МагъчIваялъе рес

Жалалдинов: «Дида кIола Къадировгун кIалъазе, амма виччалев гьечIо!»


Рамазан Жалалдинов
Рамазан Жалалдинов

Чачан Республикаялъул Кванхи росулъа магIарулав Рамазан Жалалдинов машгьурлъана Россиялъул президент Владимир Путиниде видеоялдасан хитIаб гьабиялдалъун. Амма жибго видеоялда тIад хъван буго Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасде гьабулеб хитIаб кколин гьебилан.

Чачан Республикаялъул Кванхи росулъа магIарулав Рамазан Жалалдинов машгьурлъана Россиялъул президент Владимир Путиниде видеоялдасан хитIаб гьабиялдалъун. Амма жибго видеоялда тIад хъван буго Чачан Республикаялъул нухмалъулев Рамзан Къадировасде гьабулеб хитIаб кколин гьебилан.

Кин батаниги, гьев чияс бицунеб буго жидер росулъ ругел гIунгутIабазул. Видеоялда бихьулеб буго риххун тIатIала кколел гIадал, минабиги, чIунтарал нухалги.

МагIарулал рукIиналъ чачаназул нухмалъиялъ жидеде кIвар кьолеб гьечIин абулеб буго гьес. Росдал масъалабазда тIасан жив чанцIулго Москваялдеги щванила, гьениб прокуратураялъулгун цогидал идарабазул хIалтIухъабаздасан хасаб комиссияги гIуцIейин абулеб букIанила жинца. Амма лъицаниги кIвар кьолеб гьечIила.

Россиялъул президент Путинидехун абулеб буго Жалалдиновас дуца кидаго беццулила Чачан Республика, рагъуца чIваднал хутIун букIараб республика гьанже кIалгIабиги ран, лъалеб хIал гьечIилан. Амма унголъунги кинаб хIалалда гьеб бугебали бихьизе бокьун батани, жидер Кванхи росулъе вачIайила.

Хадуб нижергун гьесул гьадинаб гара-чIвари ккана.

ЭР: «Чачаназул журналистаз хъвалеб буго жал анила нужер росулъе, дуца бицунеб куцалда гьечIила ахIвал-хIал».

Рамазан Жалалдинов: «Дица бицунелда божулел ратичIони, дица цере рачина Гъизляр мухъалъул Цветковка росулъ хъвай-хъвагIай гьабун ругел нижер чагIи (200 цIараки), Тарумовка мухъалъул Егоровкаялда руго, Рассветалда руго…».

ЭР: «Рагъдаса хадуб биххараб магIишат рукIалиде бачунеб гьечIо нужер, уйинщ?».

Рамазан Жалалдинов: «У, чачаназе гIадин гIарац кьолеб гьечIо нижее. Бищун къварилъи ккараб 200 цIаракиги гьоркьоб тун, дорацин рукIинчIел (жеги хъизаналги гьаричIел) гIолохъабазе бикьана доз (хIакимзабаз – ЭР) доб – гьел разилъунха давла гъоркь тезе».

ЭР: «Гьелъие гIиллалъун щиб бачунеб бугеб хIакимзабаз? Нужеда рагъ хъвачIиланищ абулеб бугеб?».

Рамазан Жалалдинов: «Ниж жойиде гьаричIогоха… Нижер росулъе вачIунев вукIарав Къадиров (Чачан Республикаялъул бетIер – ЭР) виччачIо доз. Къадировасда бараб жо гьениб щибниги гьечIо…».

ЭР: «Лъица виччачIев Къадиров?».

Рамазан Жалалдинов: «ФСБялъ (хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухалъ – ЭР). Сверун ккун росугун, цониги журналистги виччачIо доз дове…

2012 соналда рарал цIадаз биххизабун букIана нижер росулъ 70 мина. Гьелъухъ рецIалил гIарацги бикьана давладуй жо кьурал чагIазе – тIири жидер магIишаталъе ккечIел чагIазе щвана эбги!».

ЭР: «Дуе хIинкъаби кьолел ругин хъвалеб буго интернеталда?»

