МагъчIваялъе рес

Данияловасул ва Грузиялъул бетIерасул накъит


РукIана, рукIана, рукIана чагIи,

Чодаса рортана цIакъ гIолохъанго.

ГIурул лъим гьекъолел чундул рихьигун,

Гьезул чурхдул дида рачIуна цере...

Р. ХIамзатов

Басриял даптарал, тIанчал, тIахьал, тIогьилаб кьер реххерал суратал ... Мех-мехалда гьезулъ квал-квадула ратула хъвай-хъвагIаял, ракIалдещвеял. Дун цо заманалда машгьурав Расул ХIамзатовгун хIалтIулев вукIана. Гьес жиндир хъвай-хъвагIаялъе, риларал асарал ралагьизе, такрарлъарал бакIал ритIизаризе кумек букIинин творчествоялъул рахъалъ кумекчилъунги гьавун вукIана штаталдеги восун.

Амма Расул цохIо шагIир гурев цIакъ интересав инсанги вукIана гIемерал гIадамалги, улкабиги, заманабиги рихьарав. РукIунаан гьесул интересал ракIалдещвеялги. Гьаниб гъоркьехун бачунеб буго ГIабдурахIман Данияловасул хIакъалъулъ поэтасул ракIалдещвеяздаса цо бутIа. Дир басрияб блокноталдаса хъвай-хъвагIаял.

"... Доб къоялъ дун щвана обкомалъул тIоцевесев секретарь ГIабдурахIман Данияловасухъе", - ян бицунеб букIана Расулица. ГIабдурахIманида цере ругоан гIемерал хIалтIул кагътал, папкаби ва столалъул рагIалда букIана цо рагьараб тарихалъул тIехьги. КигIан гIемер хIалтIи бугониги тарихияб гIелмуялдаса тIун вукIинчIо ГIабдурахIман. Дагьабниги санагIалъи ккарабго гьев цIалдолаан жиндиего хъвай-хъвагIаял гьарулаан. Дун жаниве лъугьарабго ГIабдурахIман гьимулаго ворхун вачIана ва кабинет бакьулъе вачIана квер босизе. Нижер букIана къокъаб, цо рагIудалъун цоцада бичIчIулеб мацI. Абухъе, рагIал баккарабго цоцада бичIчIулеб. ГIабдурахIманица столалда рукIарал кагътазул гIадлуги гьабулаго гьикъана:

- Щибха хъвалеб бугеб?

- РакIалде ккараб жо, лъарас лъараб, улкаялда кьварараб цензура бугониги цебе ккараб жо хъвалеб буго...

-Масала?..

-Масала, Грузиялда биччан буго тарихалъул тIехь, учебник. Гьениб хъвалеб буго: "Аваразул гIалхул жанаварал нуцал ГIумарханил (КIудияв ГIумахан) нухмалъиялда гъоркь лъугьана некIсияб шагьар Телавиялде. ЧIунтизабуна шагьар, рачун ана гIисин лъимал ва къеркьезе къуват гьечIел руччаби..., - ян. ГIабдурахIман кIвар кьун гIенеккана ва кодобе босана телефоналъул трубка. Кьурана...

- Салам, хIурматияв Василий Павлович, (В. П. Мжаванадзе - доб заманалда вукIарав Грузиялъул ЦК партиялъул секретарь) кин вугев мун, Грузия? КигIан ниж ралагьун чIаниги щвечIоха мун Каспиялъул рагIалде...

- ....

- Ниж лъикI руго... Дица ахIулеб буго гьадинаб ишалъ. Нижеца, дагъистанияз гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьола гьудуллъиялъул, вацлъиялъул нухда хьвадеян, хасго халкъазда гьоркосеб гьудуллъиялде кьола кIвар. Бищунго хинал гьоркьорлъабиги нижер руго мадугьалзаби гуржиязулгун. Дихъ вуго гьабсагIат Дагъистаналъул халкъияв шагIир Расул ХIамзатов, Грузиялъул берцинлъи ва нилъер гьудуллъи кочIолъ ахIун свакаларев.

Гьас дие цIалана нужер тарихалъул тIехьалда хъварал цо санагIат гьечIел мухъал. Аваразул жанавараз гуржиязде гьужум гьабиялъул. Дуда кколарищ гьединаб пропагандаялъ нилъер халкъазул гьудуллъиялде кьватIел ккелин. ХIажат бугищ гьеб некIсияб рохъо жакъа хъирщизе?

- ГIабдурахIман Даниялович... хIурматияв, тарих нилъеца я лъикIлъизабулеб, я квешлъизабулеб жо букIунаро. Гьеб хъвала хIужабаздалъун ва гьелъие хIажалъула ритIухълъи, гьеб битIун бичIчIизе ккола, - ян вагъарана Мжаванадзе.

- ХIужаби? РитIухълъи? Гьедин нужее ритIухълъи ва хIужаби хIажат ратани нилъер гьудуллъиялъе заралги гьабун, гьеб тIехьалда битIизабе, Василий Павлович, цо кIвар бугеб хIужа. Авараз Телави кверде босана цохIо нухалъ гуреб, гьениб хъвавухъе, лъабго нухалъ кверде босана. Гьедин малъизеги малъе лъималазда, - янги абун гIодоб лъуна ГIабдурахIманица телефон", - ин бицана Расулица. Кинха хIурмат гьабилареб магIарулаз Данияловасул гьелдаса хадуб? Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG