МагъчIваялъе рес

Адвокат: «Сабри Куро тIадвуссун Сириялде витIи гьев хвезе витIи ккола»


Dagestan--Sabri Kuro, Syrian refugee
Dagestan--Sabri Kuro, Syrian refugee

Сириялъул гражданин Сабри Куро бизнес-визаялда рекъон Россиялде вачIун вуго 2011 соналда. Гьелдаса нахъе МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Параул росулъ рукъарулеб цехалда хIалтIилев вукIун вуго гьев.

Гьениб лъай-хъвай ккун буго гьесул цадахъ хIалтIилей йикIарай Камилла абулей дагъистанияйгун. Гьей ячине йигин жиндицайин абураб мехалда, Мустафайилан абурав, гьел хIалтIулел рукIараб цехалъул нухмалъулев,

Сириялдаса туркас Сабрида лъазабун буго дуца чIужу ячунгейин, ячани дур проблемаби рукIине ругилан. Щай гьел проблемаби рукIине кколел рукIаралалиги баян гьабун гьечIо гьес. Гьедин абуниги Сабрица Камилла ячун йиго ва ясги гьаюн йиго гьезие, амма Мустафаца гьесул паспорт нахъе кьолеб букIун гьечIо.

ГIемераб къоги бихьун хIалицаго нахъе щун буго Сабрихъе паспорт, амма виза лъугIун гIезегIан заман ун букIун буго гьесул. Паспорт кодобе щун хадуб, ригьин гьабиялъул хъвай-хъвагIай гьабураб документги, ясалъул документалги росун Сабриги гьесул лъадиги чанцIулго ун руго миграциялъул идараялде, Сириялда рагъги байбихьун бугелъул, гьесие Россиялда тIурунвачIарав хIисабалда гIумру гьабизе рес кьейилан абун, амма чанцIул жал гьенире аниги гьелъул хIасил ккечIин бицунеб буго «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Сабрил лъади Камилла Кароца.

Гьелъул рагIабазда рекъон паспорталъул ва визаялъул низам хвезабиялъухъ исана 25 февралалда полициялъ ккун вуго Сабри. Гьелъ бицухъе цебесеб къоялъ Сабри хIалтIулев вукIараб шаурма гьабулеб бакIалде кваназе рачIун руго кIиго полициялъулав. Гьезул цояв кверал чуризейин абун гьенир хIалтIулезул къайи-цIа бугеб рокъове лъугьунги вукIун вуго.

Гьелдаса хадуб къаси рокъове щвараб мехалда, пиджакалъул чвантиниб, кидаго кодоб букIунеб паспорт гьесда жиндирго паспорт тIагIун батун буго. Нахъисеб къоялъул радал добго кафеялде рачIун рукIарал полициялъулав вачIун вуго гьазул рокъоре Сабрил паспорт бихьейилан абун.

Документалъул копия бихьаниги гьев ккун вуго гьез. Гьелдаса нахъе микьабго моцIалъ мигрантал жанир тIамулеб хасаб изоляторалъув тIамун вуго гьев. Гьесул ишалда хурхун диван лъугIарабго витIулин гьев тIадвуссунин абулеб буго миграциялъул хъулухъаз. Гьев изоляторалъув тIамураб бакIалдаги Сабридехун квешаб бербалагьи букIунила, жий гьевгун дандчIвазе кидаго гурила йиччалейин бицана гьесул лъади Камиллаца.

Камилла Каро: «Цо-цо мехалда гьез дун йиччаларо росасухъе. Щай йиччаларейин абураб мехалда кьучIаб жавабги кьоларо. Хадур дун гIарзал хъвазе жуярай мехалда гьел дун тIаса йихьизайизе жал рицине лъугьуна, жидеда мун адвокат йигин кканилан абун. Щайинха гьесухъе адвокатал риччаларебин абураб мехалдаги руцIцIун чIола гьел. Расги лъикIал шартIал гьечIо гьеб изоляторалдаги, щибаб къойил гIадин гьев кIалъан вачIуна дихъе.

Къода жаниб цо нухалда къватIире тира-сверизе риччараб мехалда кIалъазе рес кьола гьезие, хутIараб рахъалъ кинабго квеш буго. Цо нухалъ Сабрихъе гьеб изоляторалъул хIалтIухъанас квералъ хъвараб кагъат бачIун буго гьелда гъулбасейиланги абун. Гьеб щиб кагъатин, жиндие гьениб хъвараб жо буссинабейин абураб мехалда гьев чи ццидахун лъугьун вуго. Сабридаги гьесдаги гьоркьоб кIалъай ккун буго, гьес дир рос вухун вуго.

Хадуб нижеда лъана гьеб кагъат букIун буго Сабрица Россиялда тIурун вачIарав хIисабалда гIумру гьабизе рес кьейин хъвараб гIарзаялдаса инкар гьабулеб бугин абураб документ. Гьедин гIемер хIалихьатал жал гьаруна нижее миграциялъул хъулухъалъ.

Дун гьезухъе нижер ригьин гьабиялъул документги, ясалъул документалги росун Сабри Россиялда тейин гьарун араб мехалдаги, жидер гьаниб рахIму-цIобалъул центр гуринги абун къватIие йитIана. Нужеца мекъаб жо гьабулеб бугин, къануналда рекъон гьедин бегьуларин дица абураб мехалда жидеда малъаризе ячIинчIого дуцаго партал ретIун бугеб куцалъухъ балагьейин абун гIадхочI гьаюна дун.

Диваналдаги гьез гьерсал рицана нижеца гьезухъе ригьин гьабиялъул ва ясалъул документал кьечIин абун. Гьел документал диваналда рихьизаричIо гьез ва диванчияс нижер ригьин гьабиялъулги ясалъулги документал ругелищин цIехараб мехалда, кинал рукIаниги документал гьечIин гьезулин лъазабуна миграциялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз».

Рагъккараб бакIалдаса чияс гьениса тIурун вачIун Россиялда гIумру гьабизе рес кьейин гьарулеб бугони, гьес визаялъул низам хвезабун бугонигицин, россиялъул къануналда рекъон гьесие гьеб рес кьезе кколин, инкар гьабизе гьукъун бугилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Сабрил адвокат МухIамадов Шамилица.

Шамиль МухIамадов: «Россиялъул ва Дагъистаналъул миграциялъул хъулухъаз нахъчIвана Сабрица нилъер гьаниб гIумру гьабизе рес кьейилан гьабураб тIалаб. Россияъул къанунги инсанасул ихтиярал хвезабиги ккола гьеб. Гьаб сагIат диваналда гьел хъулухъал мекъи рукIин чIезабулел руго ниж.

Иргадулаб диваналъул данделъи гьал гIагарал къоязда букIине ккола. Жидецаго къанун хвезабиялъе мукIурлъизе бокьун гьечIо гьел миграциялъул хъулухъалъул вакилзабазе. Дица Сабрил документал диваналда рихьизабураб мехалда, гьезул хIалтIухъаби лъугьана гьесдила ригьнал хъвай-хъвагIан Россиялдаса нахъе къотIизехъин вукIин лъараб мехалда гьабунин абун, гурелщинал жал рицине. Гьел документазул хIисабцин гьабулеб гьечIо гьез».

Адвокатас абулеб буго гьаб сагIат Сабри Каро Россиялдаса Сириялде витIи гьеб кколила гьев чи хвезе витIи гIадаб жо. Щай гурелъул гьев вугила курд миллаталъул чи гьезие ИГИЛАлъги Сириялъул хIукуматалъги берцинго гIумру гьабизе толеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG