МагъчIваялъе рес

Нилъер заманалъул "такъсир ва тамихI"


dagestan
dagestan

Чанго къоялъ цебе МахIачхъалаялда как балей цо чIужугIаданги чIван, рукъалда цIа гъун жидер такъсир бахчизеян квал-квадулаго тохлъукьего тIаде вачIарав чияс ккун йиго кIиго чIужугIадан.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул чанго батIияб версия буго. Амма аслияблъун рикIкIунеб, цIех-рехалъулазухъе щварал баяназда буго гьадинаб. Гьей кIиго гIолохъанай гIадан хьвадулей йикIун йиго жидедаго лъалей ригь арай чIужугIаданалъе рукъ бакIарун кумек гьабизе. Рукъалъул хважаин йикIун йиго месед бичулей гIадан.

Нилъер заманалъул "такъсир ва тамихI"
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:11 0:00
Интернет-мухъ

Гьебги лъан, иргадулаб нухалда кумек гьабизе щварал аз гьарун буго хважиналда жидеда дур месед бихьизе бокьун бугин, балагьизе бегьуларищан. Щибго щакълъи гьечIей хважаиналъ абун буго жинца как бан бахъизегIан сабру гьабе, хадуб бихьилин. Гьеб как балеб лахIзат лъугьун буго гьей кIигоялъе жидер вахIшияб ва нахъегIанаб къасд гIумруялде бахинабизе бищунго санагIатаб лахIзатлъун.

Цебеккунго сумкаялда жаниб лъун цадахъ босараб кирпичги балъго нахъасан ботIролъ кьабгIун, тIад резинадул таргьаги бан хвезаюла гьез как балей йикIарай хважаин. Гьелъул меседги жидер таргьиниб мухIкан гьабун, хIукму ккола лъалкIал рилизаризе рукъ талагьизе, къайи хвезабизе, цIогьал тIаде кIанцIун гьабурабин ккезе ва цIех-рех къосинабиялъул мурадалда хIалтIизе.

Гьеб лахIзаталда чIваралъул телефоналде ахIун бачIуна лъицаялиго. Гьениб гьабула гьез аслияб гъалатI, "нужеда номер къосун ккун буго, гьанибе ахIуге", - ян гьабула жаваб. Гьелъухъе ахIарав чи вукIун вуго чIваралъул росасул вац цевеккунго гьелъул нуцIби хисизе вачIине къотIа-къай гьабурав. Гьесда бичIчIула гьениб цо криминалалъул махI букIин.

Хех гьабун рокъове щвезегIан гьай кIигояй ратула рокъоб бугеб къайи хвезабулел. Тохлъукьего ав тIаде вачIарабго ясаз хIукму гьабула гьесиеги месед бичулелъе гьабураб гьабизе, амма жо кколаро гьезул бихьинчиясда данде. Цо рокъор жанирги тIамун тIаде полиция ахIула ва цIех-рехалъухъ кьола. ХIисаб гьабеха, щиб гIаданиб букIине кколеб гьагъадигIан инжитаб такъсиралде кIиго гIумруялъул завалалда йигей чIужугIадан ине ккани?

Бищунго гIажаиблъи гьабизе ккараб жо, гьеб такъсир тIад ккун букIинчIебани гьеб меседалъухъ ва гьелъухъ щвараб гIарцухъ щиб гьез босизе букIараб ва кинаб рахIат, лазат ва кеп гьезие гьелдаса щвезе букIараб? Гьаб гурищ ахираб къого соналъ нилъер киназго цоцаде дугIа, вагIза гьабун бицунеб чиясул рухIияб хъарцинлъи, къоси, дунялалъул боцIуда хадув лъугьунаго дунялги, ахиратги билиялъул гIаламат? Кинаб рухIчIаголъи, жанавар букIине кколеб как балей чIужугIаданалде квер борхизе ккани?

Киданиги ахIулеб как, гьабулеб вагIза, чи кантIизе бицунеб калам рагIарай гIаданалъ гьаб жо гьабулищ? ГIурусазул классик Ф. Достоевскияс машгьураб "Такъсир ва тамихI" асаралда Раскольниковас кIодо чIваялъе гIиллалъун социалиялги, идеологиялги, психологияб рахъалъулги гIиллаби рачун рукIана ва щивав цIалдолесул букIана жиндирго пикру сунца тIамурав кIодо чIвазе абураб суалалда хурхун. Щиб абулеб жакъасев хъвадарухъанас гьаб такъсиралда? Лъала такъсир букIин, лъаларо кин гьаб бижараб, поэтас абухъе: "Огь нахъегIанаб рогьо, огь пасатаб инжитлъи...".

Хабарал лъикIал рагIайги.

XS
SM
MD
LG