МагъчIваялъе рес

Психолог: "Смартфоназдеги руссун, жакъа лъималазде регIун ратиларо улбул..."


Табасаран мухъалъул Гасик росулъ жийго жинцаго чIван йиго 15 сон барай яс. Гьеб иш гьабиялъе гIилла чIезабун гьечIо цIех-рех чагIаз. ГIагарлъиялъ ва гьей цIалулеб школалъул мугIалимзабаз абулеб буго гьединаб иш гьабилей гIадай яс йикIинчIила гьей. ЦIех-рехалъул идарабаз гьеб ишалда хурхун хасал тадбирал тIоритIизе байбихьун буго.

Табасаран мухъалъул Гасик росдал гьоркьохъеб школалъул I0 классалъул цIалдохъан жийго жинцаго чIваялда хурхун цIех-рех гьабулеб буго республикаялъул хасал идарабаз. Гьезул баяназда рекъон 17 марталда хун йиго гьей яс. ТIаде балагьун щибниги къварилъи бугей гIадай яс йикIинчIила гьей, киданиги гьединаб иш гьабилин ккелароанила гьелъилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Гасик росдал школалъул нухмалъулев Ярахмедов Шигьица.

Шигь Ярахмедов: «Жиндирго рокъой гIанкъун ятана гьей яс. Сунца гьей жийго жинцаго чIвазе тIамурабалиги жеги лъалеб гьечIо. Щиб гьабилебали лъаларого рихха-хочун эбел эменги руго. ЛъикIаб хъизанги буго гьезул. Щибго батIияб жо гьечIеб гIадатияб хъизан букIана, жеги цониги нухалъ къватIиб ахIи бахъарал чагIиги рукIинчIо гьел. Хур-хералдасан, боцIи-панзалдасан магIишат гьабулел чагIи руго гьел. Гьей яс гурони цойги кIиго кIудияв васги вуго гьезул. Цояв вац Астраханалда ралъдахъанлъун цIалулев вуго, цойгидав вац росулъа гIебеде вукIуна, цо-цо заманалъ батIияб бакIалде хIалтIизе ун гIарац гьабулев вукIуна гьев. Гьей ясги лъикIай гIодое йиччарай яс йикIана, школалдаги лъикI цIалулаан. Щиб гьелъие ккарабали бичIчIулеб гьечIо нижеда. Эбел-инсуда жиндие нуж цIакъ рокьулин абун гьей ясалъ хъван тараб кагъатги батун буго».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабулеб буго гьеб хIужаялда хурхун гьаб сагIат хасал тадбирал унел ругила, гьел рагIалде рахъун хадуб гурони такъсиргьабиялъул иш рагьилищ рагьиларищали хIукму къотIуларин.

Дагъистаналдаса психолог Идрисова Замираца «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда абуна ахирал саназ Дагъистаналда лъималаз жалго жидецаго чIваялъул ва чIвазе хIал бихьиялъул хIужаби цIакъ гIемерлъун ругилан. БитIахъе хIинкъилеб хIал бугила гьаб сагIат республикаялда. Гьелъие гIиллалъун психологалда бихьулеб буго гьанжезаманалъул умумул жидерго лъималазде регIунгутIи.

Идрисова Замира: «Кутакалда гIемерлъун руго лъималаз жалго жидецаго чIвазе хIалбихьиял, хвасар гьаризе кIвечIого хваралги руго чанго. ЦохIо ахирал саназда жаниб гьедин 5-6ниги лъимер хвараблъи лъала дида. Лъаларелги ратила чанги, чангияз гьеб бахчизеги бахчула. Гьеб киналъулго бицун свакан йиго дун, ахIи бачIеб бакI хутIичIо дица. Щибаб къойил гIадин рачIуна дихъе рачун гьел жалго жидецаго чIвазе хIал бихьарал лъимал. Гьезда гьоркьор бищун гIемер рукIуна 14-15 сон барал лъимал. Къойидаса къойиде гьединал хIужаби гIемерлъулел руго, букIинеселъе хIинкъи бугеб хIал бугинцин абизе кIола дида».

Гьедин лъималазул психика хвеялъе гIиллаби рицунаго Замираца абуна бищун кIудияб гIайиб гьезул эбел инсуда бугила, гьез лъималазе бокьухъе тун ругила гьел, гьел куцазе регIарав чи гьечIила щивниги.

