МагъчIваялъе рес

КIусур росдал "балагьал" энергетиказда "рихьичIого" хутIун руго


КIиго соналда жаниб Дагъистаналъул бетIерасул тIадкъай тIубазабичIолъиялъ энергокомпания тамихIалде цIайин хитIаб гьабуна прокуратураялде Халкъияб мажлисалъул депутат Фикрет Ражабовас. Гьеб букIана 28 январалда республикаялъул парламенталъ сессия тIобитIулеб мех.

Фикрет Ражабовас мухIканго бицана республикаялъул тIалъиялъул комиссиялъ гьал къоязда Рутул мухъалде гьабураб сапаралъул. МахIачхъалаялдаса бищун рикIкIадаб мухъ ккола гьеб, магIарулазде гIунтIун, анлъго батIияб миллаталъул чагIаз гIумруги гьабулеб. Масала, чIарадисездагун лъаратIисезда релълъараб мацIги бугел гIадамазул росу буго гьениб Кусур абун. Гьаб ракь хасало кIиго моцIалъ тун бугин гьеб росу канлъиги кьечIогоян бицана ЭР-ялъе Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевас. Рутулалде араб комиссиялда гъорлъ гьевги вукIана.

ГIалибег ГIалиев: «Дагэнергоялъул» цIар хисаниги, халкъалъе гьеб хутIулеб буго «Дагэнерголъун». Гьелъие гIиллалъун кколеб буго гьенире хIалтIизе рачIарал чагIазул чIаголъи гьечIолъи. Гьез жалго лъолел гьечIо дора магIарухъ ругел гIадамазул бакIалда. Цо къоялъгицин канлъи гьечIого хутIани, Путиниде щунги какичIев чи толаро нилъеца. КIиго моцIалъ канлъиги гьечIого жидеца тарал гIадамазул хIисабги гьабун, гьадал энергетиказул ихтияр бугищ халкъалда цере рахъине?

КигIан бокьаниги, ГIабдулатIиповасул (республикаялъул бетIер – ЭР) ихтияр гьечIо «Дагэнергоялъул» нухмалъулев хъулухъалдаса вахъизе. Гьеб буго Москваялъе, Пятигорскалъе мутIигIлъулеб акциячагIазул гIуцIи.

Нижеца Рутул мухъалде цадахъ вачун вукIана гьеб компаниялъул вакил. Гьес дора кьоелл рукIарал жавабал рихьизе бокьилаан. ТIубанго ракI буссана энергокомпаниялдаса. Чубайсил гIайиб бугила Рутулалда канлъи гьечIолъи. Чубайс Росэнергоялдаса нахъе ун кигIан заман бугеб, гьедин батани, нужги гьесул тIанчIи ругин абуна дица гьесда. МагIарухъ бугеб мискинаб халкъалда цебе щиб бицине рачIарал чагIийин нуж.

Гьел чагIаз абулеб буго хIубал кьейин жидехъе, жидецаго бачинин гьенибе канлъи. Гьезда сверухъ ревизия гьабуни, кигIан гIарацдай гьез бикъун батила? I960-I970 соназдаса нахъе хисичIел хIубал руго дора жеги. Амма документазда хъван батула некIого хисанин гьелилан».

Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула гьеб Рутул мухъалда гьитIинаб ункъо электростанция бугеблъиги. Амма жиндир заманалда пачалихъалъул гIарац тIокI гьабизе къваригIиналъ рарал гьел гьанже хIалтIулел гьечIилан бицана ЭР-ялъе ГЭСаздехун бухьен бугев чияс. Гьединго республикаялда гIемер ругила жидецаго гIисинал электростанциял разе бокьарал бизнесменал. Амма ГЭСазда тIад монополия гьабизе бокьарал идарабаз гьезие квалквал гьабулеб бугила.

XS
SM
MD
LG