МагъчIваялъе рес

«25 соналда жаниб Шималияб Кавказалда 8000-гIан чи викъун вуго»


ТIолго дунялалда 30 абилеб август рикIкIуна зулму-хIалалдалъун тIагIинарурал ракIалде щвезабиялъул къолъун. 2010 соналда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ рахIатхвей лъазабуна гIадамал рикъиялда хурхун дунялалда бугеб захIматаб ахIвал-хIалалдаса.

Гьеб иш инсанияталде данде гьабулеб такъсиразул бищун кIудиязул цояблъун кколин, гьеб тIубан тIагIинабизе кколин лъазабуна гьез ва гьел зулму-хIал гьабун тIагIарал ракIалде щвезариялъул къоги бихьизабуна. Гьебго гIуцIиялъул баяназда рекъон дунялалда щибаб санайил 10 азаргогIан чи викъулев вуго. Бищун гIемер гьединал такъсирал гьарулел руго рагъ-кьал бугел пачалихъазда ва рагъулаб ахIвал-хIал бугел регионазда.

Гьедин инсанасул ихтиярал цIунулел идарабазул батIи-батIиял баяназда рекъон ахирисеб 20-25 соналда жаниб Шималияб Кавказалда гIага-шагарго викъун вуго микьазаргогIан чи, гьезул гIемерисел чIаго нахъ руссинчIин абизе бегьулин лъазабулеб буго гьел гIуцIаабаз. Гьезухъ цойиде ккарал баянал гьечIо Дагъистаналда чан чи викъун аравали, амма гьез лъазабулеб буго гьел гIадамал рикъиялъул аслияб гIайибияллъун къуваталъул идарабаги кколилан.

Масала, 2012 соналда Дагъистаналъул инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабулеб букIана къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз дагьалдасан 50 чи викъун вугилан. 20I3 соналда гьезул къадар гIага-шагарго 60 чиясде баханилан абурал баянал кьуна гьезго.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул ва прокуратураялъул баяналда рекъон 2013 соналда 215 чи викъанин абун гIарза бачIун буго гьезухъе. Гьел рикъаразул 80 процент чIужулъун ячине йикIине яс хъамиялъул хIужаби кколел руго.

Гьел хасал идарабаз инсанасул ихтиярал цIунулез гIадамал рикъияллъул хIакъалъулъ кьураб баянал хIакъикъиял гьечIин рикIкIунеб буго, гьез рикъанин лъазабулел чагIазул гIемерисел батIи-батIиял такъсирал гьариялда щаклъи букIун низам цIунулез ккун руго.

Полициялъ кквей гьев чи викъи кколарилан лъазабулеб буго гьез. Гъоркьисала ва исана гIадамал рикъиялъул рахъалъ чан гIарза гьел идарабазде бачIарабали лъазабизе кIвечIо «Эркенлъи» радиоялда.

Ахираб кIиго соналда жаниб низам цIунулез гIадамал рикъиялъул хIужаби цересел саназде дандеккун гIемерго дагьлъун ругин абурал баянал кьолел руго халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб «Мемориал» гIуцIиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Дациев Сиражудициница «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

Дациев Сиражудин: «20I4 соналда чи викъиялда хурхун I2 чияс гIарза бачIана нижер гIуцIиялде. Гьезда гьоркьор хъамун арал ясал рукIинчIо, гьел киналго руго къуваталъул идарабаз рикъарал бихьинал. 20I5 соналъ гьединаб хIужаялда хурхун 5 гIарза бачIана нижехъе. Гьединал лъугьа-бахъинал дагьалги цIикIкIун ратизеги бегьула, киналго гуро инсанасул ихтиярал цIунулезухъе рачIунел.

Амма ракIчIун абизе кIола цересел саназде дандеккун гьел гIадамал рикъи чанцIулго дагьлъун бугилан. Дица церехун рехсарал баянал руго цохIо рикъаразда хурхарал, тIагIарал хадур чIван ратарал чагIи дица рикIкIунел гьечIо».

Цересел саназде дандеккун гьел низам цIунулез гIадамал рикъиялъул хIужаби дагьлъун рукIаниги Дагъистаналда гьеб проблема жеги гIезегIан кIварцIикIкIараблъун бугилан лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Гьеб проблема республикаялда бищун кIвар бугеблъун бугин рикIкIунеб буго Хасавюрталдаса ГIалиева ГIайшатица. Гьелъул вас ГIалиев МухIамадхIажи къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз викъун вукIун вуго 2011 соналда. Низам цIунулез гIакъуба кьун хвезавунин жиндир василан абулеб буго гьесул эбел ГIайшатица.

Гьеб такъсир лъица гьабурабали лъалеб бугониги, жиндир васасда гIайиб гьечIолъи чIезабулел далилал рукIаниги, гьев чIварал ва викъарала чагIазе тамихI гьабизабизе кIвечIин жиндида жегийилан абулеб буго гьелъ.

ГIайшат ГIалиева: «Церего гIадин гьанжеги рикъулелги руго чIвалелги руго Дагъистаналда гIолохъаби. Къуваталъул идарабазул къурбанлъун ккана дир васги. Хасавюрталда мажгиталдаса къватIиве лъугьун вачIунев бакIалда щалали лъаларел кодоб ярагъги ккурал маскачагIаз викъун ана гьев.

Гьебгицин халкъалда цебе къадкъоялъ, полициялъ дир вас викъун анин абун дица хъвараб гIарза къабулцин гьабичIо. Чанго къоялъ гьев кив вугевали лъаларого букIана, хадуб дирго лъай-хъваяздасан лъана гьев МахIачхъалаялъул туснахъалде вачун вукIин.

Гьев тIагIун ункъго къоялдасан нижеда лъазабуна экстремистазулгун хурхен букIун ккун вугин гьев полициялъилан, амма чIаго вас вихьичIо дида. Анкьица гIазабги кьун хвезавуна гьев туснахъалъув. Дида вихьараб мехалда гьесул сипатго хвезабун букIана, къаркъалаялда чIагояб бакI букIинчIо, килщалцин рукIан тIу-тIун.

Дир вас чIваялда хурхун хIалицаго рагьана такъсиргьабиялъул иш, амма гьелъул хIасил ккечIо, гьел ишал рагIалде рахъунарин абуна дица къуваталъул идарабазда хIалтIулезги.Лъица гьеб кинабго иш гьабурабали лъала дида, дица гьеб ишалда хурхун хитIаб гьабичIеб, кагъат хъвачIеб бакI хутIичIо.

КидаллъагIан гьел гIорхъолъа арал ишал нилъер гьанир халат рахъине ругел, кида лъагIан гьел низам цIунулез щибго гьечIел гIадамал чIвазе ругел?».

XS
SM
MD
LG