МагъчIваялъе рес

А.Булатов: «ХIалтIухъаби хIинкъулел руго жидерго ихтиярал цIунизе»


Соналдаса соналда Дагъистаналда захIматалъул сфераялда къанун хвезабиялул хIужаби цIикIкIунел ругин лъазабулеб буго Дагъистаналда бугеб ЗахIматалъул пачалихъияб инспекциялъ. Аслияб бутIа къанун хвезабиялъул хурхараб бугила заманалда харжал кьунгутIиялда ва хIалтIухъабазул ихтиярал хвезариялда. 2015 сналда жаниб Дагхистаналда I8 азаридаса циIкIун къанун хвезабиялъул хIужаби тIатинарун руго захIматалъул инспекциялъул хIалтIухъабаз.

Аслияб къадар гьел къанун хвезариялъул хIужабазул тIатинарулин гIуцIабаз хIалтIухъабазе заманаялда харжал кьунгутIиялда , жал гьоркьоре лъугьиндал гьел кьолин, амма кидаго гурин гIадамал хIадур рукIунел жидерго ихтиярал цIунизейин баян гьабуна «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналда бугеб пачалихъияб ЗахIматалъул инспекциялъул нухмалъулев Арсен Булатовас.

ХIалтIухъаби профсоюзалъги цIунулел гьечIила, щай гурелъул гьеб профсоюзалъул вакилзаби гьеб бакIалъулго хIалтIухъаби рукIиналъ ва жидее зарал ккелин хIинкъулел рукIиналъ.

Арсен Булатов: «Араб соналда жаниб нижер идараялъ тIатинабуна 18 азаргоялдаса циIкIкIун захIматалъул къанун хвезабиялъул хIужа, цересел соназда данде ккун гьеб буго цIикIкIараб тарих. Соналдаса соналде гьеб тарих цIикIкIун гурого дагьлъулебги гьечIо. Аслияб къадар къанун хвезариялъул хIужабазул тIатинарун руго бюджеталъул ва предпринимателазул сфераязда.

Бюджеталъул сфераялда къанагIалъи кколаро нухмалъиялъе харжал щун, хIалтIухъаби моцIаца харжал щоларого хIалтIулел рукIин, амма нижехъе сигнал бачIчIинчIогон гьеб лъаларо, гIицIго 30 гурого инспектор гьечIо нижер Дагъистаналда.

Масала, Новолак мухъалда лъабго моцI бугин харжал кьоларогон учительзабазеин хабар щвана нижехъе гIицIго журналистаздасан, амма жалго хIалтIухъабаз щибго лъазабулеб гьечIо. Хал гьаби тIалаб гьабун гIарза хъвалеб гьечIо. КIудияб къадар къанун хвезабиялъул хIужабазул хутIулеб буго бюджеталъулал гIуцIабазда».

Харжал заманалда кьунгутIи гуребги, цогидаб кIвар бугеб хIужалъун инспекциялъул хIалтIулъ хутIулеб буго хIалтIул гьоркьолъабазул легализация гьаби. Бищун кIудияб къадар къанун хвезабиялъул гьеб рахъалъ тIатинабулила росдал магIишаталъул, бакIал раялъул ва предпринимателазул сфераязда.

Гьедин, кинаб букIаниги къотIи-къай гьечIогон яги къануналда данде кколарел къотIи-къаязда ратулила росун хIалтIухъаби. Гьел чагIи хIукуматалъ официалияб куцалда хIалтIулареллъун рикIкIунел руго ва социалияб мухь кьолила.

Инспекциялъул нухмалъулес тIаде жубана, 2016 соналдаса бахъун, гьеб мухь республикаялъул бюджеталдаса кьезе кколеб букIин.

Арсен Булатов: «ЦIакъ кIудияб къадар гIадамазул хIалтIулел руго нилъер республикаялда легалияб гуреб хIалалда. Гьел рикIкIуна официалияб куцалда хIалтIулареллъун ва гьезие хIукуматалъ биччала субсидиял. Исана лъагIан гьел субсидиял риччалел рукIана федералияб бюджеталдаса, амма гьанже гьеб гIарац биччазе кколеб буго республикаялъул бюджеталдаса.

4 миллиард гъурщидаса цIикIкIараб гIарац ккола гьеб. Гьеб гуребги, жалго хIалтIухъабазеги я пенсиялъул фондалде, я социалияб цIуна-къаялъулгун медикияб страхованиялъул фондазде гIарац унаро. Жакъа хIалтIулареллъун рикIкIунезул кIудияб къадар буго предпринимательлъи гьабулеб».

Цогидаб рахъ кколила гIадамал хIинкъулел рукIин жидерго ихтиярал цIунизе, щай гурелъул хIалтIи кьолел чагIазе хIинкъи гьечIолъиялъ хIалтIухъаби къанагIалъиялъул. Жакъа нилъер республикаялда дагьаб къадар хIалтIул бакIазул ва цIиикIкIараб къадар хIалтIизе рес бугезул бугила, гьединлъидал лъугьунеб бугила гьединаб хIалин тIаде жубана Булатовас.

Аслияб къадар хIалтIи кьолел чагIаз захIматалъул кодекс кодобего ккун букIун батиларила гIумруялда жаниб, гьединлъидал, кодексалда рекъон хIалтIул гьоркьолъаби республикаялда тIоритIулел гьечIила.

XS
SM
MD
LG