МагъчIваялъе рес

Нажмудин Самурский тушман ккола Гиничукь росдал жамагIаталъеги


ВКП(б)ялъул Дагъистаналъул Обкомалъул вукIарав тIоцевесев секретарь Нажмудин Самурскиясе монумент лъезе республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас гьабураб хIукмуялда дандечIун руго Хунзахъ мухъалъул Гиничукь росдал жамагIат.

1921 соналъ Самурскиясул буюрухъалда рекъон, багIараскарияз гьезул росдал гIемерав чи чIван вуго. Гьединаб вахIшилъи гьабурав гIаштIичи ракIалдещвезави гьеб кколин жидер росу къабихI гьабийилан абулеб буго гьез ГIабдулатIиповасухъе гьабураб хитIабалда.

1934-1937 соназда Дагъистаналъул обкопартиялъул вукIарав тIоцевесев секретарь Нажмудин Самурскиясе МахIачхъалаялда монумент лъезе Рамазан ГIабдулатIиповас хIукму гьабун бугин рагIидал, гьесухъе хитIаб гьабураб кагъат хъван буго Хунзахъ мухъалъул Гиничукь росдал жамагIаталъ. ЦIидасан нижеда цебе чIанин гьев нажасасул нухмалъиялда гъоркь 1921 соналъул февраль моцIалъул ахириял къояз щибго мунагь гьечIеб нижер росдае гьабураб балагьилан хъвалеб буго гьез.

Гьел къоязде швезегIан Гиничукь росу букIун буго рес рекъараб жамагIаталъ гIумру гьабулеб узданаб росу. Нусиялда анцIго хъизаналъ метер хвеледухъ динги гьабулеб ва кидаго хвеларедухъ гIумруги гьабулел гIадамазул росу. Доб заманаялъ Гиничукь вукIана хIеж борхарав ва округалдаго машгьурав 19 гIалимчи. ХIуригаталъул заманалдаги гьел рукIана я «хъахIаб», я «багIараб» рахъалде гьетIичIел.

1921 соналъ чIварал Гиничукь росдал гIадамазе монумент
1921 соналъ чIварал Гиничукь росдал гIадамазе монумент

ТIадмагIарухъ советияб низам цIунизеян Серго Орджоникидзел пикруялда рекъон гIуцIараб, «ударная группа», - ян цIар лъураб 11-абилеб армиялъул ва Кремлиялъул курсантаздасан гIуцIараб аскар, А. Тодорскиясул ва Дагъистаналъул тIолалго партизаназул командир Нажмудин Панахович Эфендиев-Самурскиясул бетIерлъиялда Гъуниса Хунзахъе къватIибе бахъуна. Къорода росулъе щвейдал гьенир цо-цо гIадамалги чIван, гьениб цIияб низамги чIезабун гьел щола Уздалросулъе.

Росулъ батарабщинаб боцIиги бахъун, гьезул 10 бихьинчиги нух бихьизабизеян гъоркьлъалие цадахъ рачун, Хунзахъе балагьун къватIире рахъуна. ЧIина мегIералъул борхалъуде щведал киналго гъоркьлъалие рачарал уздалросулъелги чIван, ГIараниб хъаладухъ рещтIуна. Гьедин хъвалеб буго жамагIаталъул цIаралдаса Гиничукьа НурмухIамадов МухIамадица гьеб хитIабалда.

Кванил нигIматалги лъугIун, ракъиялъ хIамузулги гьабзазулги гьан квиналде ккарал багIаразул солдаталги къойилго щолел рукIун руго аскIобго бугеб Гиничукь росулъе кванил нигIматазда хадур. ТIанусиб штабги лъун ругел ХIоцоса Нажмудинилаздаса жалго цIунизеян «ударная группаялъулаз» Гиничукь росулъ гIуцIула постги.

Посталда багIаразул анлъго солдатги толев вукIун вуго. Рогьалил как ахIиялдаго цадахъ ГIарани хъалаялъусан росулъе кьвагьдолел гIарадабазул гулби бакI-бакIалда рихъулел гьаркьаз, гинчал жидерго рагъабахъе кIанцIула. Гьенир росда цебе магъилъ кьералъ чIарал солдатаз гIадамал чIвазе байбихьула. Цинги росулъе жаниреги рачIун, вакъфуялъул бакIалдеги рачун, хабзалазул къадазда цереги рачун чIвала. Цо-цоялин абуни гогьал командирабаз копоего гIадин хвалчабаз ва тункIил хIарабаз рорлъ ролъун хвезарула.

Гиничукь росулъа Исабгьиев Исбагьица «Эркенлъи» радиоялъе бицунеб буго гьеб талихIкъосараб къоялъ жиндирго гIагарлъиялъул чагIи чIварал куцалъул хIакъалъулъ.

Исбагьиев Исбагьи: «Инсуца бицунаан жив вукIанила 5-6 сон барав чи. Рокъор рукIанила живги, эбелги, 74 сон барав, канлъи бихьуларев кIудаэменги вукIанила какикьжоялда. Радакь мех букIанила, цо кьвагьи бахъанила рагьдухъ, хадуб тIатIалаго кIиго нухалъ кьвагьун бачIанила жидер нуцIилъ.

