МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул рекIарал Манчьжуриялъул мугIрузда


Хъайитмаз ГIалиханов (бакьулъ) Харбиналда. 1905 с.
Хъайитмаз ГIалиханов (бакьулъ) Харбиналда. 1905 с.

2015 соналъул 15 августалда 110 сон балеб буго Россиялъулгун Япониялъул рагъ лъугIаралдаса. Гьеб рагъул тарихалъул тIанчазда хасаб бакI кколеб буго Япониялъулгун рагъулъ гIахьаллъизе император НикIалай II буюрухъалда рекъон гIуцIараб Кавказалъул рекIаразул бригадаядъ, гьелда гъорлъ Дагъистаналъул рекIаразул полкалъги.

1904 соналъул 31 январалда, Чемульпо абураб Кореялъул порталда «Варяг» крейсер гъанкъизабун рикIкIарал къоял араб заманалда, Россиялъул император НикIалай II вуссана кавказияздехун, рагъулъ гIахьаллъи гьабиялде гьел ахIун. Гьеб мехалъго гIуцIун буго Кавказиязул рекIаразул бригада гIуцIиялъул кагъат, гьеб бригадаялда гъорлъ Терекалъулгун Кубаналъул ва кIиабилеб Дагъистаналъул рекIаразул полкги. Дагъистаналъул кIиабилеб рекIаразул полкалъул къисмат, гьелъул гIахьалчагIи ва кьалул нухгун лъай-хъвай гьабизе рес кьолеб буго тарихчи ХIажимурад Доногъоца хIадур гьабун бахъараб «ГIурус-Япониялъул рагъда дагъистаниял» абураб тIехьалъ.

Тарихчияс хъвавухъе, полкалде росулел рукIун руго 21 соналдаса 40 соналъул ригьалде щвезегIан ругел, лъикIаб хьвада-чIвадиялъул ва чода гьунарал гьаризе лъалел бихьинал. ЩибгIаги текълъи яги намусаб иш гьабурав чи рекIаразул полкалде восулев вукIун гьечIо. Щибав магIаруласул букIине кколеб букIун буго жиндирго чуги ханжар-рачелги, туманкI кьолеб букIун буго хIукуматалъ.

Сунцайин, дагьаб цебегIан лъугIараб халатбахъараб Кавказалъул рагъдаса хадуб, магIарулал тIамулел рукIарал парччахIасе гIолон рагъизейин абуни, тарихчияс жаваб гьабун абулеб буго гьеб букIанин ватIаналде бугеб рокьиги, ватIаналъул цIар рагIизабизе бокьиги, цадахъго гIарац щвезе бокьиги. Гьеб гуребги хIисабалде босизе кколила магIарулазул сверухъ бугелде бугеб хасаб бербалагьиги. Цо-цо харабазул ракIалдещвеяздасан бихьула гьеб гьедин букIараблъи. Масала, Хунзахъ мухъалъул Уздалросо росулъа ХIусейнова ПатIинал 1978 соналъ хъварал ракIалдещвеязда рекъон, гьелъул вац ГIали вукIун вуго ГIалхулаб дивизиялда гъорлъ. Гьев гьениве вачанин гьесул ханжарги чуги букIиналъ ва чода гьунарал гьаризе лъалел рукIиналъ, гьеб заманаялъ бокьарав магIаруласул букIунеб жо букIинчIин чуги ханжаргийилан бицун буго гьелъ.

1904 соналъул апрель моцIалъ Дагъистаналъул рекIаразул полк гIуцIун бахъун буго. Порт-петровскалдаса анлънусидаса цIикIкIарал рекIаразухъа гьа бай босула ва гьезул командирлъун тола ХIусейн Хан Нахичаевский. Кавказиязул рекIаразул бригадаялъул нухмалъулев Орбелианица гьабураб кIалъаялда киналго ахIула вацлъиялде ва нужеца ватIаналъулги нужерго ракьалъулги цIар рагIизаби бугин лъазабула.

