МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда иргадулаб нухалда вухана журналист


Щуабилеб апрелалда Дербенталда щалали лъаларел чагIаз вухун, азарханаялде ккун вуго журналист Вячеслав Стародубец. Гьеб лъугьа-бахъин гьес жиндирго хIалтIуда бухьинабулеб буго.

Гьелда хурхун журналистас Дербенталъул прокуратураялде гIарзаги хъвана. ГьатIан къоялъул бакъанида щуго тIубараб гIадаб мехалда Дербенталда «Гранд» абулеб петералъул кIалтIа щалали лъаларел, гьурмазда маскаби хурал чагIаз автомобилалъув къазавун вуго журналист Вячеслав Стародубец. Гьев кколаан «Мой Дербент» ва «Жемчужина Юга» абурал Дербенталъул хIакъалъулъ ва гьелда хурханщиналъул хъвалеб информ сайтазда хъвадарулезул цояв.

Шагьар тун къватIивеххунги вачун лъикIаб хIалалъ вухун вугин гьевилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе журналист МухIамад ХанмухIамадовас. Вухарав кIалъазе кIолеб хIалалда гьечIин лъазабуна гьес.

МухIамад ХанмухIамадов: «Гьурмазда маскаби хурав, чанго чи, гордалги бецIгьарураб, чIегIераб Приора автомобилалъусан къватIире кIанцIун руго Вячеслав жиндирго рокъове унеб мехалда. Щибниги абичIого, бичIчIизабичIого хIалицаго автомобилалъув гьевги къазавун ун руго. Автомобилалда жаниб гьесул ботIрода целофаналъул къвачIаги ххун буго гьез, скотчалъ квералги рухьун руго. Гьелдаса хадув журан руго гьел чагIи гьев вухизе. Хадувги гьев хIинкъизавизе, жидеца мун чIвазе вугин абун лъугьун руго гьел».

МухIамадил рагIабазда рекъон шагьаралъул рагIалдеги вачун цIидасан малаца гьавун, хъубал жал ахIун журналист хIакъир гьавице лъугьун руго гьел чагIи. Хадув цойги батIияб автомобилалъувги рекIинавун цIех-рех байбихьун буго гьез.

МухIамад ХанмухIамадов: «Гьес хъварал макъалабаздаса тIасан суалал кьолел рукIун руго гьесие. Дуе гьел хъваралъухъ гIарац лъицайин кьолебин лъугьун руго гьел. ЧанцIулго рехсон буго пачалихъияб Думаялъул депутат Мурад ХIажиевасул цIарги. Гьесищин дуе Дербенталъул вукIарав мэр Имам Яралиевасде данде хъвадараралъухъ гIарац кьолебин цIехон буго гьез. Жинда Мурадги лъаларин, Яралиевасде данде жалги жиндица хъвачIин гьесдехун жиндир лъикIаб бербалагьи бугин абураб мехалда, дагьавги цIакъ вухун вуго Вячеслав. Гьелдаса хадуб, лъай-гIакълуялдаса арав гьев ралъдал ралъдал рагIалде реххун тун вуго. Цо сордо къоялда жаниб дуца Дагъистан тейиланги лъазабун буго гьесда».

Гьединго Стародубециде тIадекIанцIи гьабураз, гьесда лъазабун буго цохIо дуда гурониги дур гIагараздаги расги лъикIаб къо бихьизе гьечIин мун берцинго республикаялдаса инчIонийилан. Москваялда гьесул эбел инсуца гIумру гьабун бугеб бакIалъул мухIканаб адресги бицун буго гьез, жидеда дурги дур гIагарлъиялъул хIакъалъулъги кинал рокьаниги баянал лъалинги бичIчIизабун буго гьез.

Гьаб сагIат Дербенталъул азарханаялда вегизавун вуго гьев вухарав журналист. Тохтурзабаз лъазабулеб буго гьесул гъеж борчIун бугин, къаркъалаялда гIемерал хъахIиллъаби ругин, ва гьесул гIадалнахуе дагьа-макъабго заралги ккун бугилан.

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун гIарза хъван буго Вячеславица Дербенталъул прокуратураялде ва цIех-рехалъул идараялде.

Гьес жинцаго гьеб лъугьа-бахъин жиндирго хIалтIуда бухьинабун гурони, чIван къотIун гьадинав чияс гьабунин абулеб гьечIо.

Вячеслав Стародубец вухун вугин абураб баяналда сверун социалиял сайтазда цIакъ кIудияб бахIсал унел руго. Гьесда ракI гурхIараздасаги битIарабила, рекъон вухун вугин гьевилан абулезул къадар цIикIкIун буго. Гьезул гIемерисез хъвалеб буго «Жемчужина Юга» ва «Мой Дербент» информпроектазда цIакъ гIемер къваригIел гьечIеб, гьересияб, чорокаб информация букIанин хъвалеб буго гьез.

ЦохIо Дербенталъул нухмалъиялъул хашаб хIалтIулги, шагьаралда бугеб хъублъиялъулги, гIадлубиххиялъулги бицун течIого гьез чанги Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасде данде жал хъвалел рукIанин, СагIид Амировасул рахъккурал макъалаби рахъулел рукIанин, гьереси харбал риччалел рукIанин, гьединлъидал гьев Стародубецги гьесда цадахъ хIалтIулелги рухизе къваригIарал чагIи чанги рукIанин абулеб буго социалиял сайтазда хъвадарулез. Гьелда тIадеги Дербенталда бегьулареб бакIалда, масала, гIадамал рилълъунеб нухда, яги къватIбакьулъ чIезарурал автомобилазул сураталги рахъун, гьезул бетIергьабазда тIасан хъубабщинаб жоги хъван интернеталда лъолел рукIун руго гьез. Гьеб хIехьезе кIвечIев цониги чиясги вухун ватизе бегьулин гьевилан абураб пикруги буго цо-цоязул.

Имам Яралиевасде данде ургъунго гьабун батизеги бегьулин гьеб ишиланги рикIкIунеб буго цо-цо гIадамаз. Гьез абулеб буго Дербенталъул мэрасул рищиязда цебе Яралиевасда сверун квешаб ахIи букIине, гьесул рахъккурал чагIилъунги хIан, гьев рихарал чагIаз ургъунго гьесие квешезе гьабун батизе бегьулин гьеб ишилан абураб пикруги буго.

XS
SM
MD
LG