МагъчIваялъе рес

ГIадамал хIисабалда лъикIал рукIаниги хIалтIи хашал хъулухъчагIи


Гlабдулатlипов Рамазан
Гlабдулатlипов Рамазан

22 августалда Миллияб библиотекаялда тIобитIана исана бащдаб лъагIалида жаниб социалиябгун экономикияб рахъалъ Дагъистан цебетIеялъул суал гьоркьоб лъураб данделъи.

Гьеб заманалда жанир нилъ кин церетIуралали бицана росдал магIишаталъулги, промышленносталъулгун энергетикаялъулги, бакIал раялъулгун ЖКХялъул министраз.

ТIоцебе «кьаби» щвана росдал магIишаталъул министр Башир Байтемировасда. Гьава-бакъалъул иш лъикI букIиналъ, росдал магIишатги тIадеялдаса тIаде цебетIолеб бугин, цересел соназда рахьдал къадар цIикIкIун бихьизабун букIун, гьанже гьебги рукIалиде бачIинабунин, кредиталги кьолел ругилан бицунев вукIарав министр гьоркьов къотIизавуна президентас.

Бицейила нужеца къарзалдаса кигIанасеб процент гъоркь кколебали? I5 –ялде щвезегIан процентал кколин абуна дос.

«Муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулел, гьанже нужеца бице нуже-нужер мухъазда росдал магIишат цебетIезабизе кредитаздаса чан процент кколеб бугебали? Яги нужехъе гIадамал рачIинегойищ рачIунарелали…», - ян Рамазан ГIабдулатIиповас абидал, зал сихIкъотIун чIана. Цинги гьес гIагардегIан гIодов чIарав Болъихъ районалъул нухмалъулев МухIамад ПатхIулаев вахъинавуна жаваб кьезе.

Нуж ругьунлъизе кколин бугелда бугин абизе, гьанжелъагIан хIинкъараб хIал букIун кIолароанха гьедин абизе, гьанже гьечIо ян абуна Р. ГIабдулатIиповас.

Хадув гьев тIадвуссана росдал магIишаталъул министр Башир Байтемировасул докладалде. Гьанже киналдаго цадахъ чахъдадаса къунцIулеб квасги гIемерлъанин бицана гьес.

Рамазан ГIабдулатIипов: «КъунцIун хадуб кьезе бакI гьечIони, квас гIемерлъун бугилан реццардиялъул мунпагIат щиб?»

Суал бичIчIичIогойищ, яги гьелъие жаваб кьолебищ букIарабали, министрас хадубги тIаде жубалеб бугоан «ахираб заманалда квас гIемерлъана, цебе гьеб къунцIулеб букIун батани гIицIго чахъу багIаричIого букIиналъе, гьанжейин абуни къунцIула…» ян.

«Нужеца тIубалеб буго гIицIго цо суал - чахъу багIаричIого букIин. Дидайин абуни гьеб батIайисан бихьулеб буго. Щай дуца абулареб республикаялда квас бацIцIад гьабулеб фабрикаги базе кколин, гьелъул экспертиза гьабулеб лабораторияги къваригIунилан?» - гьикъана президентас.

Гьебго жо буго республикаялда гIезабулеб гьанал рахъалъги. ХIукуматалъул вице-премьер Шарип Шариповас бицана республикаялъул базаразда бугеб конкуренциялъ жидеца гьаниб гьанал 60 процент гурони бичуларилан. Нилъеца гьеб Москваялдаги бичуларин гьелъие хасал шартIал чIезарунгутIиялъин жаваб кьуна Рамазан ГIабдулатIиповас: «КIиго къоялдасан Дагъистаналдаса бачIунеб цIияб гьанги тун, гамидаги лъун таманаб заманалдасан Новая Зеландиялдаса бачIараб гьан щай Москваялда цIикIкIун босулеб? Щайгурелъул гьез гьеб лага-лага ккун батIа гьабун, берцинги къачIан букIуна. Нилъераз – кинабго тIатIале бан букIуна».

Республикаялъул президентас гьикъулеб бугоан республикаялда рахьдал багьа «Рычал-суялдаса» хирияб щай бугебалиги. Гьелдаса воххарав чи Яралиев гурони ватиларилан махсараги гьабуна. Гьеб заманалда живго Яралиевги (бизнесмен ва Дербенталъул мэр) вукIана залалда гIодов чIун.

Агролизингалъул суал борхулелъул Дагъистаналъе агротехника босизе кигIанасебали гIарац къваригIун букIин гурони, кинаб тайпаялъул техника хIажат бугебали бихьизабун гьечIолъиги бадибчIвана президентас росдал магIишаталъул министерствоялда. Жидее гIарац кинаб хIажалъи тIубазе къваригIун бугебали бихьизабизе бажарунгутIиялъ гIезегIан гIарцудаса махIрумлъулел ругин нилъилан абуна гьес. Масала, дагьалъ цеве нилъехъе вачIун вукIана РФялъул росдал магIишаталъул министр Николай Федоров. ЧIванкъотIун масъалаги бихьизабун документал хIадуреян гьарун буго гьес нилъеразда, федералияб бюджеталдасан гIарац биччазе. Амма гьез гьабун гьечIо гьеб. Дагьалъ чIун цеве вахъарав Болъихъ мухъалъул нухмалъулев МухIамад ПатхIулаевас абуна жал ругин рекьулел ракьалги гIурабазде сверун, гьел лъалъазе къваригIун. Жидее кьезе бегьуларищ гьебилан. Гьанже рахъун документазда киналали хиса-басиял гьаризе кколин, бажаруларин абуна Шарип Шариповас.

Болъихъ мухъалъул нухмалъулев МухIамад ПатхIулаевас бицана жидер дора ругел рагъулал хъулухъчагIаз кванил нигIматал жидехъаги росичIого, дора Россиялъул регионаздаса росулин. ГIадатияб чедгицин Буйнакскиялдаса 24 гъурщиде бачIинабулин гьез. Гьеб суал Рамазан ГIабдулатIиповас Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуда цебе лъезехъин буго.

Хадув цеве вахъарав бакIал раялъулгун ЖКХялъул министр Сейфулагь ГIисакъовасда нужер идараялда цониги архитекторгIаги вугевищин гьикъана Рамазан ГIабдулатIиповас. Вугин жаваб кьедал, рагъаса хадур кинигин, бащдал ран, бащадал рачIого, бокьа-бокьаралъур ран минабигун гьал шагьаразул бегIукълъиго щибин суал лъуна республикаялъул нухмалъулес. Рарал бакIазулги качество кин бугебали Аллагьасда лъалин абуна гьес. Нагагьлъун 1970-абилел соназда гIадин ракь багъарани, тIуран гIодор ккезеги рес бугила гьел. Гьединго цониги шагьаралъул гьечIо генералияб план. Гьелда рекъон гурони шагьаралда цониги объект базе ихтияр букIунаро.

ПалхIасил, ГIисакъовасеги гIезегIан суалал кьуна, амма гьезул цонигиялъе чIванкъотIараб жаваб щвечIо. «Мун – философ, дун – бакIал ралев чиян кколеб буго дида духъ гIенеккидал», - ан гIодов чIезавуна республикаялъул нухмалъулес министр.

Гьес «сурав» босарал министраздасан гIицIго Ризван ГъазимухIамадовас кьуна чIванкъотIарал жавабал.

XS
SM
MD
LG