МагъчIваялъе рес

Лъалев ва лъаларев ХIайдар Баммат


ХХ гIасруялъул авалалда Дагъистаналда букIараб интеллигенциялъул вакил, жиндир заманаялъ Шималияб Кавказалъул ва Дагъистаналъул МугIрул республукиялъул КъватIисел ишазул министрлъун вукIарав ХIайдар Бамматил хIакъалъулъ бахъараб тIохьол цебебоси тIобитIана МахIачхъалаялда.

18 маялда МахIачхъалаялда бугеб Миллияб библиотекаялда цебебоси гьабуна «Гайдар Баммат – известный и неизвестный» абураб тIохьол.

ХХ гIасруялъул тIоцебесеб бащалъиялда рукIарал цебетIураб пикру бугел, динияб гуребги, светияб лъай щварал дагъистаниязул кIудияб бутIа большевиказ бергьенлъи босун хадуб чIейи гьабун къватIисел улкабазда хутIун руго. Гьединазул цояв кколев вуго ХIайдар Бамматги.

ТIохьол автор, тарихчи ХIажумурад Доногъоца цебебосиялда баян гьабухъе, Бамматил хIакъалъулъ тIехь бахъизе ракIалда букIун буго араб гIасруялъул 90 абилел соназго, амма гьеб бахъи тIаде босизе кIолев чи ккечIила, официалияб тарихалъ Баммат антисоветиял бербалагьиялъул чи вугилан рикIкIун, кIочон тезе гьавурав вукIиналъ.

Лъалев ва лъаларев ХIайдар Баммат
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:35 0:00
Интернет-мухъ

Бамматил хIакъалъулъ тарихияб цIех-рех гьабизе ХIажимурадд Доногъо тIамун вуго тарихчиясул кIудаэмен гьес КIиабилеб Дунялалъул рагъул заманалда лагералдаса тархъан гьавизе кумак гьабун букIиналъ

Кинав вукIарав лъалев ва лъаларев ХIайдар Бамматали бицана ХIажимурад Доногъоца «Эркенлъи» радиоялъе.

ХIажимурад Доногъо: «ХIайдар Баммат ккола Дагъистаналъул такрарлъи гьечIел, жиндир заманаялъ бищун цебетIураб лъай щварал чагIазул цояв. Гьес лъугIизабуна Темирхан-Шураялда бугеб Реалияб училище, Ставрополь шагьаралда бугеб гимназия ва хадубго Санкт-Петербургалда бугеб универистеталъул юридикияб факультет. Гьев вукIана Кавказалъул тIадчиясул канцеляриялъул хIалтIухъанлъун. Инкъилаб бахъун хадуб, 1917 соналда бахъун, гьев ккана политикияб гIуруялъул свералабалъе.

Гьев гIадинал гIадамал хIажат рукIана цIакъ. МугIрул гIадамазул республика гIуцIиялъул рахъ ккурав жигарав хIаракатчи вукIана Баммат. Дагъистаналъе автономия цIунизе гIемераб хIалтIи гьабуна гьес, щвана Франциялде, Туркиялъе ва цогидал улкабазде, амма большевикал бергьиндал, гьев тIадвуссинчIо Дагъистаналде».

Большевизм бергьун хадуб 1921 соналдаса бахъун, Баммат чIана къватIив, амма гьенибги гьес рехун тун гьечIо политикияб ва жамгIиб жигар. 1930 соназ гьес Франциялда къватIибе биччалеб букIун буго «Кавказ» абураб журнал, ХIайдар Бамматица эмиграциялда сверухъ ракIарулел рукIун руго тIолго Кавказалдаса эмиграциялда ругел чагIи.

Германиялъул тIалъиялде Гитлер вачIиналъ Бамматил ва цогидал Кавказалдаса эмигрантазул хьул букIанила, Германиялъ большевизмалдаса тархъан гьабилин Россия ва Кавказалъе эркенлъи щвелин, амма гьеб букIунареблъи бичIчIанила гьезда. Амма гьаниб Совет хIукуматалда данде вугев чиясул цIар чIванила Бамматидайин бицана ХIажимурад Доногъоца

ХIажимурад Доногъо: «1921 соналдаса бахъун, ХIайдар Баммат тIадвуссинчIо Дагъистаналде. Гьев гIемер соназ хIалтIана Афгъанистаналъул Лозаннаялда бугеб консульствоялда. Гьес къватIибе биччалеб букIараб журналалъул щибаб номералда тIоцебесеб гьумералда букIана гьесул макъала.

Бамматица гIуцIун букIана Кавказалдаса эмигрантазул къокъа «Кавказ» абун цIар бугеб. Гитлер Германиялъул тIалъиялде вачIиндал, Бамматил ва цогидал эмигрантазул хьул букIана, Германиялъ большевизмалдаса Россия тархъан гьабилин ва Кавказалъе эркенлъи щвелин, амма гьеб букIунареблъи бичIчIидал, гьел нахъе къана. Советияб ХIукуматалъул тарихчагIазин абуни гьеб хIужа хIалтIизабуна Бамматида тушманасул цIар чIвазе ва гьесул цIаралде рагIад рехизе».

КIиабилеб Дунялалъул рагъул заманалда, лагеразде ва батIи-батIиял ахIвал-хIалаздалъун Германиялде ва къватIире ккарал Кавказалдаса гIадамазе кумак гьабулеб букIана Бамматица. Гьесул рукIана цIакъ гIемерал лъай-хъваял Европаялъул политиказда гъорлъ. Амма ХIайдар Бамматил гьеб гIумруялъул къотIелалъул хIакъалъулъ лъалеб жо цIакъ дагь бугила, гьесул бицине гьукъараб букIиналъ доб заманалда.

ХIажимурад Доногъо: «Гьес гIемерал Кавказалдаса эмигрантазе ва рагъул заманаялъ Германиялде ккаразе кумак гьабуна. Амма доб заманаялъ тарихалда тIад кверщел гьабулеб букIараб идеология сабаблъун, гьеб киналъулго лъалеб жо цIакъ дагьаб буго. Гьесул къагътазулъ рехсолел руго цIарал. Гьес кумак гьабулеб букIана гIарцудалъун гуребги, цогидаб бажараралдалъун. Гьев вукIун гьечIо бечедав чиги.

Дир кIвар гьесде буссана, дир кIуадинсуеги гьес кумак гьабун букIин лъан хадуб. Дун щвана Франциялда гьесул хабадеги, гьесул гьениб бугеб хъизамалъул чагIаз цIунун руго тарихиял кIвараялъул кагътал ва суратал. Абизе ккола, гьеб тIехь бахъиялда Бамматиял хIарактчилъиялъул тарихияб халгьаби лъугIун тезе гьечIилан».

ХIажимурад Доногъоца тIаде жубана, ХIоцоса Нажмудин, ХIайдар Баммат ва жеги гIемерал дагъистаниязул хIакъалъулъ тарихияб цIех-рех жеги цебе бугила. Советияб заманалда жидер политикияб ва жамгIияб жигар тIаде нуцIа рахан букIарал ХIайдар Баммат гIадинал гIадамал гIемер ругила Кавказалда.

XS
SM
MD
LG