МагъчIваялъе рес

Сириялде витIичIого теялъул багьа 5000 доллар


Сабри Куро
Сабри Куро

Сириялъул гражданин Дагъистаналда жанив тIамун вугелдаса лъагIел сверулеб буго

Сириялдаса Сабри Куро Дагъистаналда жанив тIамун вугелдаса лъагIел сверулеб буго. Гьесда гIунтIизабулеб буго Россиялъул миграционияб къанун хвезабиялъул гIайиб. Суал тIубазе гьесдаса тIалаб гьабулеб букIараб рищват Сабрица кьечIолъиялъ иш гьелде ккун бугин рикIкIунеб гьесул адвокатас.

Исана февралалда лъагIел сверула Сириялдаса Сабри Куро Дагъистаналъул миграциялъул хъулухъалъул хасаб туснахъалда жанив тIамуралдаса. Миграциялъул къанун хвезабун бугин гьес, гьединлъидал Россиялдаса къватIиве гъезе кколин гьевилан чIезабун буго миграциялъул хъулухъалъ. Дагъистаналда гьесул хъизан букIин ва гьес гьаниб щибниги такъсирчилъи гьабичIолъи, гьесул ватIаналда рагъ унеб букIинги гьез хIисабалде босулеб гьечIин лъазабулеб буго Курол адвокат МухIамадов Шамилица. Декабралъул ахиралда Москваялъул Басманный диваналъги миграциялъул хъулухъалъул рахъккун гьев Сабри Куро Россиялдаса нахъе къотIизе кколин абураб хIукму къотIун буго. Амма гьесул адвокатас гьеб хIукмуялдаса тIасанги цIидасан гIарза хъван буго Россиялъул тIадегIанаб диваналде.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе Сабри Куро Россиялде вачIун вуго 2011 соналда. Гьелдаса нахъе МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Параул росулъ рукъарулеб цехалда хIалтIилев вукIун вуго гьев. Гьениб лъай-хъвай ккун буго гьесул цадахъ хIалтIилей йикIарай Камилла абулей дагъистанияйгун. Гьей ячине йигин жиндицайин абураб мехалда, Мустафайилан абурав, гьел хIалтIулел рукIараб цехалъул нухмалъулев,

Сириялдаса туркас Сабрида лъазабун буго дуца чIужу ячунгейин, ячани дур проблемаби рукIине ругилан. Щай гьел проблемаби рукIине кколел рукIаралалиги баян гьабун гьечIо гьес. Гьедин абуниги Сабрица Камилла ячун йиго ва ясги гьаюн йиго гьезие, амма Мустафаца гьесул паспорт нахъе кьолеб букIун гьечIо.

ГIемераб къоги бихьун хIалицаго нахъе щун буго Сабрихъе паспорт, амма виза лъугIун гIезегIан заман ун букIун буго гьесул. Паспорт кодобе щун хадуб, ригьин гьабиялъул хъвай-хъвагIай гьабураб документги, ясалъул документалги росун Сабриги гьесул лъадиги чанцIулго ун руго миграциялъул идараялде, Сириялда рагъги байбихьун бугелъул, гьесие Россиялда тIурунвачIарав хIисабалда гIумру гьабизе рес кьейилан абун, амма чанцIул жал гьенире аниги гьелъул хIасил ккун гьечIо.

БатIи-батIиял багьанабиги ратун миграциялъул хъулухъалъул гIадамаз нахъчIван руго гьел. Сабрил адвокат МухIамадов Шамилица рикIкIунеб буго гьезие рищват къваригIун букIун бугин, Сабридасан гьеб щолареблъи бичIчIараб мехалда гьесда тIаделъун ругин гьеб хъулухъалъул хIалтIухъабийилан.

МухIамадов Шамиль: «Гьеб миграциялъул хъулухъалдаса гIебеде къватIиса пачалихъаздаса рачIарал гIадамазда сверун кидаго жен-жедилел рукIуна гьоркьохъаби. Миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз рагьун абуларо, амма гьел гьоркьохъабаз тIалаб гьабула гьел гIадамаздаса ришват. Гьедин гьаздаги абун буго щуазарго доллар кьейилан, гьеб кьун бажаруларин Сабрица абун хадуб дур проблемаби рукIине ругин абун букIун буго гьев гьоркьохъанас. Гьедин миграциялъул хъулухъалъ гьасул иш данде билълъине толеб гьечIо. Гьес миграциялъул низам хвезабунин гьединлъидал Сириялда рагъ унеб букIаниги Россиялда гIумру гьабизе рес кьезе бегьуларин чIун руго гьел. Гьанир гьесул лъадиги ясги йикIинги хIисабалдего босичIо гьез. Сириялда рагъ бугин гьенисагицин гIадамал тIурулеб ругеб мехалда гьениве чи витIизе бегьуларин дица абураб мехалдаги гьеб хъулухъалъги диваналъги лъазабулеб буго хас гьабун Сабри Курое гьениб цойги сириялъулаздаса цIикIкIун хIинкъи бугин чIезарулел цониги далил гьечIилан».

Гьединго Шамилица бицана Сабрил паспорт нахъе кьоларого вукIарав туркас квербакъи гьабун бугила гьесде тIаде миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъаби тIамиялъе. Гьесул фабрикаялда букIараб хIалтIиги тун Сабри нахъе иналда ццин бахъун букIун бугин гьев туркав Мустафалилан.

МухIамадов Шамиль: «СабрилгIадаб къисмат рагъ бугеб бакIалдаса лъутун рачIарал цойгидазулги букIуна. Нилъел хIукуматалда гIадатлъун лъугьараб жо буго гьел лъутун рачIарал лагъзал гIадин хIалтIизари. Гьедин Сабри хIалтIилев вукIарав гьев туркасул рукъарулеб цехалда ва мебель гьабулеб бакIалда гIемерисел тIурун рачIарал рукIун руго. Гьезда я россиялъул къанун я мацIги щибха лъалеб. Анкьида жаниб анлъго къоялъ радалдаса нахъе къасилъагIан хIалтIаралъухъ гьезие анкьазарго гъурущ гурони кьолеб букIун гьечIо. Гьеб чIалгIанарал хIалтIухъаби гьениса тIурун цоял Москваялде ун руго, цойгидал жидеего дагьаб санагIатаб бакI балагьизе рахъун руго. Сабри шаурма гьабулев чилъун хIалтIилев вукIун вуго. Жиндица малъарабги гьабичIо гьеб цехалдаса нахъе унин абун гьес жиндирго лагъзалин абизе бегьила гьел гIадамазда гьездаса рецIел босизелъун хъван буго миграциялъул хъулухъалде гIарза».

Адвокатас цойги тIаде жубана гьев туркав Россиялъул хасал идарабазулгун хурхен бугев чи ватизе вугилан, гурони гьедин эркенго гьел мигрантазул захIматалдаса пайдаги босун, бокьахъи гьанив вукIине гьев телароанилан.

XS
SM
MD
LG