МагъчIваялъе рес

«Мискинал» олигархал ва сахаватаб халкъ


Жакъа Малыгинил цIаралда бугеб къотIноб бугеб кIудияб мажгиталдаса рузманалъул какги бан къватIире рачIунел гIадамазул гIемерисел лъалхъулел рукIана нухда эхетарал гIадамазда аскIор.

Цоял гьардолезе садакъа кьезе, цогидал жидецаго садакъа босизе, лъабабилел садакъа кьезеги босизеги эхетун ругоан. Гьардолел гIадамазда гьоркьор ругоан батIи-батIиял гIадамал. Цоял цере лъималги лъун жидеего чед-хинкIалда хадур рахъарал, кIиабилел - цебе «эбел унтун йиго, лъимер унтун буго»- ян хъварал гIадал игIланалгун, лъабабилел – мадрасаялъе ва мажгит гIатIид гьабиялъе гIарац бакIарулел.

Рузманалъул какдеги вачIарав, садакъа кьезеги бокьарав чиясе бигьаяб масъала гьечIо гьездаса бищунго хIажатал щал ругелали тIаса рищизе. Гьарулев чиясе живго бетIергьанаб чода рекIун вачIаниги кьезе беццараб бугин аби лъаларо, малъи лъаларо бугиланги абулеб батана умумуздасаго. Дида гьениб садакъа гьарулездаса, дида цебехун халлъичIеб садакъа кьолеб къагIида бихьана цIакъ берцинго.

Щивали лъаларев бусурманчияс рузманалдаса къватIире рахъарал гIадамаз босизе ящиказда жаниб сокIкIун лъун бугоан берцинго бежараб хинаб тандыр чед. Босулебги букIана къватIире унел чагIаца. Гьара - рахьиялги рукIана гьарулел киназго. Амма гьеб садакъаялъул берцинлъиялъ ва кьураб къагIидаялъги ракIалде щвезабуна цебего цIалараб цо лъугьа-бахъин.

Машгьурав гIурусазул хъвадарухъан граф Лев Толстоясул буго цо садакъа кьеялда хурхун хъвараб гIажаибаб хабар. Живго граф вугониги Толстояс яшав гьабулеб букIун буго бацIцIадаб, цо пуланаб имениялда. Хасалие цIул хъухъан щвараб гIарацгун рокъове вачIунев вукIун вуго Толстойги кIиго гIурус мужикъгун цадахъ. Гьезие къойил хIалтIухъ щвараб жо букIун буго 6 гъурущгун 20 капек гIарцул. Килисалъул кIалтIа гьардолев чиясе Толстояс кьун буго 5 капек. Хадувго вачIунев Семен абурав асул гьудул мужикъасги хIукму гьабун буго садакъа гьабизе, рехун буго 5 капек 2 досиеги кьун 3 жиндие нахъе босизе.

Нахъе босизе гIарац батичIеб мехалда Семеница щуябго гъурущ тола гьардухъанасе. Семенил рокъоб капек гIарац букIунаро гьеб къоялъ щвараб 6 гъурущ ва 20 капек гурони. Гьелдаса кьун буго 5 капек. Рокъор хьихьизе лъади ва гьитIинал лъималги рукIун руго гьесул. Толстояс хIисаб гьабун буго гьес гьабураб ишалъул, дир буго 600 000 гъурущ, гьелдаса кьуна 5 капек, Семеница 6 гъурщалдаса кьуна 5 копек.

Гьес гIадин гIарац кьезе лъугьани дица гьардухъанасе кьезе кколеб букIун буго 5 азарго гъурущ. Киданиги кIвеларин дида гьедигIан гIарац гьардухъанасе кьезе. Ва гIумруялда жанив тIоцеве дун квешго нечана дидасагоян хъвалеб буго Толстояс. Гьеб ракIалде бачIана дида мажгиталда цебе чед лъурав чиги, гьардолезе 50 гъурущ, 100 гъурущ кьолел гIадатиял дагъистаниялги рихьарабго.

Нилъер гьаниб цIакъ гIемер бицуна Дагъистаналдаса олигархал Сулейман Керимов, Зиявудин МухIамадовасул ва цогидазул сахаватлъиялъул, гьез кьурал гIарцазул. Гьел руго долларазул миллиардерал. ГIадатиял дагъистанияз гьардухъанасе кьураб 100 гъурущ гьоркьохъеб Дагъистаналъул харжидалъун борцани кколеб буго 10000 гъурущалдаса цо процент. Дол нилъер долларазул миллиардеразул бищунго гIодосеб 1000 000 000 (миллиард долларалдаса) цо процент садакъа гьабуни 10 000 000 (анцIго миллион доллар) яги 650 000 000 гъурущ кколеб буго. Гьеб садакъа щибаб рузман къоялъ гьез ва гьезда релълъарал цогидал бечедал чагIаца гьабуни Дагъистаналъул бюджеталъе Россиялъ кьолеб гIарац цин хIажалъуларо.

Дида гьеб даражаялда гьез кьурал гIарцал рагIичIо, рукъ-рукъазда телекамеразда цебе кьолеб цIамгун гIатIги, цо речIчIухъанас цогидав гIодов тIамунин рикьулел автомашинабиги гурони.

Нужеца абила щай гьез кьезе кколеб жидерго гIарац абун, гьелъие дир жаваб гьечIо, кьезе тIадабги батиларо. Амма гьаб цо хIисаб гIелму абураб жоялъ гьездаса 90 процент дагъистаниял сахаватал ругин бихьизабулеб буго. Олигархазе рецц сундухъха гьабулеб бугеб?

--------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG