром базе. Гьенир хIалтIизе россиялдасаго махщелчагIи рачIун рукIун руго. Студентазул къокъабиги хIалтIулел рукIун руго гьенир. Дагъистаналъул халкъияб магIишаталъул институталъул студенталги хIалтIун руго гьенир ункъго моцIица.

Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана
Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана

Гьел студентазул къокъаялъул нухмалъулев Шихаев Эльдарханица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гъоркьисала тIоцесеб нухалда риччан рукIанила кавказалдаса студентал гьеб космодром балеб бакIалда хIалтIизейилан. Гьелде щвезегIан цониги кавказалдаса чи вукIун гьечIо гьенив. Дагъистаниязда цадахъ Шималияб Кавказалъул цохIо чачанал хутIизегIан киналго республикабаздаса гIолохъаби рукIун руго гьенир хIалтIилел.

Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана
Россиялъул цIияб космодром Дагъистаналдаса студентазги бана

Дагъистаналъул захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министерлъиялда цебе гIуцIараб гIадамал хIалтIудалъун хьезариялъул централъ лъазабун буго гьезул институталда космодром балеб бакIалде хIалтIизе ине гIадамал къваригIун ругилан. Гьабураб хIалтIухъ гIарацги кьунин жидеейилан бицана Шихаевас.

Эльдархан Шихаев: «Нижер институталдаса анцIила цо чи вукIан гьенив хIалтIулев. Гьез махх рекъеялъул, бетон тIеялъул, къадал гьариялъул хIалтIаби тIаде росун рукIана. ЛъикIалдаса лъикIал студентал гурони гьенире риччанги рукIинчIо. Институталда ректорас тIаса рищун рукIана бищун лъикI цIалулел, махщел бугел. Гьелда тIадеги лъикIаб, щулияб сахлъиги букIине кколаан гьенире унезул.

Гьеб гурониги къуваталъул идарабазул хIалтIухъабиги дандчIван рукIана нижер щивавгун. Щиб нижеца гьениб гьабизе бегьулеб, бегьуларебали бичIчIизабуна. Жибго космодром балеб бакIалдаги хIалтIигьечIого хьвахьвалел рукIине бегьулароан ниж, гIадлу хвезабиги гьукъун букIана. ХIалтIи гьабулеб бугеб бакIтун къватIире ине бегьулароан. Щибаб къойил автобусалъ нижер чIчIей бугеб бакIалдаса хIалтIулеб бакIалде рачунаан».

Гьединго Эльдарханица бицана жал космодромалъул аслиял бакIазде аскIоре къазецин толел рукIинчIилан. Гьенире хасал чагIи гурони риччалел рукIинчIилан. Ракетабиги спутникалги гьарулел, дандралел, космосалде риччазе хIадурулел бакIал жидеда рихьичIилан.

Эльдархан Шихаев: «Ракетабиги гьарулеб бакIалда нижеца щибниги хIалтIи гьабулеб букIинчIо. Гьеб космодромалъул хIалтIухъабазе балеб гьитIинаб шагьар буго гьениб. Гьеб лъедалъул хьезабизелъун, гьенибе лъимкьабулеб хасаб си балел рукIана ниж. Щибаб хIалтIул къокъаялъул жиде-жидер объект букIана. ЧIезабураб, хIалтIул низамги букIана нижер, гьелъулги мухъдаса таризе бегьулароан. ЦIараб заманалда гьениреги, цIараб заманалда нахъеги.

Щибаб гьабулеб хIалтIи лъугIизабизе кколел болжалги рукIунаан. Нижеца гIезегIан лъикIал хIасилал рихьизаруна, цониги тIадкIалъайги букIинчIо нижедехун. Гьабураб хIалтIухъ лъикIаб гIарацги кьуна нижее. Гьелда тIадеги лъикIаб хIалбихьиги щвана. Гьелъ ратилин ккола дида исанаги гьенире хIалтIизе ине бокьарал студентазул къокъаби ракIарулел руго. АнцIгогIан соналъ балеб бугеб гьеб космодромалда цересел саназда цониги кавказалдаса чи вукIун гьечIо, гьанже гIезегIан рукIине руго».

Кавказалъулал ругилан абун нужедехун гьениб хасаб, рекъечIеб гIадаб бербалагьи букIарабищин, нужедехун божилъи гьечIолъи бихьизабулеб букIарабищин космодромалъул хIалтIухъабазин цIехараб мехалдаги Эльдарханица абуна щибниги хIаллъалеб жо букIинчIилан.

ТIолабго Россиялдаса гIадамал рукIанила гьенир хIалтIулел киназдехунго цого тIалабалги рукIанила. Гьел хвезарулел гьечIони гьезда тIадкIалъалев чиги вукIинчIилан.

XS
SM
MD
LG