МагъчIваялъе рес

АхIмаднабиевасул ишалъулъ диванчигун цIех-рехчиги цого гьакида


10 марталда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ инкар гьабуна журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул иш бачунев адвокатасул гIарзаялъе. Гьелъул магIна ккола диванчияс цIех-рехчиясул рахъги ккун, журналист чIваялъул цIех-рех рагIалде бахъинабичIого тезехъин букIин.

Москваялда вачIарав адвокат Тумас Мисакяница МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванчи Камилпаша ГIабдулгъапуровасда гьарулеб букIана журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIваялъул цIех-рех чIезе тей мекъаблъун рикIкIейин. Живго гьев цIех-рехчияс хIалтIи рагIалде бахъинабунгутIиги къануналда данде кколареблъун рикIкIейин.

Амма гьеб кIиялъего инкар гьабуна диванчияс. БачIунеб 10 къоялда жаниб гьелда дагIба бан гIарза апелляциялде кьезе ракIалда буго адвокат Тумас Мисакянида.

Диванчи Камилпаша ГIабдулгъапуровас жиндир гIарзаялъул бащадалъул халгицин гьабичIолъи бичIчIанин жинда гьес диваналда бицунеб букIаралдасанилан абуна ЭР-ялъе адвокат Тумас Мисакяница. Масала, гьес бицен гьабун гьечIо цIех-рехчияс хIалтIи рагIалде бахъинабунгутIиги къануналда данде кколареблъун рикIкIейин абураб бакIалъул. Гьебин абуни кутакалда къануналда данде кколареб хIужа бугин, гьелда тIасанги хъвазе бугин жинца гIарзаян бицана адвокатас.

Амма диванчиясул рагIабазда рекъон, гьес битIараб хIукму гьабун буго – АхIмаднабиев чIваялъул цIех-рех гьаби чIезе теялдаги гьеб иш бачунев цIех-рехчиясдаги тIадрекъей ккола гьеб. ГIайибиял чагIи щалали чIезаризе кIвечIолъиялъ гьабун рагIула гьединаб хIукму.

Сунде мугъчIвайги гьабун диванчи гьединаб пикруялде вачIаравали бихьулеб гьечIин гьес гьабураб хIукмуялдасан, гьединго дов цIех-рехчиясги баян гьабулеб гьечIин гьелъие гIиллайилан бицана адвокат Тумас Мисакяница ЭР-ялъе. ЦIех-рехчияс даптаралда хъвалеб гьечIила кина-кинал цIех-рехалъул тадбираздаса хадуб гьесда чIвадарухъаби щалали чIезаризе кIвечIелали.

Гьеб диваналъул данделъиялда вукIарав пачалихъияв гIайиб гIунтIизабулес абуна Россиялъул УПКялда, ай къануназда, рекъон, пуланаб цIех-рех чIезе теялъе хIукму гьабулаго рехсечIониги бегьулин гьелъие гIиллалъун щиб ккарабали. Амма гьелъ гIажаиблъизавулев вуго адвокат Тумас Мисакян. УПКялъул 7 статьяялда рекъон, цIех-рехалда хурхарал киналго хIукмабазе кьучIал далилалги гIиллабиги рачине кколила.

Тумас Мисакян: «Гьеб жо битIараб гьечIо – УПКялъ гьел гIиллаби рехсей тIалаб гьабуларин прокурорас аби. ЦIех-рехалда хурхараб щибаб хIукму бичIчIуледухъ, кьучIаб гIиллаги бачун гьабун гьечIони, къануналда данде кколаро гьеб».

Журналист АхIмаднабиев чIваялъул цIех-рех цебеккун анкьго нухалъ чIезе тун букIун буго гьединанго гIайибиялги ратичIого.

АхIмаднаби АхIмаднабиевго гIадин, ХIажимурад Камаловги, ГIабдулмалик АхIмадиловги, Дагъистаналъул цогидалги журналистал чIваялъул цIех-рех гьаби федералияб даражаялде кьейин гьарулеб букIана гъоркьисала ва кьерциса Россиялъул президент Владимир Путинида инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ президентасда цебе гIуцIараб цолъиялдаса вакил Максим Шевченкоца. Гьеб хитIабалда гъоркь гъулбас лъун букIана халкъазда гьоркьосеб 28 гIуцIиялъги. Амма жеги цо бицинегIанасеб хIасил кколеб гьечIо гьелъул.

ГIахьвахъ мухъалъул КIаратIаса журналист АхIмаднаби АхIмаднабиев чIвана МахIачхъалаялда 2013 соналъул 9 июлалда.

Цебеккун низам цIунулезде гIарз бахъун букIана гьес жив чIвазе къасд гьабулел чагIи ругилан. Амма гьез гьеб кIвар кьечIого тана.

АхIмаднабиев хIалтIулаан «Новое дело» газеталдаги «Кавказский узел» агентлъиялдаги. Гьесул хIурматалда Россиялъул журналистазул цолъиялъгун цадахъ «Кавказский узелалъ» санайилаб премия чIезабун буго Кавказалъул хIакъалъулъ хъвадарулел журналистазе.

XS
SM
MD
LG