Замира Идрисова: «Бищун кIудияб захIмалъи буго лъимал жалго жидедего руссун тун рукIин. Жакъа гьезде регIарав чи гьечIо. Цебе советияб заманалда лъималазе тарбия кьеялда тIад тIубарал институтал хIалтIулаан. Гьел куцалаан жамгIиял идарабаз, пионерияйилан комсомолила абун гьезие бичIчIикьолел идараби рукIана. ПалхIалсил лъимал реххун тун рукIинчIо, гьел цо сунде бугониги руссинарун рукIунаан, квешаб –лъикIаб малъулаан. Гьанже гьеб щибниги гьечIо, я лъимал куцай гуро, я лъикIаб пропаганда гуро, компьютералдеги телефоналдеги руссун тIокIаб жоялде гъираго гьечIого руго лъимал. Интернеталдасан къваригIел гьечIебщинаб информация щолеб буго гьезухъе, бакIаб психикаялде тIадецуй гьабулеб музыкаялъухъ гIенеккулел, гьединалго фильмазухъ ралагьулел руго гьел. Гьединлъидал эбел-инсуца лъимал гIемер мехалда компьютералда цере рукIине теялъги гьезул психика хвезабулеб буго.

Эбел-эмен лъималазде регIунгутIиялъги, гьез лъималазде кIвар кьунгутIиялъги хвезарулел ругила гьелилан абуна психологалъ. Гьезда жидеца лъималазе хириял телефоналги, расанкIабиги, парталги росани гIолин кколеб бугила ракIалде, лъималазе тарбия кьеялъул суалалда тIад гьел ургъулелго гьечIила.

Замира Идрисова:«Гьез лъимал тIаса рихьизаризелъун росулел руго эбел-инсуца гьезие хирияй айфонал. Гьединго цойги лъималазе хIажабщинаб жоги босун тIокIаб жо жидеда тIадаб гьечIеб гIадин рукIуна эбел – эмен. Гьез лъималазулгун букIине кколедухъ кIалъа-бацай гьабуларо. Гьезул хIакъалъулъ гIемерисеб жо лъазего лъаларо эбел-инсуда, лъазе тIалабги гьабулеб гьечIо гьез. Балугълъуде рахунел лъималазул чорхолъги ботIролъги гIемер батIи-батIиял хиса-басиял лъугьуна, гьединаб мехалда гьел ричIчIизе ккола гьезие мугъчIвай гьабизе рес кьезе ккола. Гьезда жалго рокьулел рукIин, гьел къваригIун рукIин бихьизабизеги бичIчIизабизеги ккола, гьезие малъа-хъваял гьаризе ккола. Амма гьанже гьел суалазде регIун рукIунаро улбул, гьелги жидерго росабазул смсазда хадур халккун рукIуна, яги социалиял сайтазда къан рукIуна».

Психологалъул рагIабазда рекъон гьедин жибго жиндаго тараб лъимада жив лъиениги къваригIун гьечIин, жив живго цохIо хутIун вугин ракIалде кколеб буго. Гьеб мехалда жиндидего кIвар буссинабиялъе гIолонги гьарулел руго гьез жалго жидецаго чIвазе хIалбихьиял гIадал ишал.

Гьединго Идрисова Замираца бицана ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун ругила хъизаналда жаниб лъималазулгун жинсияб гьоркьоблъи гьабиялъул хIужаби. Гьелъие гIиллалъунги психологалда бихьулеб буго лъимал жалго тун рукIин, гьезул тIалабги ургъелги гьабунгутIи.

Замира Идрисова: «ЦIакъ гIемерлъун руго ахираб заманалда хъизамазда жаниб лъималаздехун жинсияб гьоркьоблъи гьабиялъул хIужаби. Цере цере лъагIалида жаниб гьединаб суалгун дихъе цо чи вачIунев вукIарав ватани гьанже щибаб моцIалъ рачIуна гьединал ясал дихъе. Дагьаб цебегIан дихъе жийго ячIана цо яс. Гьей гIадалъулей йигин абизе бегьула, рокъоб вацас жинсияб гьоркьоблъи гьабун бетIер сверулеб буго гьелъул. Психологасул кумекалъ хвасар гьаюлей хIал букIинчIо гьелъул, дица психотерапевтасухъе ячана гьей. Гьей тIубараб къоялъ жийго цохIо рокъой йикIун йиго,эбелалъе гьелъул ургъелго букIун гьечIо, гьей жиндирго гIумруялдаса тIокIаб жоялде регIулей гьечIо».

Психологалъ рикIкIунеб буго лъималазул ругел гьел захIмалъаби рахчулел ругелгIан меххалъ гьел дагьлъуларила. Гьединал захIмалъабазулги, масъалабазулги киса-кибего бицине кколила. Эбел-инсуда гьеб мехалдагIаги дагьабниги жо бичIчIилин абураб хьул бугила. Лъималаздаги лъазабизе кколила гьезие кумек гьабулел хасал централ ругеллъи.

XS
SM
MD
LG