МагъчIваялъе рес

"Аш-Шамалдаса" - инфекциязул бутIаялде


МахIачхъалаялъул Джума мажгиталда цебе бугеб «Аш-Шам» абураб кафеялда кванан хадур микьго чи азарханаялде ккун руго чохьол унти бахъун. Лъугьа-бахъиналда хурхун тIобитIараб халгьабиялъ тIатинарун руго гьеб бакIалда киналгIаги санитариял шартIал чIезарун рукIинчIолъи.

Гьел микьалго азарханаялде ккарал чагIи кколин балугълъиялде рахарал ва гьезул хIал гьабсагIаталда гьоркьохъеб захIмалъиялъул бугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул Республикаялъул инфекциялъулал унтабазул централда. Централъул чIахIиял унтаразул бутIаялда ругел зарал ккаразе гьеб лъугьа-бахъиналда бан баянал кьезе бокьун гьечIин лъазабулеб бугин гьезин баян гьабуна гара-чIвари гьабурай медикияй хIалтIухъаналъ.

Киналго унтаразул тIатун бугила сальмонеллез. Гьел киназго кванан бугила бежараб гIанкIдул гьан ва шаурма. Унтарал азарханаялде ккун хадуб, гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун хал-гьаби тIобитIизе тIалаб гьабунила Роспотребнозоралъул Дагъистаналда бугеб бутIаялдаса, гьеб тIобитIидал, кафеялда киналгIаги санитариял шартIал чIезарун ратичIила, гьединго хIалтIухъабазул медикияб халгьаби тIобитIиялъул документал ратичIилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Роспотребнадзоралъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей ТIагьирова Лейлаца. ГьабсагIаталда гьеб кафе къан бугила заманаялъ, ишалда хурхун материалал ЦIех-рехалъул идараялде ритIун ругила.

ТIагьирова Лейла: «Гьеб кафеялда халгьаби тIобитIулаго тIатинаруна тIубараб кьер санитариял шартIал хвезариялъул хIужабазул. Гьедин, тIад гьан къотIулел ва цогидал столал маркировка гьабичIел ратана, ратичIо киналгIаги документал квание хIалтIизарулел нигIматазул даража бихьизабулел, ратичIо гьеб бакIалда дезинфекция гьабулел лъамалъабигицин. Кванил хутIелал ва рищни цIунулеб батана квен гьабулеб бакIалдаго.

Кафеялъул бетIергьанасухъ батичIо цониги документ гьеб бакIалде нигIматал кисан росулел ва кинаб даражялъул гьел ругелали рихьизарулел. ХIалтIухъабазулги батичIо медикияб халгьаби тIобитIиялъул документал. Кинаб бугониги бахунеб унти бугищали хал гьабичIел гIадамал ратана хIалтIулел. Гьел къанунхвезабиял лъугIизаризегIан хIалтIухъаби махIрум гьаруна хIалтIудаса. ГIаммаб куцалда 22 административияб къанун хвезабиялъул протокол кьун буго МахIачхъалаялъул Киров мухъалъул диваналде. Гьединго ракIарарал материалал кьун руго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялдеги».

МахIачхъалалда бугеб кIудияб къадар гьеб тайпаялъул кафеязда гьединалго тайпаялъул санитариял шартIал хвезариялъул хIужаби ратизе рес бугин, амма Роспотребнадзоралъул изну букIунаарила прокурорасул халгьаби букIун, яги гIадамазул гIарз букIун гурого халгьабиял тIиритIизейилан бицана Лейла ТIагьировалъ. ХIалтIулеб къануналда рекъон, гьел хIужаби гьечIогон халгьаби тIобитIизе Роспотребнадзоралъул хIалтIухъаби лъуганани гьеб бащалъизабулила коррупциялда.

Дагъистаналул ЦIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темибековас баян гьабуна гьеб лъугьа-бахъиналда бан жеги иш байбихьун гьечIин, тIубараб къадаралда киналго документал ракIарун гьечIолъиялъ.

«Аш-Шам» абураб Джума мажгиталда гIагар бугеб кафеялъул бетIергьан кколеб вуго Дагъистаналъул РухIияб университеталъул цIалул рахъалъ ректор МухIаммад Аш-Шами. Гьев кколев вуго живго Сириялдаса вачIарав, цевеккун Дагъистаналъул муфтиясул кумекчилъун вукIарав чи.

Живго МухIаммад Аш-Шамихъа лъугьа-бахъиналда хурхун баянал росизе «Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабна гьеб цIалул идарагун, амма кинабгIаги информация щвечIо.

Социалиял гьиназда гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун аслияб къадар гIадамаз загьир гьабулеб букIана пикру Аллагьасул рукъалда аскIоб батIи-батиял комменциялъул объектал рукIин цIакъ сурун бугин. Цогидаз хъвалеб буго аслияб къадар кафеяза гьединалго шартIал ратулин, хIалтIухъабазулги кинабниги медикияб халгьаби тIобитIуларин, щай гурелъул бетIергьабе щолеб хайиралул гурого ургъел букIунгутIиялъ

Цебесеб гьеб тайпаялъул лъугьа-бахъин ккун букIана 30 маялда, МахIачхъалаялда бугеб «Бамбино» абураб лъималазул клубалда. Гьенир чохьол унти бахъун азарханаялде ккун рукIана 22 лъимер. Унтарал лъималазда гьоркьоса цо яс хун йикIана кIиго къоялдаса. Лъмалазул клубалъул хважаин такъсирияб жавабчилъиялде цIана.

XS
SM
MD
LG