МагъчIваялъе рес

Цо-цоязни бесдаллъиялдасацин пайда босулеб рагIула...


Россиялъул регионазда гьоркьоб гIицIго Дагъистаналда ва Чачаналда гьечIо хьихьизе рачарал лъималазул эбел-инсул школа. Гьебин абуни кколеб буго федералияб къанун хвезаби.

ГьабсагIаталда МахIачхъалаялда буго лъималал хьихьизе рачине иргаялда чIараб 500 хъизан. Амма социалиял хъулухъчагIаз квалквалал гьарулел руго лъимал кьезе.

2015 соналъул 1 сентябралдаса байбихьун Россиялда букIине кколароан Лъималазул цониги рукъ. Гьедин тIалаб гьабулеб буго федералияб къануналъ. Гьел рукъзал сверизаризе кколел руго батIи-батIиял центразде – реабилитациялъул центразде, заманаялъ лъимал хьихьулел приютазде.

Амма Дагъистаналда гьелъул сан гьабулеб гьечIо. Ай, ичIго рукъалда гьоркьоб жеги лъабго рукъ хутIун буго. Масала, МахIачхъалаялда буго гьединаб рукъ. Амма гьелъулъ кинабгIаги хIажалъи гьечIин рикIкIунеб буго Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу ва журналист Лейла ХIамзатовалъ.

Цин бугони, чанго моцIалъ цебе гьениб букIанин 18 лъимер. Гьезул анкьго-микьгогIан лъимер хьихьизеги бачун анин гIадамазин бицана ЭР-ялъе Лейла ХIамзатовалъ. Гьеб мехалда анцIгогIан лъимер хьихьизе кIалгIа гIанасеб Лъималазул рукъ щибизейила.

Лейла гIемер щола гьединал рукъзабахъе. Гъоркьисала хьихьизе ячана Волгоградалдаса эбел-инсул яс. Гьелда тIаде цойги лъимер бачине хIадурай йиго Лейла. Амма гьелъие квалквал гьарулел руго хIакимзабаз. Щайин абуни гьел хIинкъулел ругила гIадамаз лъималги хьихьизе рачун ун, жал хIалтIиги гьечIого хутIилилан. ТIадежоялъе пачалихъалъ щибаб лъимералда тIад харж гьабулеб буго гIезегIан гIарац.

Гьелда бан гьаниб рехсезе бегьула гьадинаб тарихги. ЭР-лдасан жиндирго цIар бицине бокьичIев социалияв хъулухъчияс абуна МахIачхъалаялда 500 хъизан бугин хьихьизе лъимер бачине иргаялда чIун. Гьел хIадур ругин унтаралгицин лъимал рачине. Амма пачалихъиял хъулухъчагIаз багьа-багьанаби ратун, иргаялда чIезарун ругин чанго соназ.

Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда буго щуазарго лъимер – бесдалалги, эбел-эмен чIаго рукIаниги, гьезул кверщаликь гьечIелги, гIажизал рукIун Лъималазул рукъазабахъе щвезаруралги лъимал.

Гьедин Дагъистаналдаса лъимер бачине рес рекъечIел чагIаз Россиялъул цогидал регионазде гьабулеб буго хитIаб. Амма Дагъистаналдаса рукIин лъайдал, гьезие инкар гьабулеб буго. Щайин абуни, Россиялъул регионазда гьоркьоб гIицIго Чачаналдагун Дагъистаналда рагIуларо хьихьизе лъимал рачунел эбел-инсул школал. 2012 соналъул сентябралдаса байбихьун билълъанхъизабулеб къанун ккола Россиялда гьеб. Лъимал хьихьизе рачунел чагIаз кьезе ккола экзамен.

Гьезул хал гьабула психологалги цогидалги. Щайин абуни бокьа-бокьарав чиясухъе хьихьизе лъимер кьуни, хIасил квешаб ккезе рес буго. Масала, гьел чагIи ратизе бегьула педофилал, зулмучагIи, яги унголъунги лъимал хьихьизе рес гьечIел чагIи. Гьедин чанги хIужаби руго хьихьизеги рачун гIадамаз лъимал цIидасанго Лъималазул рокъоре тIадруссинарурал.

Щайин абуни, гьезул цо-цоял унтарал ратун. Гьедин тIадюссинаюн йиго дой цеехун рехсарай Лейла ХIамзатовалъ хьихьизе ячарай ясги. Волгоградалдаса гIурусазул яс ячун йиго дагъистанияз хьихьизе. Амма кIудияй гIунагIан гьелъул гIажизлъи тIатун буго гьезие. Цинги жидее гьединай унтарай яс кIваричIилан, гьез нахъе щвезаюн, гьанже Лейлаца ячун йиго гьей.

ПалхIасил, гьединалги гьезда релълъаралги хIужаби тIатинарула доб лъимал хьихьизе рачунеб эбел-инсул школалъ.

Чачаналда гьеб гьечIо гьениб Лъималазул цониги рукъ гьечIолъиялъ. ГIагарлъиялъ рачунги, лъимал чияхъе риччаларо гьезул гIадатазда рекъон. Амма Дагъистаналда гьеб школа гьечIин бакIалъул хIакимзабазул чIаголъи гьечIолъиялъин рикIкIунеб буго цеехун рехсарай Каспийскалдаса жамгIияй хIаракатчIужу ва журналист Лейла ХIамзатовалъ.

Лайла ХIамзатова жиндихъего ячарай ясгун
Лайла ХIамзатова жиндихъего ячарай ясгун

Лейла ХIамзатова: «Дида Москваялда абуна нужер, Дагъистаналъул, хIакимзаби чIун ругин ахирги Россиялъул прокуратура гьеб суалалда гъорлъе лъугьинегIан. Балагьилин цо 2012 соналдаса хадур лъимал хьихьизе рачарал эбел-инсулгун пачалихъалъ гьарурал къотIаби прокуратураялъ хIакъикъиял гуреллъун рикIкIараб мехалда щиб нужераз гьабулебали.

Гьелдени иш ккелареб батила, амма доб школа рагьизегIан лъимал хьихьаралъухъ пачалихъалъ гIадамазе кьолеб гIарцуда махIрум гьаризе бегьула гьел, гьединго тIамизе бегьула щвараб гьеб гIарацги нахъе кьезе. Дие, масала, лъикIаб жойищ гьеб бугеб? Дица лъагIелалъ харж гьабуна хьихьизе ячарай ясалда тIад гьеб гIарац. Киналго чекалги руго. Гьанже дица гьеб кинабго нахъбуссинабизе кколеб буго нилъер хIакимзабазул гъалатIазе гIоло.

Республикаялъул лъай кьеялъул министерлъиялдаги борхана дица гьеб суал. Гьа, щибниги букIине батиларинги абун, тIаса ккезаюна дун. Прокуратура гъорлъе лъугьунищали бихьизегIан чIечIого, федералияб къануналда данде ккезабизе ккеларищ республикаялъул къанун?»

Кин букIаниги, пачалихъиял хъулухъчагIазда бан течIого, гьеб суал тIубазе жамгIияй хIаракатчIужу хIисабалда жинцаго тIаде босизе документал хIадурулей йиго Лейла ХIамзатова.

XS
SM
MD
LG