МагъчIваялъе рес

Цояб камиллъигун цояб камулеб дунял


Чанго анцIго соналдаса гьаб чIагояб нилъ кIалъалеб мацIги хисун хасал ишараби, гIаламаталгун суратал хутIизе ругин абулел чагIиги камуларо цо-цо. Гьелъул магIна буго инсанасул гIадалнах, пикру, информация кьей ва къабул гьаби хисизабун бугин цере тIурал технологияца, гаджетаз, телефоназгун, копьютераз, интернет ва телефоналъул бухьеналъ абураб.

Лъида цебе тIамизеха кIолеб букIараб гьанжеялдаса кIикъоялда анцIго соналъ цебе дунялалъул рагIалдаса дуда дандвитIун гIодов чIарав гIадин чIагояб гьаркьидалъун чи кIалъалин ва нилъ цоцада рихьилин?

Щив божилаан гьаб сагIаталда дуца гьабураб калам, хъвараб текст, дур вуссингун свери хIарпаздалъун, гьаркьидалъун ва бихьизабиялдалъун дунялалъул щуго континенталда вугев чиясухъе лахIзаталда жаниб щвелин ва щуявго цоцада рихьун кIалъалин, гьединаб х1ажалъи ккани? Гьеб кинабго буго жакъа нилъер гIумруялъулъ, гьелъ хисизабулев вуго инсанги.

ХIисаб гьабеха, информация кьеялда ва щвеялда гьоркьоб жакъа бугеб кIудияб батIалъи. Масала, МахIачхъалаялдаса бищунго рикIкIад бугеб ЛъаратIа яги ЦIунтIа районалъул цо мискинаб росулъ вугев токги тIагIун хутIарав чияс хIедул чирахъалъул канлъухъе букI-букIараб тIанчида хъвалеб буго кагъат "Миллат" яги "ХIакъикъат" абураб газеталде почалдаса сверун бит1изе. Райцентралда бугеб почалъул ящикалъуб анкьгIан заманги бан, гьениса цо кIухIалай хIалтIухъаналъ поч босун бачIараб машиналда балагьизабула гьеб кагъат Анжиялде.

Гьанибги тира-сверун цойги анкьидаса щола гьеб пуланаб редакциялде. Гьениб кагътазул отелалдаги бегун бачIуна цо пенсиялде арав цIороберал лъурав мухбирасухъе, гьес тIад хIуччал цIан, къокъ гьабун, халат гьабун бищизе машинистакаялъухъ кьун, гьениса газеталда бахъун тIад бусун авторасухъе бачIуна моцIидаса гьесул макъала. Тохлъукьего гьеб казият бихьизе щварав чияс досухъе ватцапалдаса кIиго рагIи реххула "дуца цIаланищ?" абун нахъаса гьимулеб гIаламатги бугеб. Гьеб щола авторасухъе секундалда жаниб.

ХIисаб гьабеха нухда моцIги бан щвараб пикруялъе дандерижи бачIцнеб буго цо секундалда жаниб. Гьалъ сундул бицунеб бугеб? Гьалъ бицунеб буго информация кьеялъулъги, босиялъулъулъги бугеб кIиго цоцадаса батIи-батIияб дунялалъул. Амма гьел хехго кьолел ва босулел къо бахъанагIан гIемерлъулел руго. Гьезие гIумурялъул хехлъи гIолеб гьечIо, гьел тIадеги гIедегIун руго. Гьел гIедегIанагIан хIажат гьечIеблъун лъугьунеб буго художествияб литература, хасго проза, газеталгун журналазда чIахIиял текстал ва гьел цIалулел гIадамал.

Гьел гьечIолъиялъ тIалаб гьабизе буго жакъасел информациялъул алатазул, информация кьеялъул цIиял къагIидаби. Гьеб информация букIине буго инсанасул гIадалнахалда, гьеб къабул гьабиялда рекъараб. Гьелъ бижараб буго пикру сураталгун ишарабаздалъун кIалъазе буго гIун бачIунеб гIел абураб пикруги. Нилъеда цере тIамизецин захIматал рукIарал жал лъугьа-рахъунел руго жакъа гIелмияб дунялалда.

Щибаб цIияб жо рагьарабго тIагIунеб хIажалъи цо жоялда, чара гьечIого къварегIараблъун лъугьунеб буго цогидаб. Нилъеда лъалаха жакъасеб интернеталъул информация балагьулеб системаялда GOOGl таржама хъулухъалъ дунялалъул бокьараб мацIалда бугеб цо текст буссинабула цогидаб мацIалде.

Гьебго хъулухъалъул халкъазда гьоркьосеб бухьеналъул хъулухъ рагьизе рагIула бокьараб батIи-батIияб мацIалъул чагIи цоцадехун кIалъалеб. Дица авар мацIалда хъвараб текст, яги абураб калам доб рахъалда вугесухъе ингилис мацIалда щолеб, данде жаваб аваралъ бачIунеб. Гьеб кинабго камиллъун хадуб кинабгIаги хIажалъи чIагояв таржамачиясулгун тIурарал гьелда тIад хIалтIулел институтазул ва идарабазул хIажалъизехъин гьечIогури.

ХIасил калам, нилъеда бихьулеб буго дунял ахираб 10-20 соналда жаниб батIа бахъизе лъалареб хIалалъ цебе тIураблъи. Гьединго бихьулеб буго жеги цебе тIезе рес ва гIелмияб сурсат букIинги. Лъалареб жо буго сундуе ва кинаб зарал гьелъ гьабизе бугебали, цояб камиллъарабго цогидаб камулеб гIумруялъул закон киназдаго лъалелъул.

Дир хIисабалда цоцахъе хъвалел кагъталгун битIулеб ругьел тIагIараб гIадин тIагIине рес буго кагътида хъван кьолебщинаб. ТIагIун дунял тун тIахьалгун газетал инаро, гьел рукIина, гьел хъвараб цIализе регIарал гIадамал рукIинаро. ЦIияб гIел гIедегIун буго. Гьезул сабру гIезе гьечIо гьава-бакъалъулги, кьерхен-роцIицIиналъулги, нилъер пикругун асаралъулги хъвараб жо цIализе. Асар тIубанго лъугIин гьениб хIакъаб жо буго, хьул буго пикруниги хутIиялда. Хабар лъикIаб рагIайги.

======================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG