МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул гIелмияб централда хиса-басиял


Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналда бугеб централъул нухмалъулев хисулев вуго, жибго централдаги хиса-басиял гьарулел руго. Щай нухмалъи хисулеб ва щиб букIине бугеб хисараб жо республикаялъул аслияб гIелмияб идараялда ва гIалимзабазул горсвериялда? Гьеб суалалда хурхун цIех-рех гьабуна нижер мухбир Абакаров Рамазаница.

Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулев Амирханов Хизри хIалтIудаса нахъе ана, заманаялъ гьесул бакI ккуна цевеккун нухмалъулев хисулесул хъулухъалда вукIарав ХIажиев МуртазагIалица. Амирханов хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллалъун ккана гьесул ригь. Гьал къоязда ГIелмияб централъул нухмалъулес тIубана 65 сон. Хъулухъалдаса гьев нахъе иналъул болжал лъугIун букIана араб соналъго, Амирханов вищун вукIана нухмалъулевлъун 2009 соналъ щуго сонил болжалалда. Амма гIалимзабазул данделъиялъ жеги цо соналъ нухмалъулевлъун тун вукIана гьев.

ЦохIо Дагъистаналъул гIелмияб централда гуреб, хиса-басиял унел руго тIолабго Россиялъулго гIелмияб системаялдаян бицана «Эркенлъи» радиоялъе цIияв нухмалъулев ХIажиев МуртазагIалица. Гьес бицана, гIуцIун бугин киналго улкаялда ругел гIелмиял идарабазда тIад кверщел гьабулеб федералияб агентлъи. Киналго гIелмиял центразухъа нахъе бахъулеб бугин юридическияб статус ва гьезул бюджет, хIалтIухъабазул къадар ва цоги кIвал бугел суалал роцIцIине ругин гьеб агентлъиялъ. Хъулухъалдаса арав Амирханов Хизри тIамун вуго гьеб агентлъиялъ регионалиял гIелмиял центразул хIалтIуда хадуб хал гьабулев гIелмияв нухмалъулевлъун.

Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулевлъун ХIажиев МуртазагIали хIалтIизе вуго гIага-шагарго цо соналъ, ялъуни рищиял лъазаризегIан. Кида гьел лъазарулел, жеги мухIканго лъалеб гьечIо. ХIажиевасул рагIабазда рекъон, нухмалъулев хиси гьабсагIаталда аслияб масъала гуро, тIоцебесеб иргаялда реформа рагIалде бахъинабизе кколеблъи лъазабун бугин федералияб агентлъиялъ. Гьеб реформа унеб буго 20I3 соналдаса нахъе. Гьелда рекъон цохIо идараялде жанибе бачизе ккола лъабго пачалихъияб академия: Россиялъул гIелмабазул академия, Россиялъул медикиял гIелмабазул академия ва Россиялъул росдал магIишаталъул гIелмабазул академия. Гьеб лъабабго идараялъул филиалалги гьездаса ратIа гьарун гIуцIун буго гьезул буголъиялъул кверщел гьабулеб федералияб агентлъи.

ХIажиев МуртазагIалица бицана, цо идараялде – Регионалияб гIелмияб централде данде гьаризе ругин цереккун рукIарал жалго жидеего чIун рукIарал институтал. Гьединаб II институт буго. Кинаб къагIидаялъ гьел данде гьаризе ругел, рукIине ругищ кадровиял хиса-басиял, кинаб букIине бугеб харж ялъуни гIелмияб хIалтIуе биччалеб гIарац, цIияв нухмалъулесда жеги мухIканго лъалеб гьечIо. Рищиял рукIине руго гьел киналго хиса-басиялги гьарун.

ЛъикIищ бугеб квешищ гьел кадровиял ва структуриял хиса-басиял гьари? Гьеб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Дагъистаналъул гIелмияб централда жанибе унеб искусствоялъул, мацIалъул ва литератураялъул институталъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадие.

МухIамад МухIамадов: «Гьеб лъикI гьечIо, щайгурелъул, хIатIухъабазул къадар дагь гьабизе буго, цо-цо гIалимзаби хIалтIудаса нахъе ине ккезе рес буго. Институтазул бухгалтерияги, кадровияб бутIаги къазе буго, нижее гIарацги цогояб идараялъ кьезе буго, хIалтIизе чагIиги гьенисан тIамизе руго. ГIарцул къадарги дида лъалеб бакIалдаса гIебеде бачIунеб соналъ дагь гьабизе буго I0 проценталъ».

МухIамад МухIамадовас гьединго абуна, гьел киналго хиса-басиял гьаричIого рищиял рукIине гьечIин, 20I6 соналъ идара гIуцIиялъул масъала гурони, кадровияб суал институталда ва тIолабго академиялда цебе гьечIин.

Щал ругел ГIелмияб централъул нухмалъуде гьабсагIаталда лъалел, рукIине бегьулел кандидатал абун цIехарабго МухIамадовас чанго фамилия рехсана. Гьезда гъорлъ геологиялъул институталъул нухмалъулев Василий Черкашин ва физикаялъул институталъул нухмалъулев Акай Муртазаев.

ГIелмияб централъул нухмалъулевлъун вачIине бокьарас цебе лъезе ккола гьаризе колел хиса-басиязул ва центр цебетIеялъул жидерго план. Централъул уставалда рекъон, нухмалъулев вищизе ккола гIалимзабазул советалъ. Амма гIагараб заманалда рищиял рукIине гьечIилан ракIчIун буго киналго гIалимзабазул

XS
SM
MD
LG