МагъчIваялъе рес

Эрдогьан разияв гьечIо Обамалгун Путинил къотIиялдаса


Америкалъул ва Россиялъул президентаз хIукму гьабуна Сириялда маслихIат гьабун, киналго рахъаз цоцаде данде бачунеб рагъ ахиралде щвезабизе. Террористикияблъун рикIкIунеб «Исламияб пачалихъалда» гьеб къотIи базабулеб гьечIо Россиялъ ва Америкалъ. Туркиялъ жиндир иргаялда тIалаб гьабулеб буго маслихIаталъул къотIи-къаялда рехсолеб Курдазул Демократикияб Цолъи нахъе цIай.

Анкараялда 24 февралалда кIалъазе вахъарав Туркиялъул президент Ражаб ТIагьйип Эрдогьаница абуна Сириялъул курдазул «Демократикияб Цолъиялъул» яргъид гIуцIаразул къукъаги кколин террористикияб гIуцIи.

Гьединлъидал Америкалъул Цолъарал Штатаз ва Россиялъ гьабураб къотIи-къаялда «Исламияб пачалихъгун» цадахъ гьеб гIуцIиги рехсезе кколин ва гьелда маслихIаталъул къотIи базабизе бегьуларин.

Ражаб ТIагьйип Эрдогьан: «Киналго террористикиял гIуцIаби цо къагIидаялъ хIалтула, гьезул киназулго гIаммаб схема буго. Россиялъ ДАГIШ-алде данде рагъ бачунеб бугин абурал рагIаби махсараде релъунел руго. Россиялъ гурхIел гьечIеб куцалда бомбаби рехула Башар Асадиде данде чIараб оппозициялъул бакIазде».

Туркиялъул президентас Америкалъул Цолъарал Штатазде, Евроцолъиялде, Россиялде ва Ираналде гIунтIизабуна таса-махIлъиялъул гIайиб. Гьелдалъун Сириялъул хIукуматалъул аскарияз гIемерал ракълилал гIадамал чIван ругилан.

Ражаб ТIагьйип Эрдогьан: «ТIолго дунялалда – Цолъарал Штатаздаги, Россиялдаги, Ираналдаги, Евроцолъиялдаги, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялдаги квечIо тIубараб инсанлъи бихьизабизе. ГIаксалда, жидерго интересазе гIоло гьез берал къанщана гIайиб гьечIев миллионгIанасев чи чIваялда. Гьединлъидал халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ бахъараб хIаракат хIасил гьечIого хутIана».

Гьеб гуребги, Туркиялъул президентасул пикруялда Америкалъ Россиялъулгун гьабураб къотIи-къаялъул шартIаз официалияб Дамаскалъе цIикIкIарал ресал кьола.

Ражаб ТIагьйип Эрдогьан: «Кьвагьдей ахиралде щвезабулеб планалъе нижеца квербакъи гьабулеб буго, сириялъул вацазе хIалае, амма абизе ккараб буго гьадинаб жоги: миллионнун щунусазарго чи чIваялъул гIайиб тIад бугеб Асадил режималъеги гьелъул рахъ ккуразеги гьеб планалъ бигьалъаби кьола, оппозициялъул къисматийн жеги якъинаб гьечIин»

Анкараялда букIараб данделъиялда Туркиялъул президент Ражап ТIайгип Эрдогьаница гьединго бицен гьабуна Россиялъулгун Туркиялъул гьоркьобакI квешлъун букIиналъе ккараб хIужаялъулги.

Ай – гъоркьисала 24 ноябралда турказул рагъулаб авиациялъ Россиялъул рагъулаб боржаро бортизабун букIиналъул. Россиялъул тIадтараз абулеб буго, жиндир боржаро Туркиялъул гьавадул гIатIилъиялда гуреб – Сириялъул территориялда тIад унеб букIарабин. Гьелда разияв гьечIо Эрдогьан.

Ражаб ТIайгьип Эрдогьан: «Россиялъ нижер гьавадул гIатIилъиялде лъугьинчIебани ва нижер цереккунисел лъазабиязухъ гIинтIамурабани, гьединаб хIужаги букIинароан. Цо интерес бугеб суал кьола дица: нагагьлъун Россиялъул гьавадул гIурхъи нижеца бахъарабани, гьез гьадинабго ищ гьабилароандай?»

XS
SM
MD
LG