МагъчIваялъе рес

ЦIоралъул гIадамал Азербажаналъул рагъда


Nagorno-Karabakh -- Men carry the coffin of an Azerbaijan's serviceman, who was killed on April 2 during clashes between Armenian and Azeri forces in Armenian-seized Azerbaijani region of Nagorny Karabakh, during his funeral in Terter on April 3, 2016.
Nagorno-Karabakh -- Men carry the coffin of an Azerbaijan's serviceman, who was killed on April 2 during clashes between Armenian and Azeri forces in Armenian-seized Azerbaijani region of Nagorny Karabakh, during his funeral in Terter on April 3, 2016.

Апрелалъул байбихьуда Гъарабагъалъе гIоло Армениялдаги Азербайджаналдаги гьоркьоб цIидасан рагъулаб тунка-гIуси унеб букIана. Россияги халкъазда гьоркьосел рекъел цIуниялъул гIуцIабиги гьоркьоре лъугьун гьаб сагIат гьеб конфликт гьоркьоб къотIизе тун букIаниги, гьениб тIубан гIодойбиччай гьечIин лъазабулеб буго цIоралдаса магIарулаз.

Улкаялдаго киса-кибего мобилизацияги лъазабун, рагъде хIадурун рукIайилан абураб амру бугила пачалихъалъул тIалъиялъулилан бицана гьез. Азербайджаналдаса армиялде ине бегьулеб ригьалъул щивниги чи гIурхъи бахъун къватIиве виччалев гьечIин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялдаса МахIачхъалаялда гIумру гьабун вугев цIоралдаса магIарулав ГIалиев Шамилица.

Гьесул рагIабазда рекъон, цохIо азербайжанал гурониги гьенир гIумру гьабун ругелщинал цойгидал миллатазул гIадамалги рагъде рахъинаризехъин руго Азербайджаналъ. Гьезда гьоркьор ругел цо-цо лезгиялги, магIарулалги цIахуралги жидер ватIан Дагъистан бугин, Азербайджаналъе гIоло жал рагъизе ине гьечIинги чIолел руго.

ГIалиев Шамиль «ЦIоралда ругел магIарулазеги киназегоги гIаммаб мобилизация лъазабун буго. Гьеб рагъалда хурхунги гIадамазул батIи-батIиял пикраби руго. Амма магIарулазеги цойгидал гьенир гIумру гьабун ругел миллаталъул гIадамазеги гьеб рагъ къваригIун гьечIо. ГIадатиял азербайджаназги абулеб буго жидее рагъ къваригIун гьечIилан.

Хасго гьаб сагIат улкаялда экономикияб кризисги бугила, гьеб рагъде рагIараб хIал гьечIилан. Армиялда хъулухъ гьабун лъугIун апрелалда рокъоре рачIине кколел рукIарал гIолохъабиги демобилизациялде риччан гьечIо. КидаллъагIан гьел армиялда чIезаризе ругелалиги баян гьабулеб гьечIо гьезие. Гьединго магIарулазги лезгиязги абулеб буго Азербайджан жидер ватIан гурилан, жидер гьитIинаб ватIан Закатала, ЧIар, Белокан бугила. Гъарабагъалъе гIоло Азербайджаналъул рагъулъ жал щайин гIахьаллъизе кколелилан.

Гьединго Шамилица баян гьабуна цIидасан багъарараб гьеб рагъулъ ахирисел баяназда рекъон кIиго Закаталаялдаса гIолохъанчиги чIван вугилан. Азербайджаналгун жубарал магIарул тухумалъул васал рукIанин гьелилан.

МагIарулал гурониги цIоралда гIумру гьабун ругел лезгиязегун цIахуразеги гьеб рагъ къваригIун гьечIин абуна «Эркенлъи» радиоялъе Азербайджаналъул Кусары мухъалдаса лезгияв СагIидов Анварица.

СагIидов Анвар: «Щал нуж, кисайила цIехечIого армиялде рачунел руго гьениса гIолохъаби. Азербайджаналищ гьел лезгиялищ, магIарулалищ яги цойгидал гьенир гIумру гьабун ругел миллатазул гIадамалищали гьикъулеб гьечIо. Бокьун бугищ гьезие рагъде ине гьечIищалиги лъицаха гьезда цIехелеб. Нижер ватIан ругин Азербайджанин гьелъий гIоло жал рагъизе кколарин абизе хIал бихьани нужерго ватIаналде айилан абула гьез.

Гьадинги киндай нилъерал гьениса нахъе инарилайилан абун рукIуна гьел. Гьаб сагIат 37 сон бачIел киналго гIолохъаби рагъде ине хIадурун рукIайин лъазабун буго. Пачалихъалъул гIурхъи бахун гьеб ригьалде рахинчIел чагIи къватIире риччалел гьечIо. Россиялда яги Дагъистаналда цIалулел ругел армиялде ине ригьалде рахарал гIолохъаби Азербайджаналде тIадруссине риччалел гьечIо гьезул эбел – инсуца. ГIарац бугони армиялде инчIониги тIурала гьенир, кигIан кьезе кколебали дида лъаларо, амма гIарац бугел гIадамал гьенир я армиялда я рагъда рукIунароха».

Гьаб сагIат Гъарабагъалъе гIоло унеб бугеб рагъда цIоралъул гIолохъабазул щиб бугебали жиндида мухIканго лъаларила, амма тIоцебе гьеб рагъбайбихьун хадуб гьениб цIоралъулазе цохIо армяназдасан гуреб азербайджаналъулаздасанги хIинкъи букIанилин абулеб буго жиндир заманалда цIоралда гIумру гьабун вукIарав, гьениб бугеб ахIвал-хIал лъалев жамгIияв хIаракатчи Къебедов МухIамадица.

Къебедов МухIамад: «Цебе Гъарабагъалда рагъ бугеб мехалда гьенир рагъулел рукIарал нилъер гIолохъабазе цохIо армяназдасан гурониги азербайджаналъулаздасанги хIинкъи букIана. Нахъасан чIвалел рукIана нилъерал азербайджаназ. Гьезие щиб гьабунги нилъер гIадамал Азербайджаналъул ракьалдаса нахъе ине къваригIун бугелъул. Нужеего бокьун инчIони, гьадин инарила абун чIвалел рукIана гьел. Гьаб сагIатги гьеб ахIвал-хIал нилъеразе лъикIаб рахъалдехун хисун батиялда божуларо дун».

XS
SM
MD
LG