МагъчIваялъе рес

Росабалъ культура "бесдаллъиялде" ккезабулеб буго


Росабалъ культура цебетIезабизе жидее кIудияб квалквал 131 федералияб къануналъ гьабулин ахIи буго Дагъистаналъул культураялъул идарабазул хIалтIухъабазул.

Гьелъул магIна ккола пуланаб мухъалъул администрациялда цебе гIуцIараб культураялъул бутIаялъухъа нахъеги рачун, росабазул клубал росабазул администрациязухъе, бегавулзабазул тIалабалде кьун ругин абураб. Цинги гьел бегавулзабазги бокьа-бокьараб гьабулеб бугин пачалихъалъ культураялъе биччараб гIарцудаян абулеб буго ЭР-ялъ гара-чIвари гьабурав ХIажиев Темирханица. Гьев ккола ЦIумада мухъалъул культураялъул бутIаялъул нухмалъулев.

Темирхан ХIажиев: «Росабалъ ругел бегавулзабазе тIири къварилъи гьечIо гьел культураялъул идараби хIалтIаниги хIалтIичIониги. Щайгурелъул гьезухъ гIарац бачIараб гIолеб бугелъул гьезие. Амма гьеб гIарцуде щибниги жо босулеб гьечIо гьез – инструментал, къайи-цIа. Щибаб соналъ цо-цо инструментгIаги босулеб букIарабани гьез…».

ЭР: «Щибха цинги гьеб культураялъе биччараб гIарцуда бакIалъул нухмалъулез гьабулеб бугеб?»

Темирхан ХIажиев: «Художествоялъулав нухмалъулев абун хъулухъалда толев вуго жиндирго вацгIал вукIа, цинагIал вукIа, яцгIалалъул вас вукIа – цеве ккарав чи. ХIакъикъаталда абуни гьел рукIуна лъим бачине, яги нухал къачIазе тарал чагIи. Масала, КIванада росдал бегавулгун дагIбадулев вукIана дун. Гьес абуна жидее къваригIараб жо гурила гьеб культура. Пачалихъалъул гIарац щвезелъун толев вугила жиндица гьенив цониги чи. Гьес бачине кколила лъим, къачIазе кколила нухал…»

ЭР: «Бегавуласул хIалтIи гурищ гьеб?»

Темирхан ХIажиев: «Бугоха… Гьес хъулухъалда тарав «культураялъул» хIалтIухъанасги гьабулеб руго росдал магIишат рукIалиде бачиналъул хIалтIи».

ЭР: «Нужер ЦIумада мухъалда гIемер руго диналда тIадчIарал гIадамал. Гьеб рахъалъги культураялде тIадецуй букIунеб батила?».

Темирхан ХIажиев: «Буго. КIванада, Лъондода, Хуштада батаниги – гьечIо росдал клубал. Хвезаруна гьел. Бакъан-квар биччалеб гьечIо, машинаялда жанибгицин биччалеб гьечIо… Гьединаб ахIвал-хIал буго киналго мухъазда».

Темирхан ХIажиевас бицараб тасдикъ гьабулеб буго ЭР-ялъе ЧIарада мухъалъул культураялъул бутIаялъул нухмалъулей Рашидат ГIалиасхIабовалъги. Росабалъ ругел клубазул хIалтIухъабазул лъаялъул даража борхизабизе къваригIун жал гьоркьор кIалъазе бегьулеб гьечIила бегавулзабазе.

Рашидат ГIалиасхIабова: «Руго бегавулзаби жидее бокьун гьечIин гьел клубазул иш тIубазе, нужехъего росейин гьелилан нижеда абулелги. Амма гIемеризесе бокьун гьечIоха гьел нахъе кьезе. Гьедин гьабуни, бакIалъул бутIрул махIрумлъула бюджеталдасан клубазе биччараб гIарцудаса. Цо ставкаялда хIалтIизе кколев культураялъул чиги бащдаб ставкаялде вачун, хутIараб ставкаялъул гIарац жидеего бокьараб бакIалде биччалеб буго бегавулзабаз. Гьединаб ихтияр кьун бугоха гьезие. Жидер росулъ щиб къваригIел батаниги, гьенибе хIалтIизабеян абулеб буго гьезда гьеб.