Май моцIалъул ахиралда полк битIула Дальний Востокалде. Маньчжуриялъулгун гIорхъода кьалул тIоцересел къояздасанго рекIаразул полкалъул гIахьалчагIаз хIикмалъизарулел рукIуна тушманги цадахъ рагъулелги. ХIинкъи лъаларел, бер къапичIогон тушманасда данде унел хIикматго ретIа-къарал рагъулаз рекIелъе хIинкъи ккезабулеб букIуна тушманасул ва рекIаразул хIакъалъулъ биценал рижизарула. Тарихчи Хъазанбиев ГIалибегица баян гьабухъе, рагъулазда гъорлъ бугеб офицеразул ва гIадатиял рагъулазул гьоркьолъаби магIарулаз рикIкIунел рукIун гьечIо, гьез киназдего мунилан ругьунаб къагIидаялъ абулеб букIун буго. Гьеб гуребги, тIад ретIараб ратIлица ва цогидалъ асар гьабулеб букIун буго тушманасе.

Хъазанбиев ГIалибег: «ГIадатияв офицерасухъ цо букIунеб букIун батани, рекIаразухъ кIи-кIи ругел хвалчабиги, тIад ретIарал буртабиги, гъаларал тIаргъалги – гьеб гIеларищ цин ругьунал гурел гIадамазул рекIелъе хIинкъи ккезабизе. МагIаруласул къадру –къимат холеб жо букIинилан рикIкIун, чIахIиял, ригь барал офицерал ва киналго хутIарал рагъухъаби дагъистаниял тун руго рекIаралилан абун. ГIадатияб гIумруялда гIурусазда гIалхулалилан кколел рукIарал гIадатал, чияр ракьалда рагъулаб ахIвал-хIалалда батIияб куцалда рихьун руго гьезда. Гьедин, гьитIиназул кIудияздехун батIалъи гьечIогон бугеб адабги, гьез малъараб гьабиги, цадахъго цуцазе квербакъи букIинги – гьеб киналъго хасаб асар гьабулеб букIун буго гьудуласеги тушманасеги».

Полкалда рукIун руго аслияб куцала магIарулал, хадурго даргинал ва ва тумал. Рагъ лъугIидал, 1906 соналъ, полк тIадбуссун буго Порт-петровскалде ва гьениб хIурматалда дандчIвай гьабун буго гьезие.

Кинаб бугониги рагъ – гьеб хIикматаб, пашманаб, цадахъго гIадатиял гурел къисматал загьирлъулеб кьучI кколин хъвалеб буго тарихчи ХIажимурад Доногъоца. Гьединаб късматалъул цояблъун босизе бегьулила Хунзахъа Хъайитмаз ГIалихановасул къисматги. Гьеб рагъулъ Россиялъул империя къуниги, жибго улкаялда жанир гьелъ тIатинарун руго гIемерал бахIарзал ва гьезда гъорлъ дагъистаналъул рекIаралги. Инкъилаб бахъилалде цебесеб ригьалъул бахIарзал, цIияб кверщел къабул гьабичIел, ва гьелде данде рукIарал тарихалда кIочене тун руго, гьедин кIочене тун вукIана гьевго ГIалихановги. Амма гIагараб ракьалда щибго кIочон букIинчIо. ГIурус-Япониялъул рагъда батIи-батIиял шапакъатазе мустахIикълъун руго киналниги 83 рекIарал. Жакъа кавказиязул миллатазде гаргадудел ва гьездехун рокьукълъи бижизабулезда ракIалда букIине ккелила Россиялъул империялъе гIолон кин рагъулел рукIарал гьелго кавказиял абун рикIкIунеб буго ГIурус-Япониялъул рагъда дагъистаниязул гIахьаллъиялъул тIехь хъварав ХIажимурад Доногъоца.

XS
SM
MD
LG