МагъчIваялъе рес

ХIажи-Давуд мустахIикъав гьечIищ къватIалда цIар лъезе?


15 июналда Азербайжаналдаса гьалбалги рачIун Дербент шагьаралъул аслияблъун рикIкIунеб Советская абулеб къватIалда цIар хисизехъин буго.

Гьедин гьелда лъезе буго Азербайжаналъул вукIарав нухмалъулев ХIайдар ГIалиевасул цIар. Амма гьеб биччаларин чIун руго лезги миллаталъул гIадамал. Гьедин 8 июналда Дербенталда тIобитIизехъин буго кIудияб митинг. Гьелдалъун митингчагIазе къваригIун буго исана 8 маялда Дербент шагьаралъул депутатаз гьабураб гьеб хIукму нахъбахъизабизе. Хас гьабун абуни гьеб митинг тIобитIизе тIаде босун буго Къилбаялъул рахъалда бугеб Дагъистаналъул халкъазул маданиябгун тарихияб ирсалъул Централъул нухмалъулев Сардар Агъаларовас. ХIакъикъаталда шагьаралъул гIадамаздаги гьикъун гьабурабанигицин гьеб хIукму батIияб жо букIинаанин, гьединго жал азербайжан миллаталъул гIадамазде данде ругел чагIи гурин абулеб буго гьес. Амма Дербенталда цебе ХIайдар ГIалиевасул тIокIлъи щибдила бугеб?

Сардар Агъаларовасул рагIабазда рекъон, чара гьечIого азербайжанал къваригIун ратани, чанги ругила Дербенталъул къватIазда цIарал лъезе мустахIикъал чагIи. Масала, социалистияб захIматалъул БахIарчи Нариман ГIалиев. Азербайжан миллаталъул гьев чиясул гIумру ана Дербент мухъалда цIолбохъанлъи цебетIезабулаго. ЧIаго вукIаго цо магIишаталда гьесул цIаргицин лъун букIана. Лъадигун цадахъ жиндирго рокъов чIвана гьев чанго соналъ цеве.
Къилбаялъул рахъалда бугеб Дагъистаналъул халкъазул маданиябгун тарихияб ирсалъул Централъул нухмалъулесухъ руго ХIайдар ГIалиевасул цIар лъеялда дандечIарал Советская къотIноса 270 чияс гъулбасарал кагътал.

Сардар ГIалиев: «90 сон буго гьезул Советская къотIноб гIумру гьабулелдаса. Гьале гьанже рахъун гьелда лъезехъин буго батIияб пачалихъалъул вукIарав цевехъан ХIайдар ГIалиевасул цIар. Щиб пайда гьесдаса Дербенталъе, Дагъистаналъе бахараб? КинабгIаги бахинчIо. КъваригIани нижерго руго нижер къватIазда цIарал лъезе гIадамал – азербайжаналги, лезгиялги, рутулалги, табасараналги, агъулалги».

1990 –абилел соназда Дербенталда чIван вукIана халичаби рессулеб фабрикаялъул нухмалъулев, лезгияв. Гьелъ кIудияб питна бекьун букIана шагьаралда гIумру гьабулел лезги ва азербайжан милаталъул гIадамазда гьоркьоб. Гьединлъидал гьанже шагьаралъул аслияб къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар лъуни, лезги миллаталъул гIадамазда цIидасан ракIалде щвезе бугин доб питна-хIур, цIидасан багъарине бугин добго хIалуцингиян бицана ЭР-ялъе Сардар Агъаларовас. ТIадежоялъе лезгиязда жеги ракIалда ругила ХIайдар ГIалиев нухмалъиялда вукIараб советияб заманалда Азербайжаналда, дагъистанияз гIумру гьабулеб Закаталаялда, чIварал анцI-анцI лезгиязулги магIарулазулги церехъаби.

Сардар Агъаларов: «Лезгиязул пачалихъ гIуцIарав ХIажи-Давудил монумент щай гьечIеб Бакуялда, яги Фатали-ханасул, ялъуни бергьарав гIалимчи МухIамад Ярагъиясул щай гьечIеб? Гуро, дагь-дагьккун, дагь-дагьккун нижер шагьаралъул центр Азербайжаналда гъоркье бачунеб буго».

Сардар Агъаларовас хадубги абуна Бакуялда бугеб ХIайдар ГIалиевасул цIар лъураб майдан жидер ХIажи-Давудиде хисизабуни, Дербенталъул къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар лъезе жидецаги биччалин.

Сардар Агъаларовасул рагIабазда рекъон, школлъималазе риччарал тарихалъул тIахьаздацин жибго Дербент шагьаралъул хIакъалъулъ хъван рагIула гьеб бугин заманаялъ Россиялъ бахъараб Азербайжаналъул шагьар.

Митинг гьабизехъин ругел лезгияз ЭР-ялъе бицухъе, Дербенталъул къватIалда ХIайдар ГIалиевасул цIар лъезе гьабураб гьеб хIукмуялдаса шагьаралъул мэр Имам Яралиевас инкар гьабичIони, гьез гьев миллаталъул церехъабаздаса гьоркьоса нахъе вахъизе вуго. ГьанжелъагIанин абуни лезгиязул аслиял церехъабазул цоявлъун рикIкIунаан гьев. Гьединлъидал 15 июналде жеги къоял ругин, гьелде щвелалде жидеда гьесие рес кьолеб бугин жиндирго гъалатI хисизабизеян лъазабулеб буго лезги миллаталъул ишкодосез.
XS
SM
MD
LG