Гьеб кьвагьараб цо гуллаги щун киниялда къвалги бан йикIарай жиндир эбел чIванила тIоцее, чIичIидизе киниялда бущараб лъимерги лъугьанила. Цогидаб гуллаги щун лъукъун вуго какикьжоялда вукIарав кIудаэменги. Гьес абунила, жиндаго гъоркье ккун бугеб гьаб бох бахъизе кумек гьабеян.

Амма жинда кIвечIила гьеб бахъизе. Гьелдаса хадув кIудаэменги хун вуго. Дир эменги, гьесул гьитIинав вацги, яцги, киниялда бущун букIараб лъимерги бачун мадугьалихъе тIурун руго. КъотIнор бакIа-бакIалда рукIанила чIварал гIадамазул жаназаби. Херав, гIолохъанав батIа гьавичIого чIвалел рукIанила гьел большевиказ.

Лъабго къоялъ букIун буго гьез гьеб чIвай-хъвей гьабулеб росулъ. Н. Самурскияс бетIерлъи гьабулеб хъаладухъ рукIарал аскарияз сверун ккун букIун буго росу. ТIубараб росуго Совет хIукуматалда дандечIараб бугилан бугьтанги лъун, цересан чIвалел рукIун руго гьев вахIшияв чиясул буюрухъалда рекъон дир росуцоял. 15 соналдаса тIадехун ругел 70 гIанасев бихьинчиги, микьго чIужугIаданги».

КIиго къоялда жанир 61 бихьинчи ва 10 чIужугIадан чIвала. ЧIваразда гъорлъ руго 13 соналдаса 97 соналъул гIумруялде щвезегIан рукIарал чагIи. Гьезул ункъояв сурав босизеян ГIарани хъаладухъеги рачун чIагого 70 метраялъул борхалъиялдаса ЦIолбокь кIкIалахъе рехула. Жиндир гьезда речIчIун гIадада хвезабизегIан патронал гьечIин абун, солдатал ритIула гьел гъоркье рехизе Нажмудин Самурскияс.

«ТIубараб анкьица рукIун руго хварал чагIи рукъулел. ЦIорораб хасалил заманги букIун, хоб бухъизе росулъ бихьинчиги хутIичIого, мадугьалихъ росабалъа рачIарал чагIаз хабзалазул къедги бичун, гьениб вацлъиялъулаб хобги гьабун тIад букIараб ратIлъилъго рукъун руго киналго», - ян бицана Исбагьиев Ибагьица хадубги.

Нахъе хутIарал Гиничукь росдал жамагIаталъул чагIи рачун руго аскIобго бугеб БакьагьечIи росулъе ва рес бугевщинав чияс жидерго рокъор хьихьун руго гьел. ТIубараб анлъго моцIица гьезул цо гIаданги гIагараб росулъе къазе риччан гьечIо багIараб армиялъул аскарияз. Жалго абуни щибаб рокъоре раккун гьениб, батараб гIарац меседалде гIунтун кинабго магIишат талавур гьабулел, гIанкIу хIелеколя бахъараб гIи-боцIи хъвехъун, гьелъул гьанги белъа-бежун, жидеего бокьадухъе пасалъи гьабулел рукIун руго росулъ

Хадусеб кIиго соналда жаниб гинчадерил 60 чIужугIадан ва лъимер хола ракьуца ва батIи-батIиял унтабаз.

Гьединаб вахIшилъи жидер росулъ гьабурав гIаштIичи, Нажмудин Самурскиясе монумент лъезе гьабураб хIукмуялда кининха жал разилъилелилан гьикъулеб буго Исбагьиев Исбагьица.

Исбагьиев Исбагьи: «ГIисинлъималги бесдал гьарун, гьебгощинаб пасалъи нижер росулъ гьабурав чиясул гьанже бахIарчи гьавизехъин рагIулаха. Гьарун ратизеги бегьила гьес лъикIал ишал хадур, амма нижер росулъ гьес жужахI рештIинабун букIана чанго къоялъ. Щибниги диван гьабичIого, цIех-рехцин тIобитIичIого цересан чIван рана гьес гIадамал. Дунги дир гIагарлъиги бесдал гьабурав гьев чиясе монумент лъеялъул рахъ кин дица кколеб? Киданиги разилъуларо дун гьелда!»

«ГIемер миллатазул Дагъистаналъул цогояб халкъ» абураб лозунг нилъер батани, кинаб цолъи букIинеб цо миллаталъулазе бидулав тушман цогидаб миллаталъул миллияв бахIарчи ватани?», - ян гьикъулеб буго Гиничукь росдал жамагIаталъ ГIабдулатIиповасухъе хъвараб хитIабалда.

Нажмудин Самурскиясе памятник лъеялъул суал 10 соналъ цебеги борхун букIана Дагъистаналда, амма халкъалъ гьеб нахъчIван букIун буго.

XS
SM
MD
LG