МагъчIваялъе рес

С. Керимовасул, мажгиталъул, гIумруялъул ва хвалил хIакъалъулъ


Дунял бижаралдаса нахъе цIакъ гIемерал мисалал руго гIадамал ритIун хIалтIизе ахIулел. Инсанасе тарбия кьолел, цохIо гьаб дунялалда чехь гIорцIизегIан кванаялъ тIуваларин, хадуб ахирго гьечIеб ахиратги бачIунин малъулеб. Гьеб малъула кIудияз гьитIиназда, эбел-инсуца лъималазда, тIахьазда, вагIзаязда, школазда, мажгитазда, киса-кибего рекIелъ иман бугел ва Аллагьасда божулел гIадамаца. Малълъаралъухъ гIенеккун рукIуна, «битIун абулеб буго» абун бетIерги гьанкIезабула, амма жидецаго гьабизе гIемерисезда кIоларо.

Инсанасе къимат кьолаго Исламалъги нилъер гIадаталъги бищунго цебесеб бакIалда лъолел хасиятаздаса цояб буго сахаватлъи. Гьединго какараб буго къарумлъи. ГIемерал бицен-кицабги руго магIарулазул гьелда хурхарал. Исламалда абула сахаватал чагIазе бараб хасаб рукъ бугин Алжаналъуб абун. Гьал пикрабазде вачана жакъа киналго федералиял каналазда кьолеб Москваялъул кIудияб джума – мажгит рагьиялъул байрамалъухъ валагьун.

2005 абилеб соналъ гъоркь букIаралъул бакIалда бараб цIияб мажгит рагIула Европаялда бищунго кIудияб ва берцинаб мажгитаздаса цояб. Гьеб мажгит базе ва къачIазе живго бетIергьанаб гIарцул I70 миллион доллар харж гьабун буго нилъер ракьцояв Сулейман Керимовас. ХIисаб гьабеха кигIанисеб сумма гIарцул гьаб бугебали, I2 миллиардалде гIагарараб гIурус гIарац ккола гьаб. Гьаб буго долларазул миллиардерасецин цIакъ кIудияб гIарац.

БитIахъе рухIдаллъана гьав чиясул гIарац гьабизе бугеб бетIералдаги, барахщичIого гьеб харж гьабизе бугеб бихьинчилъугун сахаватлъиялдаги. ЦохIо гьаб гуреб чан бакIазда меценатлъи Керимовас гьабураб - ХIежалде гIадамал ритIун, спорталъе, гIелмуялъе, культураялъе харж гьабун. Нилъеда лъаларебги чанха букIинеб гьабураб жо? Гьев мустахIикъав вуго реццалъеги, адабалъеги, дугIаялъеги, баркалаялъеги.

Нилъедаго, магIарулазда гьоркьоб абуни, ругогури нилъер магIарулазулги чанги бечедав чи, олигархал, хIатта долларазул милиардеразде гIунтIун. Гьаниб республикаялдаса къватIибе тендэрал бергьараб гIарац ун гурони, гьанибе гьез бачIунеб ва Дагъистан цебе тIеялъе харж гьабулеб жо бихьулеб гьечIо. ХIисаб гьабизе ккеларищ гьаб бухIаяб байтулман дунял бер къанщилелде дихъан ина цо лахIзаталъ, щиб дица гьаниб нахъе толеб бугебин? Гьелъие дунялалъул тарихалда ва Исламалда чан кантIизе гIураб мисал бугеб хIисаб гьабураб мехалда? Кин букIараб доб Хайямил?

«Дур кинабго мулкги миркалъ тIагIина,

Хьулазул тIоралги тIадго ракъвала.

Гьудуласе кьезе мун барахщараб -

Хазина хутIила дурр тушманасе» - ян гурищ?

Мунги, дур хъизамги гIорцIизегIан гIураб боцIи батани, кьунщиналда щукруги, щванщиналда реццги гьабизе лъачIев дур щибдай букIинеб доб дунялалда? Щиб гьабизе мун хачадулев хутIараб дунялалда хадув, цохIо гурони гIумруги гьечIеб мехалда? Азарго суал, нусго хIисаб, гIакълуялъ цо малъун, ракIалъ цойгидалде тIамун рукIкIунел руго нилъер къоял, рогьунел руго сардал, амма дагьаз гурони хIисаб гьабулеб гьечIо гIумру кибе щун бугебали. КъанагIатасда гурони лъалеб гьечIо бокьараб лахIзаталда хIохьел къотIизе рес бугеблъи. Цо къо гIумруялъул хутIарасги хиял гьабулеб буго магIишаталъул ва боцIул жеги чанго гIасру цебе бугеб гIадин.

«Рикъзи цIикIкIанагIан гIемер ахIдола

Дунялалъул ахIмакъ «дунго, дунилан».

Амма бищунго гьев тохлъараб гIужалъ

Хвел горда кIетIола « дунго дунилан».

Аллагьас лъикIал ишазухъги, Аллагь разияб гIамалалъухъги нилъее кириги хъвайги, ккарал хатIабаздаса тIасаги лъугьайги, битIараб нух бищизе канлъи ва кантIиги кьейги. Киназдаго баркула тIаде бачIараб Къурбан къо. Къубулаб батайги Аллагьас. Хабар лъикIаб рагIайги!

-------------------------------------------------------------------------------​

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG