МагъчIваялъе рес

Сунде хисилеб гьанже Египет?


Египет, Шарм-Эль-Шейх
Египет, Шарм-Эль-Шейх

Россиялъул «Когалымавиа» авиакомпаниялъул аэроплан 31 октябралда бортиялъул ва гьелдаса хадуб россиялъулазе Мисралде роржине гьукъиялъул хIасилалда Россиялъулго турфирмабазего гIадин зарал кколеб буго Дагъистаналъул туристикиял фирмабазеги. Гьелде тIадеги, жалго гIадамалги хIинкъулел руго гьеб рахъалде роржине.

Микьабилеб ноябралда Россиялъул президент Владимир Путиница официалияб куцалъ гъулбас лъуна Мисриялде гьарулел рорженал заманалъ гьоркьор къотIизаризе гьабураб хIукмуялда. КидаллъагIан гьел рорженал къотIизарун ругелали чIванкъотIун къо-моцI рехсолеб гьечIо, россиялъул тIалъиялъ бицухъе бугеб ахIвал-хIалалда бараб букIине буго кинабго. Гьанже Россиялъул аэропортаздаса Мисриялде киналго аэропланал чIорого унел руго, Шарм-эль-Шейх, Хургада ва цогидалги Египеталъул курортазда хIухьбахъулел рукIарал гIадамал нахъе рачине. ИчIабилеб ноябралде ругел баяназда рекъон Россиялде нахъруссун руго 25 азарго чи.

Гьанже гьеб хIукмуялдалъун кинал хиса-басиял ккезе ругел Росиялъул турфирмабазда? Гьелда тIасан цIех-рех гьабуна нижеца. Мисриялде хIухьбхъизе унел рукIаразда гъорлъ гIемерал рукIана дагъистаниялги. МахIачхъалаялда «Пегас Туристик» абураб фирмаялъул нухмалъулев МухIамадханица бицухъе бищунго гIемерал гIадамал жидер гьениса унаанила Египталде, гьабсагIаталъ гьенире рукIарал турал гьоркьор къотIун рукIанин, гьел байбихьизе рукIанин ноябралъул 22-б къоялдаса байбихьун, гьанже гьезул бакIалда хIухьбахъи гьабизе унес жинцаго тIаса бищараб бакIалде витIилила жидеца гьевилан бицана МухIамадханица

МухIамадхан, турфирмаялъул нухмалъулев: «Нижер гьаниса Мисриялде унел туристазул къукъа бащалъулаан 50 000 чиясда. ЦохIо Дагъистаналдаса угрелги цогидал шагьраздаса рачIунна нижехъе чагIи. Гьеб путевка гIадамаз тIасабищиялъе гIилла гьеб учузаб букIин гуребги, гIадамазе гьеб рекIее гIолаан географиялъул рахъалъ гьеб гьезие гIагараб букIиналъги. ХутIарал хириялщинал путевкаби ричун росараз тIаса бищула экзотикияб рахъалъ церетIурал пачалихъазде ине хIухьбахъизе. Шарм-аль-Шейх курорт букIана гIадамал хIухьбахъизе унеб бищун машгьураб курорт. Гьенире хIухьбхъизе гIадамал къабул гьарула тIубараб лъагIалица хиси гьечIого. Россиялъул бакъбаккул рахъалда гIумру гьабун ругез абуни тIасабищула Азиялъул пачалихъал. Индия, Таиланд ва гьел гурел цогидалги курортал»

Гьанже Мисриялде гьарулел сапарал гьоркьор къотIаралдаса жидер фирмаялъе щолеб букIараб хайирги дагьлъизе бугилан тIаде жубана МухIамадханица. Нижеца гьесда гьединго гьикъана гIадамал жалго хIинкъулел ругиш хIинкъулел ругиш гIадамал тIокIал Мисриялде инеян? Информалатаз ва телевизоралдаса гьеб хабар тIа-тIаруссун бицунеб букIиналъ гьел хIинкъун ругин хIакъикъаталдаги тIокIал гьенире хIухьбахъи гьабизе инеян абуна гьес.

Гьеб тасдикъ гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялда гIумру гьабуна йигей Рамазанова Залинацаги. Гьей дагьай цеегIан ун йикIана гьение хIухьбахъизе.

Рамазанова Залина: «Дуни исана риидал ун йикIана Шарм-эль-Шейх курорталде. Дие цIакъ рекIее гIунги букIана, цогидал курортазде дандеккун учузгоги буго, ине гIагардаги буго. Амма дагьаб цебегIан гьениса Россиялде бачIунеб аэропаланалъ авария гьабуралдааса гIадамал хIинкъулел руго. БитIараб бицани дунгоги хIинкъила, цее ургъел гьечIого аэропланалда рекIине кIолаан дида, гьанже Египаталде гурей цогидал бакIазде сапаралъ инеги таваккал гIеларо дир битIараб бицани».

31 октябралда Синаялъул чIинкIиллъиялде бортараб аэропаланалъул авариялъул цIех-рехал гьарулеб коммисиялъул ахирисел баяназда рекъон аэроплан бортиялъе гIиллалъун ккун буго гьелда тIад кьвагьул алат букIин. Британиялъул разведкаялъ чIезабухъе кьвагьул алат гьенибе босун буго аэропланалъул хIалтIухъанас. РакIалде щвезабила гьеб аэропланалда хвана Санкт-Петербург шагьаралде нахъуруссунел рукIарал Россиялдаса 224 чи. Гьезда гьоркьор рукIана Дагъистналдаса кIиго лъимерги ва гьезул кIодоэбелги.

XS
SM
MD
LG