МагъчIваялъе рес

НекIсияб Нарын-Хъалаялда аскIобехун балеб рагIула цIияб кIалгIа


Дербенталда цIидаса багъарана гъалмагъир шагьаралъул бутIруздаги журналистаздаги гьоркьоб Нарын-Хъалаялда аскIоб балеб объект сабаблъун.

Дербенталъул Нарын-хъалаялъул ракьалда Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница хIакимзабазе хIухьабахъи гьабулеб бакI балеб бугин хъвалеб буго РИА «Дербент» информсурсаталъ.

Гьезул баяназда рекъон исана марталъул ахиралда хъалаялдаса гIемер рикIкIад гьечIеб рохьил рагIалда хасаб техникаги бачун бухъа-хъваялъул хIалтIаби байбихьун руго.

Гьениб щиб базехъинин бугебин абун гIадамаз цIехараб мехалда хIалтIухъабаз абулеб букIун буго гьениб Россиялъул президент Владимир Путиние рукъ балелеб бугилан. Гьеб мухъ бухъулеб мехалда гьенир некIсиял, гIурасалъ тIад хъвай-хъвагIай гьарурал занал ратанин. Гьезухъ балагьун гьенир я гIурус солдатал яги дербенталъул насраниял рукъарал хабзал рукIун ругин хъвалеб буго РИА «Дебенталъ».

Гьел заназул халгьабизе, гьеб мухъалда щиб букIарабали чIчIезабизе археологалги ахIичIого, къасиги къадги хIалтIун трактораз гьобогьун банила гьел хабзал рукIараб бакIин абун баян гьабуле буго гьеб макъалаялъул автор МухIамадов Рашидица.

Гьесулго баяназда рекъон Путиние балеб кIалгIаялъул бакIалда гьениб кIудияб, чанго тIалаги бугеб «Дербенталъул биценазул си ва тарихиябгун-маданияб лаборатория» байилан лъазабун рагIула Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница.

Гьел федералиял ракьал ругила, гьениб щиб щибниги базе некIого къваригIун букIанила Дербенталъул хIакимзабазеги бизнесчагIазеги, амма гьезие биччачIила, гьанже щайила прокуратура буцIцIун чIчIун бугебилан абун рази гьечIолъи буго макъалаяъул авторасул.

Гьеб си щиб гьабизе балеб бугеб жойила, гьеб лаборатория Нарын-хъалаялда жаниб рагьизе бегьуларищила, гьенир гIезегIан чIобого ругел рукъзалги ругила, гьадингоги гIарац гьечIого бугеб Дербенталъул бюджеталдаса гIарацги биччан гьеб си хIажатаб жо гьечIин хъвалеб буго гьес. Гьединго си балеб бугин гьенибин абун багьанаги батун, тIалъиялъул хIажалъабазе ресторанги цойгидабги гьабизехъи бугин гьез гьенибилан баян гьабулеб буго РИА «Дербенталъ».

Гьеб проект гIумруялде бахъинабизе тIад къан рагIула Дербент мухъалъул бетIер Жалилов МухIамадидаги, Дербенталъул мэр Багълиев Маликидаги, Нарын-хъалаялъул музеялъул нухмалъулев Ибрагьимов ГIалидаги.

Гьеб сайталъул нухмалъулев Милрад Фатулаев кIалъазе щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе, гьеб сайт бачунезул цояв Амиль Саркаровасги абуна гьениб макъалаялда хъваралде тIаде щибниги абизе жо гьечIила жиндирилан. Гьеб хъварав жидер автор дербенталда гIумру гьабун бугев чи вугила, гьесда кинабго хIакъикъат лъикI лъалилан.

РИА «Дербенталъ хъваралда тIадрекъолев гьечIо Нарын-хъала музеялъул нухмалъулев Ибрагьимов ГIали. Гьес абулеб буго гьеб сиги бегьулареб бакIалда балеб гьечIила, гьенир археологал хIалтIизе течIин абиги гьереси бугилан.

Ибрагьимов ГIали: «Гьеб рохьил магIишаталъул ракь ккола гьез разилъиги кьун балеб буго гьениб гьеб маданияталъулаб комплекс. Гьеб макъала хъвараз киса-бачIарабали лъалареб цо 1943 соналъ лъун букIараб зани бачIун буго гьенибе бехъерхъун, гьебги хадуб тIагIун буго.

Гьенир хабзал ругин, археологал хIалтIизе толел гьечIин абун ахIи бахъинабизе багьана къваригIун букIана гьезие. Гьеб сиялъе кьучI лъолеб мехалдаги, гьениб бухъа-хъваялъул хIалтIаби гьарулел мехалдаги нижер музеялъул архитекторги, бетIерав археологги вукIана гьенив. Чанго къоялъ тIаса вахъинчIого, гьениб кинабго жоялъул сияхI босулев вукIана гьев археолог.

Гьеб бакI буго тIалу, кьуру бугеб бакI, гьеб кьвагьун гурони кьучIлъунцин бажаринчIо, кинал хабзал гьенир рукIунел. Дун гьеб проекталъул консультантлъун тун вуго. Дида лъалеб жо буго гьениб лъабтIалаяб си базе буго, гьелъул борхалъиги 17 метр букIине буго. ТIоцебесеб тIалаялда музей гьабизе букIин ракIчIун лъала, ресторан гьениб гьабулеб гьечIолъиги ракIчIун лъала дида, хутIараб кIиго тIалаялда щиб букIине бугебали жеги абизе кIоларо дида, гьеб иш мухIканлъун гьечIо жеги».

ГIали Ибрагьимовасул ццин бахъун буго гьеб проект балеб букIиналда сверун гьебщинаб ахIи-хIур гьабунилан. Гьес абулеб буго щиб гьениб гьабуниги гьеб букIине бугила туристазда бихьизабизе цойгиги бакI, хас гьабун ГIабдулатIиповас жиндиего бараб жо гурелъулила гьеб, ЛъаратIайищила гьес гьеб бан бугеб. Дербенталда щивав шагьасги ханасги ран рукIанила хъулбиги цойгидал бакIалда, амма гьез цадахъ босун инчIелъулила гьеб.

ГIадамазда бичIчIулеб гьечIила гьеб си баялъ шагьаралъе лъикIлъи гуреб жо букIине гьечIолъи. Гьелъул багьанаги батун гьениб рохьобехун ток, лъим бачин, цIияб нух бахъи чанги санагIалъи букIине бугила халкъалъейилан. Гьеб сивуниб тIадегIанал гIадамал къабул гьаризе санагIалъи гьабунин абун шагьаралъе я гIадамазе гьелъул щиб къварилъийила букIине бугеб? Къойил гьенир рахъун гурелъулила гьел хIакимзаби рукIине ругелин абун вуго Ибрагьимов.

Гьединго ГIалица абулеб буго Рамазан ГIабдулатIипоги, живги данде кколарел Дербенталъул экс-мэр Имам Яралиевасул информ сурсатаз ургъунго багъаризабураб ахIи бугин гьебилан. Гьениб балеб бугеб сиялъул бицинчIого живго Яралиевас гьабунщиналъул щайила бицунареб гьезилан абулеб буго музеялъул бетIерас.

Ибрагьимов ГIали: «Гьел Яралиевасул РИА «Дербентги» цойгидал информсурсатаздаги щай бихьулареб Дербенталда некIсияб рахъалда ралел ругел гIемертIалаял минаби. Щай цохIонигияз хъвалареб некIсияб шагьаралда гьединал бакIал разе бегьуларин.

Кьищни-къулалъул цIураб, бода сурараб бакIалда рацIцIа-ракъалъиги гьабун, гьениб си базехъин букIунин абун ахIи балел рукIинчIого Яралиевасул чIужуялъул вацас Нарын-хъалаялъул 6 гIасруялъул къадада тIад бараб рестораналъул щай ахIи бахъинабулареб.

Гьединго Яралиевас некIсияб шагьаралъул къадада цун чогърол завод балеб букIин щай гьезда кIочон тараб. Гьеб си цо чиясе балеб бугеб рукъ ругелъидал, кидалкъадги шагьаралъухъе кьолеб бакI буго гьеб».

ГIалил рагIабазда рекъон исана хасалихъиялде бан лъугIизабизе ракIалда буго гьеб Рамазан ГIабдулатIиповасул проекталда рекъон балеб бугеб си.

XS
SM
MD
LG