МагъчIваялъе рес

Умумуз нилъеде ахIи балеб буго


ТарихчIужу ТахIнаева ПатIимат
ТарихчIужу ТахIнаева ПатIимат

Дагъистаналдаса тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматица гIемерал соназ гьабураб хIалтIул хIасилалъул цо бутIа лъун бугин абизе бегьула гьал къоязда МахIачхъалаялда бугеб Суратал лъолеб музеялда кьурал гьелъул фото-суратазул экпозициялда. Жийго ПатIиматица «Эркенлъи» радиоялъе кьураб интервьюялда абулеб буго аслияб пиша тарих бугониги, фото-суратал рахъизе жий тIамунин гьеб тIагIун, лъугIун унеб бугеб такрарлъи гьечIеб архитекрура суратазда цIунизе ва цогидазда бихьизабизе бокьиялъ.

ТIахьаздасан,хъвай-хъвагIаяздасан ва архиваздасан гуребги, сверухъ, киса-кибего тарихалъул лъалкIал ралагьулел ругин ПатIимат ТахIнаевалъилан абуна выставка рагьулаго музеялъул нухмалъулей СалихIат ХIамзатовалъ.

Выставка гIуцIизе тарихчIужу тIамун йиго нилъедасан унеб бугеб Дагъистан, мугIрул улкаялъул хаслъи цIунизе бокьиялъ.

Жакъасеб Дагъистаналда бугин кIудияб къадар жеги хал гьабичIел, цIех-рех тIобитIичIел тарихалъул объектазул ва гьел лъидаго лъачIогон гьедин тIагIинеги рес бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе ПатIимат ТахIнаевалъ.

ПатIимат ТахIнаева: «Дагъистанияллъун нилъ гьарула нилъер культуриябгун тарихияб хаслъиялъ, гьеб гьечIони нилъ ккола гIицIго Дагъистаналъул ракьалда гIумру гьабулел чагIи. Гьеб тарих тIагIунеб, лъугIун унеб буго жакъа. Гьеб цIунизе щибго гьабулебги гьечIо хIукуматалъул рахъалъги. Ахираб къого соналда жанир гIадамал гIодолъиялде гочун чIунтулел руго росаби, гьелда тIадеги, 40 абилел соназ хIал гьабун гIадамал нахъе рахъинарурал Амузги, Чарахъ гIадал росаби тIуран чIунтун руго. Гьениб буго кIудияб тарихияб хазина, гьеб дагьабго цIунун хутIун буго жеги, амма 10 -15 соналдасан гьебги тIубан лъугIилилан ккола. ГIадамаз гIумру гьабун бугел росабаздасанги тIагIунел руго тарихиял объектал, щай гурелъул гIадамазул гьечIо бичIчIи, хIукуматалъ гьабулебги щибго гьечIо гьел цIуниялъе».

Выставкаялде рачIун рукIарал тIалъиялъул вакилзабазул рахъалъан гьел тарихиял объектал цIуниялъе квербакъи гьабияъул бицен букIарабищали цIехедал, тарихчIужуялъ баян гьабуна гьезул беразда щиб бихьараб - тIагIунеб буго такрарлъи гьечIеб Дагъистанищ, яги гьадинго сураталищали жинда лъаларин. ТIолго Дагъистаналъул тIалъи гьенибе бачIаниги гьезда гьелъул бичIчIи букIинин абураб жоялда щаклъулин жий.

​Амма хIукуматалъ квербакъи гьабуниги, жалго бакIалъул гIадамазулги бичIчIи гьечIин, гьез къимат гьабулеб гьечIин рикIкIунеб буго ПатIиматица.

ПатIимат ТахIнаева: «Гьеб культурияб гъат гIуцIарал гIадамазул букIана тIабигIатгун гармония, гьезул букIана берцилъиялъул бичIчIи. Уникалиял объектал гIуцIун руго цIулал, ганчIила ва хIарщул. Жакъасеб гIелалъул гьеб бичIчIи гьечIо. Нилъехъа тIагIун буго гьеб культура бижизабулеб букIараб къагIида. Гьеб заманалъул гIадамалгун хурхенги 20 гIасруялъул 50 соназго тIагIун буго. 20 гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялдаса бахъун бугеб гIелалъул гьечIо бичIчIи гьеб культураялъул. Гьелдаго цадахъ, жакъасеб гIелалъе гьелъул бичIчIчи кьезейилан школабазла кьолеб Дагъистаналъул халкъазул культура ва гIадатал абураб дарсалъулги щибго хIасил ккечIо, гьеб дарс сверун буго гьадингояб, пайда гьечIеб дарсиде, хIакъикъаталда кIвар бугеб, ганчIил хIалтIабазул, цIулал ва хIарщул хIалтIабазул хIакъалъулъ тIобитIун гьечIо цIех-рех, хъван гьечIо цогIаги хIалтIи. Культураялъул министерлъиялъги гьел культураялъул объектазул кIваралъул пропаганда гьабулеб гьечIо».

КIуяда росулъа МухIидин абурав ганчIил устарасул хIалтIаба
КIуяда росулъа МухIидин абурав ганчIил устарасул хIалтIаба

​Жакъа къоялде бугеб хIал хадубккунги гьедин, хиси гьечIогон цебе унеб бугонани, такрарлъи гьечIел архитектураялъул объектал, ва цогидаб тIагIун ине бугин абулеб буго ПатIимат ТахIнаевалъ. Выставкаялда буго цо фото-суратазул инсталляция, ЧIарада мухъалъул Гурухъ-СотIа росулъ биххун ине бугеб минаялъул хутIараб рукъалъул хIуби ва мина бихьизабулеб, гьеб буго цебесеб Дагъистаналъул архитектураялъул мисаллъун кколеб мина. Рукъалъул хIуби жакъа гуреб, метер рехун инеб хIалалъ бугила,гьеб реханани, биххун унеб буго тIубараб минаго, амма кин гьеб цIунилеб, щибун цIунилебали цо чиясда агъаз гьабун бажаруларин рикIкIунеб буго ТахIнаевалъ. Гьединабго бугила къисмат махщел бергьарав КIуяда росулъа МухIидин абурав ганчIил устарасул хIалтIабазулги. МагIарул чанго мухъалда руго гьев устарас гьарурал уникалиял занал, амма гьелги цIадаца ва бакъалъ дагь-дагьккун хвезарулел ругила.

ПатIимат ТахIнаева: «ХIажат буго бичIчIи, хIажат буго хIукуматалъул программа гьеб бечелъи цIуниялъе. Гьеб выставка ккола умумуз нилъеде балеб бугеб ахIи, гьеб ахIи буго ганчIилъги цIулалъги цIунун хутIун. Гьеб ахIи рагIизе ккола щивасда. Дида рагIана гьеб, гьел сураталги, дида ккола умумуз нилъеде балеб бугеб ахIи цогидал гIадамазде щвезабулел чапарал ругилан. Гьеб ахIи нилъеда рагIичIонани къокъабго заманалда жаниб нилъел хаслъиги культураги тIагIине буго».

XS
SM
MD
LG