МагъчIваялъе рес

ЛъикI щварал, 90 абилел!


Жакъа динияб суалалъул пачалихъгун халкъ данде тункани, хадур социалиял проблемаби роцIцIине ганчIалги тIилалги хIалтIани, метер цониги провокаторас миллатазда гьоркьосеб ракьа реххани, гьениб иш тIилаздалъун лъугIуларо, рес буго кIудияб балагьалде рачине.

ГIурусазул цо аби буго гьадинаб: "РагI-мич бичулеб бакIалда пил гIадин" абураб. Гьелъул магIна буго хIисабалда, мухIканго гьабизе кколеб ишалъулъ снагIат гьечIеб, рагI-мич гъура- чункулеб пилалъул гIадаб хIалтIи абураб. Гьеб аби ракIалде бачIунеб буго араб анкьалъ Хасавюрт шагьаралда ккарал лъугьа-бахъинал рихьарабго.

ТIоцере кинабгIаги ахIвал-хIал лъазабичIого, жамгIияталъулгун, шагьаралъул тIалъиялъулгун дандбачIого къана мажгит. Салафиязул мажгит бугин абураб пикруялда нахъги рилъун. Россиялъул Конституциялъ бокьараб диналъе эркенлъи кьун батани щай гьезие кьолареб? Кьезе хIажат батичIони щай закон хисизабулареб?

Гьел чагIаздаса пачалихъалъул гIуцIиялъе хIинкъи батани, ялъуни гьарурал такъсирал ратани гьабе цIех-рех ва цIай диваналде. Лъил ихтияр бугеб щивав чияс жаниб как балеб Аллагьасул рукъ къазе? Лъилниги гьечIо, я законалда, я шаргIалда, я намусалда рекъон босани. Гьеб ихтияр гьечIолъиялъе нугIлъи гьабуна хадусеб къоялъ къотIнове 5 азарго чи вахъарабго тIад руссун мажгит рагьарабго.

Гьеле гьеб букIана кIиабилеб гъалатI. УргъичIеб, ахIмакъаб гали, тIоцебесеб гъалатI - мажгит къаялъ бижизабураб. КъотIноре рахъарал гIадамазда бихьана жал къватIире рахъиялъ мекълъи чIезабизе кIолеб букIин. Гьеб лъикI гьечIищха? БукIинарищха, мекъал ишал гьарулеб власть жамгIияталъ чIезабурабгоян абила нилъер кинацаго, тIаде ралагьун гьедин ккезеги ккола.

Гьедин гIадатго букIун гьечIоха гьениб иш. ЖамгIият, халкъ, пачалихъ буго гIаммаб организм, чIагояб, цоялъ цоялъе асар гьабулеб. Цояб рахъалъе мадар гьабурабго гIадин цогидалъе зарал гьабула. Унтараб бетIер сах гьабизе дараби гьекъон гьелъ кванирукъ унитзабураб гIадаб жо лъугьуна цо-цо мехалда. Гьедин ккана Хасавюрталда къараб мажгит рагьун хадусеб къоялъги.

Шагьаралъул перинатальный централда лъимер гьабулаго цо чIужугIадан хвана. Гьеб квеш буго, Алагьас мунагьал чурайги. Дида кIоларо гьениб тохтиразул гIайиб букIин, яги букIунгутIи чIезабизе. Гьелъие хIажалъула цIех-рех ва диваналъул хIукму. Щибха ккараб гьениб? Цебесеб къоялъ гIадамал къватIир рахъун мажгит рагьизабураб бихьараб халкъ жибго инстинкталда рекъон ана кодор ганчIалгун больница чухIизе.

Гьезул 90 проценталда лъаларо гIайиб гьениб тохтиразул бугищ гьечIищали. ЛъачIониги ана, жидедаго лъавухъе гьабуна. "ЛъикI щварал 90 абилел сонал!!!" - ин абизе бегьула. Гьеле гьеб буго пачалихъ цIер бичулелъуб пил гIадин багъа-бачариялъул гIаламат. Кколарелъуб бихьизабураб къвакIи (мажгит къазе), коллелъуб бихьизабичIого тун (мажгит рагьизабулелъуб ва больницаялда тIаде кIанцIарабго).

Щибха рагьулеб бугеб нилъее гьаб ахIвал-хIалалъ? Гьалъ нилъеда бихьизабулеб буго киданиги пачалихъалда гIадлу букIунаро законалда цо, гIумруялъулъ цойги батIияб хIакъикъат бугеб мехалда. Гьелъул магIна щиб? Гьелъул магIна буго закон хIалтIизе ккола киназего бащадго. Гьелъул магIна ккола закон хасал хъулухъчагIазул ва пачалихъалъул гIайиб ккарал чухIулеб тIиллъун гуреб, гражданазул ва тIалъиялъул гьоркьорлъаби рихьизарулеб шартIлъун букIине ккей.

Гьеб киназего гIаммаб букIин, министрасеги гIачивехьасеги. Гьелъ киналго цIунизе ккей, гьевго министрги гIачивехьги. Хасавюрталда тIоцебе къуваталъулазул рахъалдаса хвезабуна закон - мажгит къан, хадуб халкъ къватIиб бахъана жидецаги гьеб закон хвезабилин. Халкъалъ гьабураб бихьараб ва пачалихъалъул загIиплъи халлъараб цойги къокъаялъ гьужум гьабуна больницаялде. Щиб кьелеб гьалъ нилъее? Масала, метер кигIан хвасар гьайизе хIаракат бахъаниги цойги гIадан хвани больницаялда жеги ганчIалгунищха инел тохтирал чухIизе?

Гьел тохтирзаца къватIалдаса хIинкъун унтарал къабул гьаричIони, ун жидерго рокъор чIани щибха лъугьинеб бугеб? Гьелъ дагьлъизе ругищ холезул къадар? Жакъа салафиязул гьужумалъ Хасавюрталда мажгит рагьараб бихьарал МахIачхъалаялъулал рагъарани гьаниб щибха ккезе бугеб? Ялъуни гьединаб ахIвал-хIал къварегIараб къуватищ баккун бугеб? ГIезегIан мехги бугин Дагъистаналда жаназабазул "дарам" къаралдасаян. Дагъистан кидаго букIана къотIа-къаязул ва дипломатиялъул бакIлъун. Гьединал гьоркьорлъабазде гьанир рачана жибго Дагъистаналъул ракь гIемер миллатазулаб ва гIемер диназулаб, батIи-батIиял халкъал цолъараб бакI букIиналъ.

Жакъа динияб суалалъул пачалихъгун халкъ данде тункани, хадур социалиял проблемаби роцIцIине ганчIалги тIилалги хIалтIани, метер цониги провокаторас миллатазда гьоркьосеб ракьа реххани, гьениб иш тIилаздалъун лъугIуларо, рес буго кIудияб балагьалде рачине. Аллагьас цIунайги гьелдаса.

ЖамгIияталъул гIакълуги сабруги гIезе ккола пачалихъалъ гьарулел гъалатIазда хадур ун гутIизе. Гьеб бичIчIизе лъикIан мажгит къалездаги, тIилалгун тохтирзабазухъе рортулездаги. Аллагь цо гьавулел ва авараг ритIухъ гьавулел (с.т.гI.в) бусурабабиги цолъизе ккола рикьалаби гьаричIого. Гьеб Аллагьасе гIоло инсанасулгун гьабулеб рагъуеги ахир лъуни лъикI, нужеего Алагьасда цебе жаваб кьезе бигьалъи букIине.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG