МагъчIваялъе рес

Гуржиязул чанахъабазул лъалкIал Дагъистаналда рилун руго


Анкьалъ цере Дагъистаналъул мугIрузда тIагIарал Гуржиялдаса чанахъаби ратун гьечIо жеги.

Гьев щуявго чанахъан кколев вуго Гуржиялъул Лагадухъ мухъалда гIумру гьабун рукIарал чагIи. Гьел тIагIун руго 28 декабралда. Гьелдаса нахъе гьезулгун бухьенги къотIун буго. Лагадухъ мухъ буго Дагъистаналъул гIорхъода бугеб бакI. Гьенир гIумру гьабун руго гIемерал дагъистаниялги, гьезда гьоркьор гIемер руго магIарулалги. Амма «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон гьев щуявго чанахъанасда гьоркьор цониги дагъистанияв рагIуларо, гьел киналго кколин гуржиялин бицана Лагадухъ мухъалда имамлъун хIалтIулев дагъистанияв ШагIбаница.

ШагIбан: «Дица ункъо щугониги къо бан букIана Лагадухъ, чанго чияс мавлидалде ахIун вукIана. Гьениб бицунеб букIана тIагIун рагIулин гьел чанахъабиян, дица гьелде цо кIудияб кIварги кьун букIинчIо. Амма дида лъала гьел тIоцебесеб гIазу бараб къоялъго чанаре ун нухги къосун дагъистаналъул рахъалде ккараллъи. Гьел киналго гуржиял рукIана, магIарулал гьезда гъорлъ гьечIо. Гьаваялдасан ва гьединго гIодосанги гьезда хадур ахIуд рахъун гьел ралагьулелги рукIана гIадамаз».

Анкьабилеб январалда социалиял гьиназда хъвалеб букIана Дагъистаналъул гIурхъаби цIунулеб идараялъул хIалтIухъабаз ккун рагIулин гьел чанахъабиян. Амма гьез гьеб баян тасдикъ гьабичIо ва чанахъаби жеги-харги ралагьулел руго.

XS
SM
MD
LG