МагъчIваялъе рес

Бесдаллъимал: политикаялъ гъоркьлъалие росарал


Америкаялъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазе гьукъизехъин буго жидер улкаялде рачIине. Гьелъие гIоло халкъалъул пикру лъазелъун гьанжеялдего гьениб бакIарун буго 25 азарго гъулбас. Гьаракь кьезе ихтияр буго гIумрудул 13 сон баралдаса нахъе. Россиялъ лъазабулеб буго гьелдаго релълъараб хIукму жидецаги гьабилилан.

Гьелъие гIоло халкъалъул пикру лъазелъун гьанжеялдего гьениб бакIарун буго 25 азарго гъулбас. Гьаракь кьезе ихтияр буго гIумрудул 13 сон баралдаса нахъе. Россиялъ лъазабулеб буго гьелдаго релълъараб хIукму жидецаги гьабилилан. Америкаялъ Россиялъул депутатал жидехъего риччангутIиялда бараб хIукму бижиялъе гIиллалъун ккана дагьалъ церегIан къояз гьез къабул гьабураб къанун.

Гьанжеялдаса нахъе Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса гIадамазе изну гьечIо Россиялдаса бесдалал ва гIажизал лъимал хьихьизе рачине. Гьелъие гIиллалъун депутатаз бихьизабулеб буго гьеб улкаялдаса гIадамаз гьел лъимал тIалаб-агъаз гьечIого рехун толел, кьабулел, хвезарулел рукIин. Масала, 2008 соналда гьединаб хIужа ккана Дима Яковлев абурав васасул. Гьалараб бакъукь ичIго сагIаталъ автомобилалъув жанивги тун, гьитIинав Дима хIухьелги къотIун хванин хъвалеб букIана журналистаз.

Кабира, Дагъистаналдаса даранчIужу: "Дица рикIкIуна битIун кьезе гьечIин нилъер лъимал дозухъе хьихьизе. ТIаса-масагояб бербалагьи буго дозул. Унха, бихьуларищ ичIго сагIаталъ лъимер автомобилалъуб кIочон тун дов чиясда. Жиндирго лъимер букIарабани кIоченаандай гьесда гьеб, толароан!".

Пачалихъияб Думаялдаса депутатаз абулеб буго гьединал хIужаби гIемер ругин Америкаялда. Гьединлъидал Россиялъул лъимал Россиялда тун лъиикIилан. Амма гьеб къануналъ гIезегIан разилъи гьечIолъи бижизабуна Америкаялда гуребги, жибго Россиялдаги. Эркеналин рикIкIуна Россиялъул Рен, НТВ, ва цогидал телеканалаздасан рихьизаруна америкаялъулаз хьихьизе рачарал гъеж-квер тIурал, гIадалнахуе жагъаллъи бугел Россиялъул бесдал лъимал. Гьезул цо-цоял рахъун руго чемпионаллъун, кечI-бакъан хъвалел чагIилъун, яги Джон Лахуцки гIадин машгьурал хъвадарухъабилъун. Гьединлъидал лъимал хьихьизе рачарал чагIазул улка-ракьалда, яги гьесул миллаталда бараб жо гьениб щибниги гьечIин, гIицIго гьесул хасияталда гурониян рикIкIунеб буго Шамил мухъалдаса Ибрагьимил ГIайшатица. Лъимал кьабиялъул ратаниги, цогидал гIунгутIабазул ратаниги масъалаби ругила дораги анирги батIалъи гьечIого.

Ибрагьимил ГIайшат: "Дозул тохтурзабаз гьел лъимал сах гьариялда хурхарал гIезегIан мисалалги руго гурищ. Гьаниса доре рачун арал лъималазда хадуб халкквезе ккела хIукуматалъ, амма тIубанго гьел хьихьизе рачине гьукъи, гьезул талихIалъе нух къай мекъаб буго. Щайгурелъул унтараб лъимер хъизаналда гъорлъе кколеб буго, сах гьабулеб буго... Нилъер гьанирги руго гьединал лъимал холел, кьабулел мисалал".

МахIачхъалаялдаса юрист Сулейманов Сулейманица ЭР-ялъе абуна мекъал жал гьарулел ругин кIиябго рахъалъан.

Сулейман, юрист: "Лъимал гьадинги бесдал хутIун руго, лъица рачаниги лъикI гьечIищ гьезие? Америкаялъ рачаниги, цогидаз рачаниги... Цогидал улкабазде риччалел гьел Америкаялде рачине щай риччаларел? Гьел депутатазда дагIба балеб бугони, халкъалда гьикъунищ Магнитскиясул къанун бахъараб дозги? Гьединлъидал долги ритIарал гьечIо... Гьеб буго политика. Къануназул рагъин абула гьелда. Юриспруденциялъул рахъалъ, гьелъие кьучI гьечIо, логика гьечIо... Гьеб кинабго буго ГIагарб Бакъбаккул рахъалда бараб суал.

Бицен гьабулеб къанун Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ хас гьабун гьанже рахъун къабул гьабиялъул магIна Америкаялъ къабул гьабураб Магнитскиясул къануналда хурхинабулеб буго цо къокъаялъ. Гьелдалъун депутатаз Америкаялда бецIулеб бугила. Гьанже Россиялда гIемерисел халккун чIун руго президент Путиница гьелда гъоркь гъулбас лъей-лъунгутIиялъухъ. Гьал къоязда журналистазулгун букIараб пресс-конференциялда гьес тасдикъ гьабуна жиндирго разилъи. Магнитскиясул къанун бахъарал сенаторазда тIадрекъей президент Барак Обамаца загьир гьабураб мехалда жиндирищдила гьечIеб гьединаб ихтияр.
XS
SM
MD
LG