МагъчIваялъе рес

Я чIагоязулъ, я хваразулъ гьечIел...


ХIапизов СултIанбег
ХIапизов СултIанбег

Дагъистаналда изну гьечIого яргъидгIуцIаразде данде абун тIоритIулел цо-цо хасал операциял лъугIараб мехалда гьенир чIваралин абун рехсарал гIадамал рикъун рукIанин, полициялъ вачун арав тIокIав вихьичIин абула цо-цо мехалда гьезул гIагараз. Амма гьебго заманаялда хутIулел руго халатаб заманаялда жидер къисмат лъаларелги. Низам цIунулезул баяназда рекъон, араб соналда республикаялда вилун вуго 130 чи. Мемориалалъ лъазабулеб буго гIагарал рикъиялда хурхун жидехъе бачIараб 300 гIарзаялъул. Гьединазулъ вуго Унсоколо мухъалъул Временный росулъа ХIапизов СултIанбегги.

Араб соналъул хаслихъе Уносоколо мухъалъул Временный росулъа араб бакI лъачIого тIагIарав СултIанбег ХIапизовасул эбелалъ абулеб буго, палихъабаз абулил вас чIаго вугин, амма гьев рикIкIад вугин, палихъабазда божичIониги, гьелда божизе бокьун бугила жиндие.

2014 соналъул 18 сентябралда, Временный росулъ Терроралда данде чIараб хасаб низам лъазабураб заманалда, ХIапизов СултIанбег цогидал гIадамалгун ун вуго фильтрациялде, ай бидул, хIацIудал анализал кьезе, гьенисан гьев тIагIун вуго. БакIалъул гIадамаз лъазабулеб букIана ХIапизов СултIанбег, цогидав бакIалъул чи, Камилов МухIамадзагьидида цадахъ «Урал» машинаялда вачун унев вихьиялъул, тIокIаб гьесул лъалеб жо щибго ккечIо.

ХIапизовасул гIагарлъиялъ гьебго заманалда ккун вуго адвокат ва хъвазе байбихьун руго гIарзаби батIи-батIиял идарабазе. Гьелъул щибго хIасил ккечIила, гIицIго гьесул чIужуялъ Москваялде хъвараб гIарза сабалъун мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялъул хIалтIухъаби рокъоре рачIун чIухь бай гуронийилан абулеб буго тIагIарасул якьад ХIалимат МухIамадовалъ. Цоял чIаго вугин гаргадун, цоял хун вугин гаргадун кидаго ургъалилъ бугила хъизан.

ХIалимат МухIамадова: «Нижеда щибго лъаларо, гIицIго араб соналъул 18 сентябралда поселокалда гIагар бугеб «Пожарный» абураб бакIалде вачIана гьев, гьенирго нижги рукIана, гьениб фильтрация гьабизе, хъвай-хъвагIай гьабизе рачун рачIун. Гьеб бакIалдаса ясги дунги Шамильхъалаялде рачана, гьев гьенив тана. Шамильхъалаялдаса тIадруссун рачIиндал, тIокIав гьев вихьичIо. Цояз абуна гьев вачун анилан, цояз гьенив жаниго вугилан, щибго лъазе течIо нижеда. Я адвокат ккун, гьесги хIалтIи гьабуна, гьалеха жакъа къоялде щибго лъалеб жо гьечIо. Гьенивго хIалтIулев чияс абуна, гьев тIагIун щуго къо байдал, гьесухъ балагьун чIогейилан. Москваялдаса журналистал рачIана, батIи-батIиял гIуцIабазул чагIиги рачIана нижехъе. Цо гуреб, чанго нухалъ хъвана нижеца гIарзаби. Гьел рачIунцин рукIана нужеца гIарзал хъванилан абун. Дир ясалъухъе рачIун хIинкъаби кьуна. ЧIаго вугищ гьевали лъазе боькун буго. Хвел буго паризияб жо, хола хералги гIолохъаналги, нижее лъазе бокьун буго нахъияб рахъ, ниж руго хьулгун гьев вачIинин».

СултIанбег ХIапизовасул нахъе руго щуго лъимал.

Бащдаб лъагIел балеб буго Дербент шагьаралдаса МухIамадджавад Хизриев кив вугевали лъазабизе кIолеб гьечIелдаса. 18 маялда гьев яс школалде щвезайизе радал рокъоса арав чи тIад вуссун вачIун гьечIо. МухIамадджавад Хизриев вукIун вуго жиндирго "Тойота Королла" автомобилалда, амма я автомобиль, я живго гьев лъидаго вихьун гьечIила. Жакъа къоялде гьев араб бакI лъачIого тIагIаразул сияхIалда вугилан абулеб буго гьесул чIужу Пери Хизриевалъ.

Пери Хизриева: «Хабарго гьечIо кинаб букIаниги. Бащдаб лъагIел данде щола гьев тIагIун анкьидасан, амма щибго лъалеб жо гьечIо. Жанисел ишазул бутIаялде хабар цIехон индал, гьез квер хьвагIун тола, цIех-рехчиясги яги рохьове, яги Сириялде ун ватилин абула. Амма гьеб рес гьечIеб жо буго. Автомобильги батичIо гьесул, гьев я вихьарав, яги щибго рагIарав чиги гьечIо».

Гьединго щибго лъалеб гьечIо Хизриев тIагIун нахъияб къоялъ, 19 маялда Дербенталда тIагIарав Саруханов Давудилги.

Араб бакI лъачIого тIагIаразул аслияб къадар, цо Дагъистаналда гуребги, цогидал республикаяздаги кколила хIал гьабун цо рахъалдехун рачун аралин хъвалеб буго инсанасул ихтиярал цIунулев Нурди НухIажиевас.

Шималияб Кавказалда инсанасул ихтияразул ва гражданияб жамгIият цебетIеялъе Россиялъул президентасда цебе гIуцIараб мажлисалъ араб соналъ Шималияб Кавказалда гIадамал тIагIиналда хурхун тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабун букIанила тIалаб гьабизе тIагIарал гIадамал ралагьиялъулъ хIукуматалъул рахъалъ квербакъи букIине, амма хал гьабидал, гьеб кидаго гьабулеб гьечIин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунуез.

XS
SM
MD
LG