МагъчIваялъе рес

Элла Панфиловалъ рацIцIадал рищиязде хьулал рижизарулел руго


Гьанже Элла Панфиловалъ нухмалъулеб Централияб рищиязул комиссиялъул тIалабалда рекъон, регионалияб рищиязул комиссиялъ нахъе рахъана Москваялъул хьибилалда бугеб Барвихаялъул рищиял. Гьелъие гIиллалъун лъугьана цебеккун гьаркьал кьолеб мехалда Алексей Навальныясул пишацояз тIатIинарурал гIунгутIиял. Гьеб хIужаялдаса хадуб ракканищ нужер Россиялда ва жибго Дагъистаналда ритIухъал ва эркенал рищиял тIоритIизе бегьиялъул хьулал?​

Дагъистаниязул гьединаб хьул бугищ гьечIищали цIехана «Эркенлъи» радиоялъ МахIачхъалаялдаса батIи-батIиял гIадамазда.

Блогер ва жамагIатчи ХIажиев ХIасанил пикруялда рекъон цохIо нухалда гьеб Барвихаялда рищиял нахъерахъиялъ улкаялда гьел рищиязда хурхун бугеб ахIвал-хIал хисизе гьечIо.

ХIажиев ХIасан: «Гьел рищиял нахърахъун хадуб Навальныясул коррупциялде данде къеркьолеб фондалъул бетIерав юрист Иван Ждановасул рокъобги хIалтIулеб бакIалдаги чIухь бана къуваталъул идарабаз. Кидаялиго армиялде ине инкар гьабиялъухъ гьесда тIад гьабун букIараб такъсиргьабиялъул иш ракIалде щвана гьезда, гьебги кьочIчIое босун гьесда сверун чорокаб, нахъегIанаб информрагъ байбихьана Навальныйги опозицияги данде кколарез.

Панфиловалъ Барвихаялда гьел рищиял нахърахъиялъул щибниги лъикIаб хIасил ккечIо. Навальныясул къокъаялда кIун батила гьелде дагьабниги тIадецуй гьабизе, амма гьебги гIададисеб иш буго. РитIухъал рищиял нилъер улкаялда гьаризе кIола, амма ритIухъал кандидатал гьел рищиязулъ гIахьаллъизе толаро. ТIалъиялъе хIажатал кандидатазе санагIалъиялъе гурони тIоритIуларел ритIухъал рищияз щиб лъикIаб хиса-басиха гьабилеб».

Элла Панфиловалъул хIукмуялъ рищиял рукIине кколедухъ, къануналда рекъон тIоритIилан ва унголъул халкъалъ рищаразе бергьенлъи щвелин абураб хьул гьечIо юрист Абакаров Арсенилги.

Абакаров Арсен: «ТIалъиялъ жидерго административияб рессурс хIалтIизабичIого киданиги толаро. РитIухъал рищиял тIоритIизе кколин абун ахIи-хIурги гьабун, гIадамазда уяб жойин ккезе жал гьаризе гьел лъугьиналъ лъикIаб рахъалде щибниги хисиларо.

Гьез цере гIадин нич гьечIого гьереси бюллетенал реххун, цого чагIи чанцIулго гьаркьал кьезе ритIун гьеб базар гьабичIого тезе бегьула, амма гьеб гьабичIониги жидеего данде кковухъе рищиязул хIасилал рекъезаризе рес букIуна гьезул.

Гьединлъидал ритIухъал рищиял тIоритIулел ругин абун ххвелалги гьарун, щибниги хисизе гьечIо. ТIалъиялъ киналго бюджеталдасан харж щолел гIадамал жидеего данде кколел кандидатазе гьаркьал кьезе тIамуни, цониги оппозиционерасе бергьенлъи босизе рес щвезе гьечIо».

Коммунистазул партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул гIахьалчи МухIамадов МухIамадица абулеб буго Барвихаялда рищиял нахърахъун хадуб гьанже нилъер улкаялда ритIухъал рищиял тIоритIилин абураб хьул бакканила жиндирилан.

МухIамадов МухIамад: «РитIухъал рищиял рукIинеги бегьулин абураб хьул бижизабулеб буго гьей Панфиловалъул хIукмуялдаса хадуб. Чанго анцIго соналда жаниб тIоцебе гьединаб хьул лъезе хIужжа щвана халкъалъе. Лъаларо, тIубан гьелде хьулги лъун гIодой риччан рукIинеги бегьиларин ккола дида.

Киса-кирего гьанже ритIухъал рищиялги рукIинин, кинабго роцIцIунги ккезе бугин абураб хьул гьечIо, амма Барвихаялда рищиял нахърахъин гьеб нилъер бакIалъул нухмалъиялъе ишан бугин абизе бегьула. Аслияб къагIидаялъ гьезлъидал рищиязда хIармал гьарулел».

Дагъистаналъул жамгIияб палатаялъул вакил Хадулаев Шамилицаги абулеб буго Элла Панфиловалъухъ бажаринеги бегьулин улкаялда ритIухъал рищиял тIоритIунилан.

Хадулаев Шамиль: «Дагъистаналъул рищиязул комиссиялъул хIалтIухъабаз абуна дида Элла Панфилова ритIухъал рищиял тIоритIизе хIадурулей йигилан. Гьелъ хьул бижизабулеб буго сентябралда Дагъистаналда ритIухъал рищиял тIоритIизе рукIиналде.

Амма гьелъие хIалтIизе цIакъго дагьаб гурони заман гьечIо, рищиязул комиссиял некIого гIуцIун руго, цойги гьеб системаялъул хIалтIухъабиги церего гьелда гъорлъ руго, ругьунабго къагIидаялъ хIалтIизе лъугьине руго гьелги. Гьеб кинабго хисизабизе ккани гIемераб хIалтIи гьабизе ккола гьелъ, амма кин букIаниги гьеб суалалъулъ лъикIаб рахъалдехун хиса-басиял цIикIкIун рукIин бихьулеб буго дида».

«Черновик» газеталъул журналист МухIамадов МухIамадил пикруялда рекъон ритIухъал рищиязул бицине ккани цин Барвихаялда рищиязда рихьдае гьабураб хIукму гурони, гьединал хIукмаби къануналда рекъон киса-кирего къотIизе ккола.

РикIкIада бугеб Барвихаялдаги, Москваялдаги гьабураб гьединаб хIукмуялъ Дагъистаналда ритIухъал рищиял тIоритIиялъе кIудияб кIварго букIине гьечIила. Республикаялда батIи-батIиял сиясатиял къокъабазда гьоркьоб конкуренция унеб бугелъул, жидерго сиясатияб кверщел цIунизелъун гьез рищиял ритIухъаб къагIидаялъ тIоритIизе ккезе руго.

XS
SM
MD
LG