Республикаялда киналго тIаделъун кIвана киналго библиотекаби централизованнияб системаялде рачине. КъваригIун буго гьединабго жо клубазеги гьабизе. Гурони щибгIаги цIияб хабарги эзда лъаларо, информацияги эзухъе щоларо. Цебе нижеца моцIида жаниб цо нухалъгIаги семинар тIобитIулаан, цоцазул хIалбихьи гIахьал гьабулаан. Гьаб ахирияб чанго соналъин абуни гьеб хIалтIи чIун хутIун буго. Республикаялъул даражаялъул тадбиразда гIахьаллъула ниж – гIицIго централъул хIалтIухъаби. Амма росабазул хIалтIухъаби гьенире рачине нижеда кIолеб гьечIо».

ЭР: «РикIкIада росаби гьединго хутIулел ратилаха…»

Рашидат ГIалиасхIабова: «Гуро, рикIкIада гьечIо гьечIо, кидаго нижеда аскIорги рукIана. БакIалъул нухмалъулес абула щайин гьел чагIи нужеца данделъабазде ахIизе кколел. Дир гьари бугоха гьел клубазул хIалтIиниги нижехъе кьезе, бюджетни кIваричIин. Кьолеб гьчеIоха гьез гьеб».

Росабалъ культура цебетIезабиялъе федералияб къануналъ квалквал гьаби гуребги, хIакимзабаз ресал ралагьулел гьечIин халкъияб устарчилъи цIунизегиян абураб рахIатхвей буго республикаялда. Масала, дагъистаниял машгьурал рукIана щагIихъабаздалъунги, цIулада месед бегьулел устарзабаздалъунги, гъалайчагIаздалъун ва цогидаздалъун. Гьезул цояв ккола Гумбет мухъалъул ИчичIалиса гIертIазул устар МухIамад Ханакаев.

МухIамад Ханакаев: «Исана цо мугIалимасе гIарацги кьун, гьес малъулеб бугоха лъималазда гьеб махщел. Гурони тIокIаб кверчIвай гьечIоха – я къебелъиялъе хIажатаб къайи-ца босизе гуро, яги цогидаб гуро».

ЭР: «Гьеб махщалил чагIи гIемер хутIун ругищ нижер росулъ?»

МухIамад Ханакаев: «9-10-ниги чи ватила. Амма унголъунги хIалтIулеб цохIо гьев чиясул къебелъи гурони гьечIо. Цебени жиб-жиб рокъоб буккIана гьеб. Гьанже эл гIертIал къваригIарал чагIиги гьечIелъулха».

ЭР: «Унха, гьанже киназго рокъо-рокъобе лъимги бачун, лъадаре щалха унел гIеретIги мугъзада чIван…».

МухIамад Ханакаев: «Нижеразгоцин гьезул бакIалда пластмасс буго хIалтIизабулеб».

ЭР: «Унголъунги гьанже гьел гIертIал жидецаго хIалтIизаризе ратичIониги, гьадинго рокъор лъун рукIинениги росуларо, уйинщ?».

МухIамад Ханакаев: «Жидерго гIадат-жо хвезабичIого букIине цо-цояз умумузул рукIарал гIертIал кьолел руго ригьнаде унел ясазе. БахIарай лъадае ячунелъулги, гьазухъа-дозухъа босун кьола ясалъухъе гIеретI, хадуб нахъеги кьола. Щибизейин гьелилан абулеб буго гIадамаз. Ругелниги гIертIалги гордудаги лъун рукIуна цо-цо чагIазул. Гьанже 9-I0 соналдасан щиб жойин гьеб гIертIал гьарийин гьикъизе батила…».

P. S. 25 марталда МахIачхъалаялда кIодо гьабуна Дагъистаналъул культураялъул министерлъи гIуцIаралдаса 80 сон тIубай.

XS
SM
MD
LG