МагъчIваялъе рес

МугIрузул Гъарабахалъул конфликталъул камиял рикIкIунел руго рахъаз


Лъиданиги бачIеб пачалихъ хIисабалда лъицаниги къабул гьабичIеб МугIрузул Гъарабагъалъул Москваялда бугеб дипломатияб идараялъул вакил Арсен Мелик-Шахназаровасул лъазабиялда рекъон, Азербайджаналъулгун конфликталда эрмениязул рахъалдаса хун вуго 50 гIанав чи, 100-ялдаса цIикIкIун чи лъукъунги вуго. 26 чи тагIун вуго жал кире ккаралали лъачIого.

Азербайджаналъул улка цIуниялъул идараялъул вакиласул лъазабиялда рекъон, гьезул рахъалъул хун вуго 31 рагъулав. Армия махIрумлъун буго цо тирелоялдаса ва цо танкалдаса.

Амма кIиябго рахъалъ цоцал камиял рихьизарулел руго лъазарурал къадараздаса цIикIкIун.

XS
SM
MD
LG