МагъчIваялъе рес

Афгъанистан жидер къисматалда бессаразул къоялда


15 февралалда 27 сон тIубала советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачаралдаса. Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул жакъа республикаялда вуго 2000 саги цIикIкIун чи. Кинаб бугеб гьезул жакъа ахIвал-хIал, рази ругиш гьел жакъа хIукуматалъ гьабулеб бугеб тIалаб агъазалдаса?

Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъара рачаралда 27 сон тIубаялда бан 15 февралалда МахIачхъалаялда, Афгъаналъулазулин абулеб паркалда тIобитIана митинг. 1979-1989 соназда Дагъистаналдаса гьениве вагъулев вукIана 3000-саги цIикIкIун чи. Республикаялъул бакI-бакIазда гIумру гьабун ругел афгъаналъулазул лъабнусго гIанасев чи вачIун вукIана гьениве. Гьезда гьоркьор гIемерал руго доб рагъулъ сакъатлъи щваралги. Инвалидал хIисабалда хIукуматалъул рахъалдаса гьабулеб тIалаб-агъазалдаса разиго ругилан бицана цо-цояз «Эркенлъи» радиоялъе.

Мисалалъе щибаб соналъ санаторияздегун, курортазде ритIулила хIухьбахъи гьабизе. Амма тIубанго хIукуматалъ гьабулеб кумекалдасаги гьел рази гьечIо. Гьеб кумекалъул бищунго цIикIкIун 15 процент щолеб батилин жидееян бицана нижер программаялъе Буйнакск мухъалъул ХIабщиса МухIамадов МухIамадица. Жакъа афгъаналъулазул бищунго унтараб суаллъун хутIун буго гьезие хIукуматалъ кьезе кколел рукIарал, амма жеги-харги кьечIого хутIарал рукъзал. Мисалалъе Гъизилюрталдаса Мухтаров Зиявудин 1990 соналдаса нахъе вуго рукъзал щвезе кколезул иргаялда.

Муртузов Зиявудин: «Цо чед бежулеб рукъ базе ракьул кесек тIалаб гьабизе лъугьарав дие гьебгицин щвечIо тIокIаб жоялъул бицинчIониги. Гьале 26 сон балеб буго рукъзал щвезе иргаялда чIаралдаса, щвелищалиги лъаларо. ГьабсагIаталда эбел-инсуда аскIов вуго дун рукъалъ. Рукъзал щвезе кколел рукIаразул 15 проценталъе щун руго гьел, хутIарал гIаммаб сияхIалдеги рехун тун руго»

Гьединабго гIарз буго Лаваши мухъалъул УхIли росулъа Султанбегов АхIмадилги.

Султанбегов АхIмад: «Щибаб соналъ документал цIигьарулаго гьанжелъагIан 200 000 гъурщуниги ана дир, валлагь ана. Щибаб соналъ Лавашивеги ун гьарула документал, щибаб кагътихъ лъикI гIарацги уна бахъун».

ЭР: «Щиб гIилла батун гьез духъа гIарац тIалаб гьабулеб?».

Султанбегов АхIмад: «Багьана батизе гIемераб къойиш гьезда бихьулеб. Министерствоялъ тIалаб гьабулеб бугилан, абин, добин абула гьез. Лъаларо, гьалдаса хадуб квартира щвелилан щибго хьулцин хутIулеб гьечIо».

1979-1989 соназда Афгъанисаналда рагъулел рукIарал 3000 саги цIикIкIун дагъистаниязул гьенив хвана 150 саги цикIкIун чи.

XS
SM
MD
LG