МагъчIваялъе рес

Диваналъ «Кавказпресс» сайт къазе хIукму къотIун буго


«Кавказпресс» сайт хIалтIизе байбихьана лъабго соналъ цебе. БачIинахъего гьеб хасал идарабазул сурсат букIин лъалеб букIана гIадамазда.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:15 0:00
Интернет-мухъ

Хасал операцияздаса, изну гьечIого яргъидгIуцIаразулгун хурхен букIиналда щаклъи бугезул рокъоб чIухь балелъуса бахъараб видеоги, сураталги, хIатта батIи-батIиял документалгицин лъолел рукIана гьез сайталда.

Гьел тадбирал тIоритIулел идарабазухъе гурони гьединал баянал щолареблъи бичIчIулеб жо букIана. Хасго гIемер гьез лъолаан тIад релъанхъулел баяналги гъоркь хъван чIварал, кьвагьун тIе-тIезарурал «рохьилазул» жаназабазул суратал.

Гьединго вагьабиязул церехъабазул телефоназдасан кIалъаял, гьезул жинсиял гьоркьолъабазул хIакъалъулъ баянал кьун гьел квешаб рахъалъ къватIир чIвазариялъеги гIемераб хIалтIи гьабулеб букIана гьез. Гьедин экстремистазде ва гьезие квербакъулезда дандечIчIараблъун бихьизабулеб букIунан гьеб сайт гIуцIараз «Кавказпресс».

Кин букIаниги цере-цереги чанго гьеб сайталда бахъараб материал экстремистияб бугилан чIчIезабун букIана информсурсатазда хадуб халкколеб РОСКОМНАДЗОР абулеб идараялъ. Гьаб нухалда республикаялъул прокуратураялъул тIалабалда рекъон Дагъистаналъул ТIадегIанаб диваналъ тIубараб гьеб сайт экстремистияблъун рикIкIун буго ва гьеб къазе хIукмуги къотIун буго.

Жибго гьеб къай гурониги гьениб бахъараб информация тIибитIизарулел социалиял сайтазда ругел къокъабигицин къан руго. Жибго гьеб сайталъул администрациялъ диваналъ гьеб къазе хIукму къотIи Дагъистаналъул ХIукуматалъул бетIерлъун вукIарав гьанже Педагогикияб университеталъул ректорлъун вугев ГIабдулаев МухIамада бухьинабулеб буго.

Студентазе кьезе кколеб гIарац ГIабдулаевас бикъиялъул хIакъалъулъ чанго макъала хъван букIана гьеб сайталда. Гьелдаса хадуб ректорас прокуратураялдеги, диваналдеги тIадецуйги гьабун къанила сайтилан хъвалеб буго гьеб «Кавказпресс»алъул администрациялъ.

Исана апрелалда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналда байбихьана ГIабдуллаев МухIамадида тIад гьабураб такъсиргьабиялъул ишалъул халгьаби. Прокуратураялъ ГIабдулаевасде гьес хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялъул гIайибги гIунтIизабулеб буго. 2014 соналда гьев ГIабдуллаевас риччарал гъалатIазе гIоло, ай гьесул гIайибалдалъун гьеб цIалул идараялъул бюджеталдаса 20 миллион бикъун букIиналда бан такъсиргьабиялъул ишги рагьун букIана.

ГIабдулаев гьеб «Кавказпресс»алъ хъвалев гIадинав гьеб сайтги къазабун бажарулев, гьединал ресалги кодор ругев чи гьечIилан рикIкIунеб буго жамгIияв хIаракатчи ва юрист ХIасанов Муслимица.

ХIасанов Муслим:«Гьеб сайт къазабизе ресал ругев чи гуро гьев, гьесул хIакъалъухъ хъваралдаса чанго нухалда квеша-квешал макъалаби рахъун рукIана гьенир батIи-батIиял сиясатчагIазул хIакъалъулъ. КигIан гьез хIаракат бахъаниги гьеб къазабизе кIвечIо гьезда. Гьединал ресал рукIаралани ГIабдулаевас жиндаго тIад такъсиргьабиялъул ишал гьаричIого рукIине яги гьел къазе хIаракат бахъилаан.

Хъубал, чанги гьересиги гъорлъ бугел баянал рукIунаан Кавказпрессалда гIемерисеб мехалда. ТIоцере гьел вагьабиязде данде рагъбалеб сайт хIисабалда хIалтIизе лъугьун жидеего кутакаб цIар гьабуна гьез.

Хадур хIакимзабазде тIаделъана гьел. ГIарац кьун бокьарав чиясда тIасан информация кьолеб сурсаталде буссун букIана гьеб, дир пикруялда рекъон.

ХIакимзабазул бищунго квешаб макьу бугин гьебила, радал хIалтIуде рачIаралго бищун цебе кавказпресс рагьулила гьезилан абулаан. ХIакимзаби какулеб сурсат букIиналъ гIадатиял гIадамазе интерес букIунаан гьелъул, дунни гьезда киданиги божулароан».

Гьединго жамагIатчияс абуна гьеб сайт къаялъ щибго хисизе гьечIила, гьеб гIуцIараз гьелъул бакIалда цойги чанги гьединал сурсатал гьаризе ругилан. Гьанже гьеб сайталъул хIалтIи хIакимзабазухъа гIарац бахъулеб къагIидиялде сверизабун бугилан.

XS
SM
MD
LG