Рамазан Жалалдинов: «Дун вухана доз, лъабцIул жанив лъуна. Цо нухалда тIурунги ворчIана жанив тIамуралъуса. ГIебеде ритIизарун автоматалгун хъахIлъи барабго рокъор жанир кIанцIун рачIана полициялъулал. Росдадаго лъала гьеб хIужа. Дун ккун унеб мехалда дир лъадуца гIащтIи бана дозда. Гьелдаса хадув дун лъагIелгун бащадалъ жанив тIамуна. 150 хIалтIухъанги вачIун, росуго хIакъирги гьабуна. Гьелъин гьанже интернеталдасан хъвадарулел ругел дун лъабцIул жанив вукIарав чи кколилан. Дица абуна дун нужекьа махIниги хIинкъуларин. Бокьараб бакIалда кIалъазе кIолин нужгунги Къадировгунги».

ЭР: «Гьебщинаб жо бицине мун Рамзан Къадировасухъе щай унарев?»

Рамазан Жалалдинов: «Виччаларогоха! Бокьарав чи досухъе виччаларо. Лъабго нухалда досул приемныялде щванилан мугьру чIварал кагътал руго дихъ. Чачаналда инсанасул ихтиярал цIунулев вакиласухъеги щвана дун. Прокуратураялдегун цIех-рехалъул комитеталдеги щвана. Дида дол киналго лъала.

ГIурус мацI лъикI лъаларогойилан. Дида тIад релъулел рукIуна дол».

ЭР: «ГьабсагIаталде сундалъунха чIезе тун бугеб гьеб иш?».

Рамазан Жалалдинов: «Досда (Къадировасда – ЭР) цеве вахъун официалияб куцалда тIаса лъугьин гьарейин абизе рачIун рукIана дихъе магIарулал, Сайгид МуртазагIалиевасул (гьабсагIаталда федералияб цIех-рехалда вугев политик – ЭР) чагIи. Дун дове инчIо».

Дагъистаналъул ЦIумада мухъалдаса азаралда щунусидаса цIикIкIун магIарулас гIумру гьабулеб гьеб Кванхи росу уна Чачаналъул Шарой мухъалда гъорлъе. Гьеб мухъалъул нухмалъулев хисулей Лейла Муцаговалъ гьадинаб баян кьуна Рамазан Жалалдиновасул видеохитIабалъе.

Лейла Муцагова: «Ниж ругьунлъун руго гьесул гIарзазде, амма гьаб нухалда гьесул ирга Путиниде щвезехъин букIин лъалароанха. Щибаб гьесул гIарзалда хурхун цIех-рех гьабизе лъай кьеялъулги, миллияб политикаялъулги, цогидаб министерлъиялдасаги комиссиял рачIуна нижер мухъалде. Амма щибаб нухалда мухIканлъи батуларо. Кквезе хIужа щоларо кодобе. Гьес абула школалда ахIвал-хIал квеш бугин, лъицаяли ришват босулеб бугин, амма чIванкъотIараб хIужа бихьизабуларо. Дида гьев лъалелдаса 13 сон буго. Гьебщинаб мехалда дагIбадилаго ана гьесул гIумру. Живго вихьизавизениги бокьун батилаха гьесие. Масала, магIарулал рукIиналъ кIвар кьолеб гьечIин жидер росдадеян Жалалдиновас абизе ккани, нижер мухъалда хъулухъазда ругел гIадамазул 60 процентниги ккола Кванхиса чагIазул.

ЦIадал ран ккараб зарал бецIизе пачалихалъ кьолеб гIарац хIакимзабазе ришват гъоркь течIого кьоларин гьес абиги буго гьереси. Гьединго магIарулал рукIиналъ гьезул росу махIрум гьабун бугин гьеб компенсациялдасайин абизе кканиги, гьев живго гьесул хъизанги буго гурищ сияхIалда? Москваялдегицин анин гьеб битIун».

Кин букIаниги, цо-цо блогераз хъвалеб буго интернеталде гьеб видеохитIаб рехаралдаса Жалалдиновасул гIумруялъе хIинкъи бугилан. ЭР-ялъ телефоналдасан бухьен гьабураб мехалда Рамазан Жалалдинов Москваялдаса журналисталъ гьарун, МахIачхъалаялде вачIун ватана. ХIакъикъаталдаги ругин жиндие хIинкъаби кьолел чагIи, гьез жив чанцIулго вухунги, жанив тIамунги вукIанин, амма жив гьезукьа хIинкъуларин жаваб кьуна Жалалдиновас. ЧIвазе ватанигицин, дой журналисталъул къваригIелги тIубан, талат къоялъ, ай 26 апрелалда, рокъове, Кванхиве ине вугила.

XS
SM
MD
LG