МагъчIваялъе рес

Щай прокурорасеги диванчиясеги рекIее гIоларей Елена Денисенко?


Елена Денисенко, адвокат
Елена Денисенко, адвокат

Адвокат ва Инсанасул ихтиярал цIунулей Елена Денисенкоца низам цIунулел идарабазул адаб гьабулеб гьечIин, гьелъ жал интернеталда хъварал баяназдалъун хIакъир гьарулел ругин, абураб гIарз гьабулеб буго Гъизляралъул прокурорас ва диванчияс. Денисенкоца абулеб буго ахирисезул гIарз хурхараб бугин жидецаго къанунал хвезарулел рукIиналде жинца кIвар буссинабулеб букIиналдайин.

Адвокат Елена Денисенкода тIасан Гъизляралъул федералив диванчияс ва шагьаралъул прокурорас гьей гъорлъе унеб Краснодаралъул адвокатазул палатаялде гIарза хъван буго. Адвокаталъ гьеб бухьинабулеб буго гьелъ цIунулев вукIарав МухIамадов Имангъазалил ишалда.

Гъоркьисалал июналда Гъизляр мухъалда хасаб операция тIобитIулеб мехалда Шаумян росулъа МухIамадов Имангъазали ккун вукIана низам цIунулез. Гьес изну гьечIого ярагъ цIунун бугила, наркотила ратанила гьесул рокъойилан, гьес «рохьилазе» кумек гьабулеб бугин абун гIайиб гIантIизабун букIана цIех-рехаалъул идарааялъ. Гьесу л ихтиярал цIунулей Денисенкоца цебеги чанцIулго лъазабун букIана гьесда гIайиб гьечIилан ва хасал идарабаз жидецаго реххун ругила гьесул рокъоре наркотикалги.

Гьединго гьеб ишалъул цIех-рех гьабулеб мехалда гьел идарабаз риччарал гъалатIазулги, жанив тIамураб бакIалда МухIамадов квешаб хIалалъ вухун вукIиналъул, гьесие букIине кколеб медицинаялъул кумек гьабунгутIиялъул, гьесухъе заманалда адвокат ва инсанасул ихтиярал риччангутIиялъул хIакъалъулъ Денисенкоца чанги лъазабун букIана, гьелда тIасан гIарзалги хъван рукIан гьелъ. Гьединго Имангъазалида гIайиб чIезабулеб цониги кьучIаб далил гьечIин абулеб букIана гьелъ. Гьеб киналъулго жиндица диваналдаги абураб мехалда диванчи ва прокурор жинде тIаделъанин бицана адвокаталъ «Эркенлъи» радиоялъ.

Елена Денисенко : «МухIамадовасе хIукму къотIулеб мехалда диванчияс дида тIасан гьес хъвараб гIарзаги цIалана. Гьединго кIиго цIех-рехчиясда тIасанги хъван буго гьес гIарза, щай гурелъул дица цIех-рехалъул хIалтIи гьабулаго риччарал гъалатIал рихьизарун рукIиндал чанцIулго. Гьездасан гIарза ургъунго дица гIемер ахIи бахъинабичIого букIине хъвараб жо буго. Цо заманалдасан гьеб тIагIуна, гьединал хIужабиги чанги рукIуна. Гьединго дида тIасан цойги цIех-рехчиясги хъван батана гIарза, дица бегьуларел документал тIалаб гьарулел рукIанилан. Гьеб буго гьереси, бегьулареб жо дица щибниги тIалаб гьабулеб букIинчIо. Гьединго диванчияс лъазабуна дица гьел полициялъулал такъсирчагIи ругин, гьел киналго чIвалел рукIин битIараб жо бугин лъазабун бугила. Гьелъие далилалги ругилан».

Адвокаталъ абуна диванчияс хъвараб гьеб гIарзаялда рехсон бугила гьелъ диванчиясул адаб тарал жал абунила, данделъабазда гIадлу хвезабунила, прокурорги диванчиги цоцаде гьусизе хIал бихьанилан. Гьеб гIарзалда гъоркь прокурорасги гъулбасун бугин бицана гьелъ. Гьеб гIарзалда рехсараб кинабго жо гьереси бугила, гьедин букIин чIезабизе кIолила жиндидайилан бицана адвокаталъ. Денисенкол рагIабазда рекъон щибаб диваналъул данделъиялъул запись гьабун буго гьелъ диктофоналда, гьединлъидал жиндица гьеб гIарзалда данде жо хъвачIого теларилан бицана гьелъ.

Елена Денисенко: «Дица тIадецуй гьабулеб букIанила диваналдейин хъван батана гьес, амма дица гьесде гуреб гьес дидеха тIадецуй гьабулеб букIараб. Диваналъул тIоцебесеб данделъиялдаса нахъего гьев лъугьун вукIана дие хIалтIизе квалквал гьабизе. Щибаб дир рагIиялде данде чIун, дир цохIониги тIалабги тIубачIо гьес. Гьединго жиндица дуда тIасан гIарз хъвазе бугила, мун тIокIай хIалтIун бажарулареб хIал гьабизе бугин лъугьун вукIана диванчи. Дуца тIадецуй гьабулеб бугин диде, дие хIинкъаби кьолел ругилан диванчиясда абураб мехалда, гьеб рагIи баккизего течIого гьес. Гьединищила хIинкъаби кьолелинги абун дун гIадхочI гьайизе лъугьана».

Гьединго Денисенкоца бицана Имангъазали МухIамадовасул иш жинца бачине лъугьун хадуб жий цо кинабалиго чIегIераб сияхIалде йосун йигин лъазабунила Краснодаралъул ФСБялъилан.

Денисенко Елена: «Ставрополь икълималъулги Дагъистаналъулги гIорхъода дун автобусалъуса къватIие яхъинаюна ва Краснодаралъул ФСБялъ дир цIех-рех гьабулеб бугин лъазабуна гIорхъаби цIунулез. Гьезул рагIабазда рекъон дун цо кинабалиго чIегIераб сияхIалде йосун рагIула, щиб сияхI гьебалиги лъицаниги мухIкан гьабичIо. Гьел гIажаиблъун рукIана дун адвокат йикIин лъараб мехалда. ГIорхъаби цIунулезда дун гьей йикIинцин лъалеб букIун гьечIо.

Дун щибаб анкьица гIадин уна Краснодаралде, амма Имамгъазалил ихтиярал цIунизе лъугьараб мехалда гурони дун гьел хасал идарабазде ракIалде щвечIо. Гьединго гьеб иш бачине лъугьараб мехалда батIи – батIиял суалалги кьун Краснодаралъул экстремизималде данде чIараб централъул вакилзабиги кIалъалел рукIана диде».

Гьеб гIарзалде данде жо хъвазе бугила жиндица гIагараб заманалда, гьединго гьев Имамгъазали МухIамадовасе диваналъ 7 сон туснахъалъул кьеялда тIасанги гIарз хъванила жиндицайин бицана адвокаталъ. Жеги гьеб гIарзалъул хал гьабун гьечIо диваналъ.

XS
SM
MD
LG