МагъчIваялъе рес

Тахшагьаралъул гIумру ва гьелда тIаса пикраби


Жакъа МахIачхъалаялда лъазабун букIана субботник. Щаялиго нахъе бахъун рагIула. Дагьабги хинлъизегIан тараб къагIида. Гьеле гьеб субботник абураб жоялъул буго кинабго нухмалъиялъ ва халкъалъ ургъараб жоялъул гIадин кIиго рахъ - лъикIабги квешабги.

Субботник
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:00 0:00
Интернет-мухъ

ЛъикIаб рахъ буго гьеб тадбиралъ гIадамазул гъунки, цолъи, гIаммаб пикруялда ва ишалда сверухъ данделъи, жавабчилъи ва гражданазулаб бичIчIи бачIинаби. Лъалеб букIахъе кигIан лъикIал нухмалъулел тIалъиялда ругониги шагьар гIадинаб бакIалда гIадлуги рацIцIалъиги лъугьунаро жалго шагьаралъулал гIаммаб пикруялда сверухъ цолъизаричIого.

Шагьар буго чIагояб организм -жиндирго тарихги, гIумруги, хаслъабиги, берцинлъи ва сурукълъиги бугеб. Шагьаргун хIалтIизе ккола цIакъ мухIканго ва хIисабалда. Гьаниб щибаб къадал, щибаб къватIалъул, гъветIалъул, сквералъул ва ахил буго жиндирго къисмат ва тарих. Гьел чIорогояб бакIалда рижарал, ялъуни кидаго рукIарал жал гуро.

Гьезулъ цIунун букIуна гьеб ишалъе квербакъарал гIадамазул къисматги, тарихги, асарги. Масала, Родопалъул бульваралда аскIоб бугеб ганчIил кIамуриялда цеве эхетун вуго кибеялиго кверги битIун чIарав В.Ленинил памятник.

Дие, 1973 абилеб соналъ гьавурав чиясе гьеб памятник буго дир лъимерлъи ракIалде щвезабулеб гIаламат. Щай гурелъул 1982 абилеб соналъ тIоцеве шагьаралде щварав дида вихьун вукIана гьев "чи". ХIалихъего ракIалде бачIуна гьеб бакI.

Ригь арал херал чагIазе гьеб буго жидер цIадулаб гIолохъанлъиялъул памятник. Чан чIурканай ясгун гIолилав, чан цIа гIадав гIолохъанчигун жакъасей кIодо ун йикIун ятилей шагьаралъул ахикье тIаде валагьун Ленинги тун?

Гьениса ахикье рачIунаго батула зодобе араб чинаридул гъветI. Кидаго хIисаб гьабулаан дица гьелъул борхалъиялъухъ ва биццатлъиялъухъги валагьун киндай бижараб, щиб балъголъидай гьалъул бугеб абун.

Гьебги батана тарихияб гъветI. НусгогIан соналъ цебе ХХ гIасруялъул къоабилел соназул байбихьуда хадув Дагъистаналъул совнаркомлъун вукIарав Жалалудин Къоркъмасовас чIараб гъветI букIун буго. Чан батIияв инсан ва гьава-бакъ бихьун батилеб гьелда? Гьебги цIунизе ккола цо ахIмакъав, тарих лъаларев чиновникасул амруялдаса ва гIащтIиялдаса.

Гьенивго эхетун вуго лъебегогIан соналъ Дагъистаналъул нухмалъуда вукIарав ГIабдурахIман Даниялов. Гьес чан жо ракIалде бачIинабилеб гIадамазда? Гьеб буго шагьаралъул тарихиял тIанчаздаса цо-цо бакIал. Гьел рацIцIадгоги берицингоги цIунун наслабазухъе кьей букIине ккола нилъеда цебе бугеб масъала.

Нилъеца инсан гIодобе кьишни -къул реххунгутIизеги, реххараб бакIаризеги малълъарав гIадин малълъизе ккола нилъер шагьар бокьизеги, гьелъул тарих цIунизеги. Гьеб тарбиягун рацIцIалъи цIунулеб гIадаб тадбир гьабуни лъикIан шагьаралъул ахитектрура, тарих ва берцинлъи цIуниялъул суалалдаги.

Гьединлъидал субботник лъугьунеб буго пайдаяб ва хIажатаб тадбирлъун. Кинабха бугеб элъул квешаб рахъ? Квеш ккараб жо буго шагьаралда рацIцIалъи цIунизе кколеб мэрия ругьунлъулеб букIун мех-мехалда субботникалги гьарун бичча-бихъан хIалтIиги тун.

Субботниказ цо къоялъ бакIарулеб бихьун цо-цо рацIцIадал гурел хъулухъаз "экономия" гьабизе рес буго гьелъие бихьизабураб гIарцуе. Гьеб мехалда лъугьинехъин буго доб умумуца абулеб "хьвацIихьитаз гьабун чакмабаз кунеб" магIишат.

Гъаримал, моцIие анцIазарго гъурущ харж бугел хIалтIухъабиги кьищни бакIаризе гъун хинал тахбакIазул ва кIудиял гьундузул хважаиназ гьелъие биччараб гIарац кIутIичIони.

Гьедин гьабулеб къагIида гIадатлъун лъугьинчIони. Кинабго рахъалъ камилаб пикруги, хIукмуги, нухмалъиги, хIасилги букIунарелъул гьабулеб иш хIисабалда ва гIурхъи цIунун гьабуни.

Гьеб киналъулго хIисаб гьабун лъалеб цохIо - хIакъикъат буго. Нилъее шагьар бацIцIадабги, берцинабги, жаниб гIумру гьабизе санагIатабги, цебесебги цIунараб, цIиябги гIуцIараб хIажат букIин. Щивасе тавпикъги къуватги кьейги гьеб цIунизе. Хабаралги лъикIал рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG