МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда кIиго институт къалеб буго


Лъай кьеялда хадуб халкколеб федералияб агентлъиялъ къалеб буго Дагъистаналдаса цIалул кIиго идара.

Рособрнадзор абураб хъулухъалъ исана хIалтIизе гьукъарал цIалул идарабазул къадар 12 гIун буго. Гьезда гьоркьоб буго Дагъистаналдаса кIиго институтги. Теологиялъулгун халкъазда гьоркьосел бухьеназул институтги предпринимательлъиялъулгун ихтияразул институтги.

Масала, предпринимательлъиялъулгун ихтияразул институталъ медицинаялъул кабинет чIезабун гьечIин, гьединго гIарцухъ гьез гьарулел хъулухъазул сияхI къватIиб чIвалеб гьезин абулеб буго Рособрнадзоралъ.

Теологиялъулгун халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъин абуни электроннияб библиотека щвалде щвараб куцалда хIадурун гьечIилан дагIба балеб буго Рособрнадзоралъ.

Гьеб идараялъул жидедехун бугеб дагIба кинаб рахъалъ босаниги мекъаб пикру бугин рикIкIунеб буго теологиялъул халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул мугIалим Шамил МухIидиновас.

Шамил МухIидинов: «Хал гьабизе рачIарал гIадамазе кинабгIаги кIвар букIинчIо гьеб институт кколеб куцалда хIалтIулеб бугищ, лъай кьеялъулгун тарбия кьеялъул иш кинан гIуцIун бугебали. Гьез кIвар кьолеб букIана цо кинабалиго кагъат хъвараб къагIидаялде.

Амма кинабгIаги цIалул идараялда щвалде щун хъван букIунаро гьеб кагътил иш. ХIакъикъаталдайин абуни гьеб институт къаялъе гIилла буго гьенир исламияб лъаялъул, бикъуларел, хъамуларел, лъикIаб тарбиялъул гIолилал къватIире риччалел рукIин.

Дарсал кьезе гIадамал нижеца къватIисаги ахIулаан (гIураб къадаралда гьел нижер гъора рукIинчIолъиялъ).

Гьел кутакалда гIажаиблъи гьабун рукIунаан гьенир цIалулел студентаздаса. Гьединлъидал кагътил иш роцIцIун гьечIогойилан гьеб институт къазе бегьулароан.

Пачалихъалъ гIарацги кьун хьихьараб бакI гурелъул нижер гьеб, кинабго жо тIокIкIун букIине ккани».

Рособрнадзоралъ гьеб хIукму битIун гьабун бугин, гьединго Дагъистаналъе хIажат гьечIин гьабсагIаталда ругелгIанасел цIалул идарабиян риккIунеб буго Каспийскалдаса мугIалим Бечедова Хадижатица.

Бечедова Хадижат: «Жакъа радал хабар ккун букIана цо гIагарай гIаданалъулгун гьеб суалалда тIасан. Цо институталъул Дербенталда бугеб филиалалда хIалтIулей йиго гьей. Нужер филиал къалеб бугищин гьикъидал, гьеб жибго жинцаго къазе бугин жаваб кьуна долъ.

Щайин абуни гьенире цIализе лъугьунел чагIиги дагьлъун ругила, лъай кьуралъухъ босулеб гIарацги лъабго нухалъ цIикIкIун бугила. Гьалщинал цIалул идараби къваригIун гьечIин ккола дида Дагъистаналъе. Щайин абуни гьенир цIалун рахъанщиназе хIалтIи гьечIо гьаниб».

Гьанир церехун бицен гьарурал цIалул идараби ккола пачалихъиял гурел цIалул идараби. Гьезиего гIадал гьукъа-къаял пачалихъиял цIалул идарабазе гьаризе ругин лъазабуна Россиялъул лъай кьеялъул министр Дмитрий Ливановас. Гьедин цIалул 200 идара къазе рес бугила.

11 июлалда лъай кьеялда хадуб халкколеб федералияб агентлъиялъ гьукъана Россиялда бугеб цIалул микьго идараялде студентал цIализе росизеги. Гьаб анкь ахиралде щвелалде гьеб идараялъ къазехъин руго улкаялда ругел цогидал цIалул идарабиги.

XS
SM
MD
LG