МагъчIваялъе рес

Сунда тIад месед бекьун лъикI?


dagestan / mountain residents /avars / маг1арулал /оружие
dagestan / mountain residents /avars / маг1арулал /оружие

Щибаб заманалъул, пачалихъалъул ва халкъазул рукIуна жидерго мисалал, идеалал, цересеб кьерде рачIунел гIаламатал. Кидаго гIасрабаца кIудиял империязулги, пачалихъазулги нухда букIараб Дагъистаналъе жиндир гIумру ва къадру цIунизе чара гьечIеб алатлъун букIана ханжар ва туманкI - ярагъ. Ярагъ тIад гьечIев магIарулав арал гIасрабзда гIицIгояв, толохIочорав чиясда релълъунаан. Гьеб чара гьечIого хIажатаб жо букIана чиясе.

ХIурият бергьун хадуб пачалихъ щулалъарабго гIадамазул кодоса нахъе босана ярагъ. Дагьабниги чIаголъи бугел чагIазул цо-цоял лъугьана жалго тIад ярагъ борчарал чагIилъун - комиссараллъун, партизаналлъун, багIар аскаразулаллъун, ЧК, НКВД ва цогидаб танчил агьлулъун. Гьезул мухъилъе ккечIого ярагъ барал лъугьана гьезул ва пачалихъалъул тушбабилъун. Гъурун, чIван, Сибиралде ритIун, туснахъ гьарун, лал тIамуна гьезда тIад багIараз ва цIияб тIалъиялъ. ХутIараб халкъ? МагIарул уздензаби? Черхалда ярагъги бан, хурги бекьун, бокьги бахъун рукIарал гIадатиял магIарулаца щибха гьабураб? Гьезухъеги течIо пачалихъалъ ярагъни киб гурин, чвантиниб кIичIвалеб нусгIан гурони жо. Векьарухъанасда пурцил гIоркь бихьизабуна, вехьасда кодобе тIил кьуна гIи хьихьизе айин. Гьел гуккизе ва цIияб заман беццизе кьун гIарацгун хъвадарухъабиги тIамуна. Масала, магIарулазул аслияв ва бищунго машгьурав шагIир ЦIадаса ХIамзатица гьеб темаялда хъвана:

ГIадан хвалде вачунеб, хонжрода бекьичIого

Вехьасул тIилида щай тIад месед бекьулареб?

Ясазул гIин-квералда баргъич, курхьен ххечIого,

Щайзе кутнал гIоркьалда гIарцул гор тIамулареб? - ин.

До саназда гьаб букIана кутакалда пасихIабги, рекъон ккарабги, актуалиябги кечI. Заманалда рекъон хъвараб букIун. Долдаса къого соналъ цебе хъван букIарабани поэтасул бетIер сверун бугин абилаан. БичIчIилароан кечIги, букIинароан гьелъул магIнаги. Щай гурелъул магIарухъ халкъалда гьоркьоб цIакъ къиматалда, ссиялда букIана ярагъги, ярагъ ккураб кверги, гьеб махщалида хIалтIизабулев яргъил бетIергьанги. Векьарухъан ва вехь къиматалда вукIинчIин абиларо, амма гьел рукIана чехьалъе ва черхалъе гIоло хIалтIулел чагIи. Гьеб къадру цIуни абураб жо магIарулаца гьелдаса тIадегIан гьабулаан. Гьеле гьебго "вехьасул тIилида тIад месед бекьизе" ахIулеб кечI нилъер заманалъул гIолохъанчиясе цIалани гьевги велъила гьелда тIад. Жакъаги бичIчIуларо гьеб кечI. Жакъаги ссиялда гьечIо хIалтIухъан. Вехьасухъ ва векьарухъанасухъ гIамал кIодого ралагьулел руго гьес кьураб нигIматги кванан, кьурун кIалги бацIцIун. БатIалъи щибха ккараб хIурият бергьиналде цебе гьаб кечI къабул гьабичIев магIаруласдаги, жакъа гьеб бичIчIуларев гIолохъанчиясдаги гьоркьоб? Доб заманалъул чияс цебехун абухъе вехьасул тIилидаса ханжар цебе гьабуна къадру цIуни черх хьихьиялдаса тIадегIан гьабун. Жакъасес хIалтIухъанги, векьарухъанги хIаларо гьел мискинал рукIун. Мискинчияс кодоб ккураб тIилида букIунарин месед абун.

Жакъа бищунго ссиялда буго я ханжар, я тIил гуреб, гьеле гьеб вехьас тIилида бекьизе кколин абулеб месед. Гьеле гьеб бугев чи вуго ссиялда. КигIан инжитаб ва рогьояб нухда гьеб данде гьабун батаниги. ГIарцуе гIоло щиб инжитлъиялде аниги рогьо гьечIо, рогьолъун буго жибго гIарац гьечIолъи.

ХIелунги, гьарунги, бахъунги, гIадамал чIванги, хиятнат ва рекIкI гьабунги чияс кIудияб хъулухъ балагьани, гьелдаса сверун ришватги босани, бюджетги бикъани, хутIанщинаб чурулеб буго гIарцуца, меседалъ, боцIуца. Гьеб киналъулго хIисабги гьабун хъвана нилъер заманалъул шагIир, жиндир мунагьал чураяв Бакълухъа ЖабрагIил ХIасановас къоло цоабилеб гIасруялъул байбихьуда:

"Гьанже боцIул гуреб цIарги хутIичIо,

ЦIогьорасул гуреб къиматги гьечIо,

Бидулал гурони бутIрулги ккечIо,

БатIулаб гурони хабарги гьечIо..." - ян. ТIалъиялда батIи-батIиял чагIи ккезе рес буго, амма ссиялда блатноял ругел соназда бижана гьаб кечI, жакъасеб хIакъикъаталъ керен ссудун шагIирас хъвараб. Сунда тIадха "бекьилеб" гьанже месед шагIирас? Гьеб суал жеги роцIцIун гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG