МагъчIваялъе рес

Азербайджаналда щай дагъистаниязе лъоларел монументал?


1940 абилел соназда Дагъистаналъе нухмалъи гьабурав ГIазиз ГIалиевасе МахIачхъалаялда монумент лъезехъин буго.

Саркаров: «Азербайжаналъги лъеха дагъистаниязе монументал»

КватIичIого Бакуялдаса МахIачхъалаялде бачIине буго 40 абилел соназда Дагъистаналъе нухмалъи гьабурав ГIазиз ГIалиевасе лъезехъин бугеб, граниталъул гьабураб монумент. ГьабсагIаталда абуни Дагъистаналъул тахшагьаралда гьелъие гъоркьбакI къачIалеб буго – ГIазиз ГIалиевасул цIаралда бугеб къотIноб бетоналъул хIубал руго лъаб-лъаб метралъ эхеде лъолел.

Щуго метралъул борхалъиялъул 14 хIуби букIине буго гьениб кинабниги. Цинги монумент лъолеб бакI сурукъго букIинаредухъ къачIан руго сверухъ ругел минабазул цересел рахъал, кигIан гIадамазул разилъи гьечIолъи букIаниги, риххизарун руго изнуги гьечIого гьез тIаде рарал бакIалги. ЦохIо монумент лъун течIого жеги гIадамал жанир тира-сверизе гъветI-хер чIолеб, хIухь бахъизе гIодор чIезе бакIал гьарулел руго гьенир.

Гьеб киналдаго тIад гIарац харж гьабулеб буго Азербайжаналъ. Амма ГIазиз ГIалиевасе МахIачхъалаялда монумент лъезе бегьиялъул пикру Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас кьун букIун буго дагьалъ цевегIан Бакуялде щведал.

Дагъистаналъе нухмалъи гьабулаго ГIазиз ГIалиевас бихьизабураб тIокIлъиялъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго ЭР-ялъе тарихчи ХIайбула МухIамадсалихIовас.

ХIайбула МухIамадсалихIов: «Багировасе кутакалда бокьун букIанила Дагъистан Азербайжаналда гъорлъеги бачун цо республика гьабизе, амма ГIазиз ГIалиевас биччачIин бицунаха. Гьелъ гьесул къиматги кIудияб букIуна гьаниб, Дагъистаналда. Цинги хъулухъалдаса ун, Азербайжаналде тIадвуссиндал, ГIазиз ГIалиев дова къварид гьавулевги вукIун вуго. Аммма жиндирабгоги ккун чIола гьев».

ХIайбула МухIамадсалихIовас бицунев Багиров кколаан долго рагъул соназда Дагъистаналъул нухмалъиялде Азербайжаналдасан витIун вачIарав чи.

Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар Дербенталъул аслияб къватIалда лъезехъин рукIаго кутакаб дандечIей багъарун букIана чанго соналъ цебе. Гьединаб дандечIей гьечIониги, ГIазиз ГIалиевасе монумент лъолеб букIиналда бан республикаялда рагIизе бегьула батIияб пикруги.

Масала, лезги миллаталъул жамгIияв хIаракатчи Амиль Саркаровас абуна ЭР-ялъе гъорлъа рищун лъечIого, республикаялъул нухмалъиялда рукIарал цогидал бутIрузеги лъейилаха монументал. Гьелъул гIаксалда, рес бугелщинал цереги кIанцIун, бокьа-бокьаразе лъолел ругила монументалги къватIазда цIаралги.

Амиль Саркаров: «Масала, Илмутдин Насрудиновасул (Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи – ЭР) цIаралда буго нилъер гьаниб къватIги, лъун буго монументги. Амма гьевин абуни республикаялъул даражаялда щибниги кутакаб жо гьабурав чи кколаро. Жинца нухмалъи гьабулеб букIараб магIишатги бикъун лъугIизабиялда бан цIех-рехалъул хIалтIигицин байбихьун букIанин бицуна гьесда сверухъ.

Амма букIаниги щибха, гьесул лъималги лъималазул лъималги ругелъул тIалъиялдаса гIебеде, гьезда кIун бугоха гьесул цIар даимлъизабиялъе хIалтIи гьабизе. Гьединго цойги рахъги буго гьаниб ракIалде щвезабизе кколеб. Нилъеца Азербайжаналъул вакилзаби кIодо гьарулелго гIадин, дозги щайха нилъерал кIодо гьаруларел?

Масала, Азербайжаналда имам Шамилие лъураб монумент кьвагьизабун букIанин. Жибго Азербайжан цебетIеялъе квербакъарал лезгиялги рукIана советияб заманалда дора хъулухъазда. Гьел щай кIочон толел ругел дозда? Лъеха дозги Готфрид ХIасановасулгун ХIажи Давудил цIаралги цогидабги. ПалхIасил, кIийихъан букIине кколеб гьеб хIалтIи дида гьабсагIаталда гIицIго цо рахъалдасан гурони бихьулеб гьечIо».

ПалхIасил, ГIазиз ГIалиевасе лъолеб монумент исана ихдалалдехун лъугIизе бугин абуна тахшагьаралъул мэриялда.

XS
SM
MD
LG