МагъчIваялъе рес

Хираев НурмухIамад мукIурлъана жинца чанахъаби чIваялъе


МахIачхъала. Май -2012. Иргадулаб теракталда хадуб дагъистаналъул тахшагьаралда унеб буго цIехх-реххчагIазул, криминалистазул гIадатияб хIалтIи.
МахIачхъала. Май -2012. Иргадулаб теракталда хадуб дагъистаналъул тахшагьаралда унеб буго цIехх-реххчагIазул, криминалистазул гIадатияб хIалтIи.

Изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе унев вукIарав Хираев НурмухIамадил историялъул бицунеб макъало бахъана гьал къоязда РГВК телеканалалъул сайталда. Гьелда цадахъ лъураб видеоялда Хираевас бицунеб буго кин жив изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе ккаравали, кинал такъсирал жинца гьаруралила. Видеоялда Хираев НурмухIамад мукΙурлъулев вуго Гъарабудахкент мухъалда щуго чанахъан чIваялда жив гΙахьаллъун вукΙиналда.

КΙиабилеб июналда МахIачхъалаялда тIобитIана хасаб операция. Сверун ккураб минаялда жанив вахчун вукIун вуго Хираев НурмухIамадги. Гьев кверде вачIана.

ЯргъидгΙуцΙарзул кокъаялде гъорлъе гьев ун вуго футболалъул «Салаф-лига» абураб гΙуцΙиялда гΙел цолялгун лъай-хъвай гьабун хадуб.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго: «Хираев НурмухIамад изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кIиго къокъаялде гъорлъе унвелъун вукIана. ТIоцебесеб къокъаялда абулаан «Къадаралъулабилан», кIиабилелда – «МахIачхъалаялъулабилан».

Хираевас бицунеб буго «Кадаралъулаб» абураб ΙΙ чи гъорлъе унеб къокъаялъул нухмалъулевлъун вукIанин Асильдеров Рустамила. Гъарабудахкент мухъалъул рохьазда гьеб къокъа чIараб бакIалде тIадккун вуго щуго чанахъан. Изну гьечIого яргъидгIуцIаразде гъорлъе унез хIукму къотIун буго гьел чIвазе. Хираев НурмухIамадица гьеб хIукму бичIчΙизабулеб буго гьадин: чанахъабаз жал ругел бакI бицине рес букIанин низам цIунулезда. Къокъадул цевехъан Асильдеров Рустамица жиндирго рагъухъабазе буюрухъ кьун буго чанахъаби чIвазе. Гьеб буюрухъ тIубалезда гьоркьов Хираев НурмухIамадги вукIун вуго.

Дагъситаналъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул идараялъул секретарь Баачилов МухIамадица абулеб буго информациялъул цо-цоял алатаз лъазабулеб букIанин чанахъаби хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз чIван ратилин. Баачиловас абуралда рекъон, НурмухIамадовас кьурал баяназдсан бичIулеб буго щал гIайибиял кколелали гьеб такъсиралъулъ.

НурмухIамадов кодов вачIарав мехалда, гьес полициялъулазухъе кьуна цадахъ букIараб ярагъ. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго, Хираевасухъ букIараб автоматалдасан кIиго имам чIван вугин. Гьел такъсиразулъ Хираев гIайибияв вугищали цIех-рех чагIаз лъазабулеб буго.

НурмухΙамадов кверде вачΙиналде ва гьес мукΙурлъиялъул лъазариял гьарулел рукΙиналде кΙвар буссинабулаго, Республикаялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул идараялъ гьанже риккунеб буго официалияб нухмалъиялде «рохьилазул» дандечΙей талхулеб бугилан.

Баачилов МухIамад: «Дида кколеб буго, гьел чагIазда жидедаго бичIчΙулеб бугин данде къеркьеялъ щибго кьезе гьечIеблъи. КIиабизе босани, гьелгун кIалъалел низам цIунулезул хасал хIалтIухъабазул махщел цIикIунеб буго. Гьелъги лъикIал хIасилал кьолел руго.

Хираев НурмухIамадида хурхун цIех-рех гьанжего-гьанже байбихьун бугин абизе бегьула. Гьикъа-бакъиязда гьес киналго суалазе жавабалги кьолел руго. Гьевгун гьабураб цояб гьикъа-бакъиялъухъ балагьани, нужедаго бихьула гьев лъицаниги тIамулев гьечIевлъи баянал кьезе.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел ракълилаб гIумруялде цIаялъе гIуцIараб Комиссиялде гьес гIарза хъвазеги рес буго. Амма гьеб гIарза къабул гьабизе гьечIо цIех-рех лъугьинегIан. Балагьила цогидал кинал такъсирал гьес гьарун ругелали, гьикъа-бакъиязда кинаб гьесул вукIа-вахъин букIинебали. ГIемерисеб жо гьесда жиндаго бараб буго. ХIажалъизе батани, гьесул гIарзадул ххал гьабила изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел ракълилаб гIумруялде цIаялъе гIуцIараб Комиссиялъ».
XS
SM
MD
LG