МагъчIваялъе рес

Советал нахъе ун 25 соналдасан тlалибазул ахlи


ТIалибаз шамат къоялда афгъанал ахIана Цолъарал Штатал Афгъанистаналдаса нахъе хъамизе, гьез абухъе, мужагьидаз 25 сон цебе советиял аскарал хъамараб куцалда. Reuters-алъ кьолеб гьеб лъазабиялда абулеб буго тIалибаз рикIкIунеб бугин «жакъа Америкаялда дандчIвалел ругин доб заманаялда советазда дандчIвалел рукIарал масъалабийин». Афгъанистаналда советиял аскаразул ахирисеб къукъа нахъе бачун букIана 1989 соналъул 15 февралалда. Америкаялъул ва цоги къватIисел улкабазул аскараз Афгъанистан тезе буго исана соналъул ахиралде.
XS
SM
MD
LG