МагъчIваялъе рес

Ясалъул яхI-намусалъул багьа чIезабун буго эбелалъ...


Балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабун букIиналда бан ахIи бахъун буго Кубачи росулъ. БакIалъул гIадамаз кIвар буссинабулеб буго гьеб ишалъулъ гIахьаллъи бугел чагIи Кубачи росулъ рачIун чIарал гIадамал рукIиналде. Намусаб такъсиралъулъ гIахьаллъи бугелщинал чагIи росу тун къватIире гъезеги рес бугин абулеб буго гIадамаз.

Дахадаев мухъалъул Кубачи росулъа 14 сон барай Джапарова Зумрудида хIал гьабиялда бан гIарза кьун буго гьеб мухъалъул Жанисел ишазул бутIаялде ясалъул эбел Мазгарова Бикаца.

ГIарзаялда рехсон руго 6 чи. Жиндир цIар абизе бокьичIев Кубачи росулъа чияс баян гьабухъе, гьел киналго кколел руго Кубачи росулъ рачIун чIарал гIадамал, аскIор ругел росабалъа. Жибго Кубачи росулъ гIемер санал рачIун чIун баниги, цогидал гIадамазде росулъез хъюль абулеб буго, гьелъул магIна кколеб буго гьобол абулеб. Росулъа жаниса кколарел гIадамаздехун хасаб бербалагьи букIунеб буго гьениб. Гьал къоязда росуль тIобитIун буго данделъи ва жамагIаталъ гIайибиял тамихIалде цIазе ва гьезул гIагаралъи росулъа нахъе ритIизе хIукму гьабунин баян гьабуна гьев чияс.

ХIал гьабурай яс кколей йиго цо эбелалъ хьихьарай, гьезул эмен гьечIила ва эбел кидагоги азарханаялда йикIунила. ГьабсагIаталда анлъалго гIайиб гIунтIизабулезда хурхун тIобитIулеб бугила цIех-рех, амма гьеб иш къазе буюрухъ кьун бугин тIасанилан абун, гьеб рагIалде бахъинчIогонги хутIизе рес бугила. Цогидаб гIилла бугила гIайибиял тамихIалде цIачIогон хутIизе рес букIиналъе гьезул къадар дагьабги гIемер букIин ва гIарзаялда киналго рехсон гьечIолъи. Гьеб киналдаго гъорлъ ясалъул эбелалъ гIарза нахъе босун, кинабнгиги тIалаб гьечIин гьездехунин абун гIарац тIалаб гьабулеб бугила хIал гьабиялда шаклъи бугезул цо-цоязухъа.

Гьедин, телефоналъул кIалъаялда ясалъул эбелалъ абулеб буго пуланаб заманалде щвезегIан жиндихъе лъабго миллион гъурущ щвезабейин ва жий юцIун чIелин, щибго калам нужедехунги букIинарилан. Ясалъул эбелалъул ва ва гIайиб гIунт1изабулезул цоясул гIагарай гIаданалъул телефоналъул кIалъаялъул гьединаб аудио буго тIибитIизабулеб «WhatsApp» сурсаталдасан. Рес бугила гьеб такъсир гьедин лъугIун хутIизеги.

Квартираби, автомобилал, миллионал гъурщал, гьез руцIун чIезарулин аслияб куцалда хIал гьабурал балугълъиялде рахинчIезул гIагарал, амма гьел чагIи хIакъикъаталдаги улбузул ихтияраздаса махIрум гьаризе кколин, щай гурелъул гьез лъималазул ихтиярал ва интересал цIунулел гьечIолъиялъин рикIкIунеб буго адвокат Сапият МухIамадовалъ. Адвокаталъул практикаялда гIемер рукIун руго лъугьа-бахъинал хIал гьабурал лъимал улбузул кодор гIарац тIалаб гьабиялъул алаталлъун лъугьунел. Гьединаб лъугьа-бахъиналда лъималазул цIаралдаса кIалъалила улбул, амма чанги гьез низам цIунулелгун яги гIайиб гIунтIизабулеб рахъгун къотIи гьабун показаниял хисизарулила.

Сапият МухIамадова: «Закониял вакилзабаз, ай улбуз, жидерго лъималазул ихтиярал хвезарулел руго. Балугълъиялде рахинчIел лъималазул киналниги ихтиярал гьечIолъи кколеб буго гьеб. Лъабго миллион кьуни ясалъе инжилъи гьаби хIехьезе бегьулеб буго, кьечIонани хIехьолеб гьечIо. Гьединал улбул махIрум гьаризе ккола ихтияраздаса ва гьезул ихтиярал цIунизе цогидал чагIи тезе ккола. Чанги рукIуна гьединал ишал къарал лугьа-бахъинал, гIарза нахъе босун улбуз.

Гьеб нахъе босула яги гьезде гIайибиязул рахъалъ тIадецуй гьабун, яги къотIиялда рекъон. Чан гьел гIарза хъваялде ирга щвечIогон рахчун хутIулелали лъазецин лъаларо. Масала, республикаялдаго ахIи бахъун букIараб Хасавюрталдаса 13 сон барай Аюбова Залинада чангояз хIал гьабиялъул ишалъ кIудияб ахIи бахъинабун букIана, Астаховас хасаб кIвар кьезе ккелин лъазабун букIана, амма гIайиб гIунIтизабулезул щугоязул гIицIго цоясе кьуна бащдаб лъагIел туснахъалъул.

ХутIарал тамихIалде цIачIо, показаниял хисизарун. Гьединлъидал, балугълъиялде рахинчIезда хIал гьабиялъул ишалда улбул нахъе цун, гьезул ихтиярал цIунизе ккола гIагарлъи гьечIел, цогидал чагIаз, гурого лъималазул хIакъикъиял ихтиярал хвезаризе рес буго».

Адвокаталъ гьединго бицана букIунин чанги хIакъикъаталда хIал гьабун гьечIониги, гIолилагун тира-сверун хадуб жидеда хIал гьабунин гIарза хъван гIайиб гIунтIизабулезухъа гIарац бахъулел лъугьа-бахъиналги. Гьединлъидал, низам цIунулезул рахъалъ хасаб кIвар букIине кколила гьединал ишазда хадуб.

Гьеб тайпаялъул такъсираз жамгIияталда резонанс бижизабулеб буго, амма хIасилалда низам цIунулелгун, яги улбулгун рекъон, балугълъиялде рахинчIезда хIал гьабиялъулъ гIайибиязул цIакъго дагьаб къадар цIалила тамихIалде. Масала, 2014 соналда гьеб тайпаялъул 70 иш рагьун буго Дагъистаналъул прокуратураялъ, амма кигIан къадар гьезул диваналде щварабали мухIканлъулеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG