МагъчIваялъе рес

Тарихалдаса цIар кIодоги гьабун


Дагъистаналда къватIибе бачIун буго 18 абилеб гIасруялъул бащалъиялда аваразул Нуцаллъиялъул ханлъун вукIарав ГIумаханил гIумруялъул бицунеб тIехь. Гьелъул автор ккола Аваразул Миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев, тарихчи Маркъо ШагIбанов. АрбагI къоялъ гьеб тIехьалъул презентация тIобитIана республикаялъул миллияб бибилиотекаялда.

Тарихалда КIудияв ГIумахан абун цIар щварав аваразул нуцаласул замана бищунго гIемерал ва гIажаибал лъугьа-бахъинал Кавказалда ккараб заманабазул цояблъун рикIкIине бегьула. ТIоцебесеб иргаялда гьеб букIана жеги Кавказалда гIурусал щулалъичIеб мех, букIинчIо гьезул жеги гьанир кIудиял аскаралгун сурсат. ГIурусазул абизе гIураб асар букIинчIо бакIалъул ханзабазда тIад.

XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда нуцал КIудияв ГIумаханил (ГIума-нуцаласул) бетIерлъиялда гъоркь Аваристан лъугьана Кавказалдаго аслияб политикияб гIуцIилъун ва къуватлъун.

Кавказалда букIараб гIурусазул рагъулаб администрациялъ XIX гIасруялда гьадинаб къимат кьолеб буго Кавказалда ГIумаханасул билълъанхъараб рагIиялъе, гьесул политикиябгун цIайиялъе ва асаралъе: «Бергьун кутакал сурсаталги кверщаликье ракIарун, жиндирго бугеб макъамалдаса пайдаги босун, гьес жиндие магъало кьезе тIамуна Грузиялъул пача ГьиракIли КIиабилев, Дербенталъул, Кубаялъул, Бакуялъул, Ширваналъул, Шекиялъул ханзаби ва Ахалцихалъул паша, гьезул ракьазе жинца тIокIаб зарал гьабиларин абураб шартIалда. Гьел кверщелчагIаз бачIунеб магъало, гьанжесеб гIарцуде буссинабуни, бацIцIадаб гIарцул 85-азарго гъурущ кколаан. Гьелдаса хадуб щибго кIодо гьабичIого абизе бегьула ГIумар-хан Аварскиясул гIадаб шавкат, гуч Дагъистаналъул цониги ханасул яги цевехъанасул букIинчIилан. Жидерго Сурхай-ханасдаса Гъазигъумек чIухIулел ратании, мугIрузда кидаго бищунго къуватаблъун букIараб аваразул (магIарулазул) къавмалъул дагьабги цIикIкIараб ихтияр буго рекIелъ чIухIигун ГIумар-хан ракIалде щвезавизе, хIакъикъаталдаги тIолабго Закавказьеялде «балеб горо-цIер» вукIана гьев, гьесдаса хIинкъулаан сверухъ ругел кверщелчагIи»

КIудияв ГIумахан гьавуна Аваристанлъул хан МухIамад нуцалил хъизамалда 1861 соналъ. Гьесул эмен Мухамад нуцалги имгIал МухIамадмирзаги гьесул вац Булачги вахIшияб рекIкIги агьун чIвана Кубаялъул гьанжесеб Азербайжаналъул хан Фаталиханас. Гьеб мехалъ тIолабго магIарулъиялъул нуцаласул жавабчилъи жиндаго тIаде босула гIумурялъул 13 сон гурони гьечIев ГIумаханица. 1801 соналъ Гуржиялъул хан Гьираклий кIиабилесда данде чабхъада вахъине хIадурулев вукIаго Ганжаялдаса Жаватхан абулев чияс йичун йосарай гъаравашалъ кванда гъорлъе загьруги кьун хвезавун вугин гьевилан хъвалеб буго гьесул х1акъалъулъ.

Амма гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ мухIканго дандегьабураб баян букIинчIо тарихалда жаниб. Гьелде кIварги кьун ГIумахан нуцаласул хIакъалъулъ камилаб гIемерал, хIужабиги гъорлъе ракIарараб тIехь хIадуризе тIаде босана гIолохъанав тарихчи аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев ШагIбанов Маркъоца. Цевеккун «Новое Дело» басмаялъул бетIерав редакторасул хъулухъалдаса гIодовги чIун рехсараб идараялъе нухмалъи гьабизе вачIаралдаса гьес бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна магIарулазул тарихгун маданияталъул гIемерисезда лъалел рукIинчIел вакилзабул баян бакIариялъе гьелда гьоркьоб хасаб бакI ккола ГIумахан Нуцалил хIакъалъулъ данде гьабураб баян. Исана къватIибе бачIана гьесул хIакъалъулъ Маркъоца хъвараб тIехь. Араб арбагI къоялъ Республикаялъул ХIамзатил Расулил цIаралда бугеб миилияб библиотекаялда авторасда гьеб тIехь баркизе данделъун рукIана тарихчагIазул, гIалимзабазул ва маданияталъул вакилзабазул кIудияб къукъа.

Киназго кIудияб къимат кьуна къокъабго заманалда жаниб Маркъоца гьабураб кIудияб хIалтIуе.

Машгьурав тарихчи Айтберов Тимурица жиндирго кIалъаялъул кIвар буссинабуна кигIан бицине намуслъаниги жидер хундерил тарих лъазабун щвалде щун лъазабун букIинчIин лъицаниги. Гьелъул рахъалъ хасаб баркала кьезе бокьун бугин жиндие Маркъое. Хадубги гьадин бицана тарихчияс.

Тимур Айтберов, тарихчи
Тимур Айтберов, тарихчи
Тимур Айтберов: «Нилъер чагIазул биографиялда тIад хIалтIизе гьезул тарих лъазабизе гьукъун букIана гьалмагъзаби. Совет хIукуматалъул заманалда дова улкаялъул гIелмабазул академиялда чи вачIунаан гьаниве бибилиотекалдаян багьанги батун щибав гIелмияв хIалтIухъанасул хIалтIул баян тIад хъвараб кагътил хал гьабулеб букIун буго гьес цосинаб совет хIукуматалда, коммунисатазда дандечIараб цониги гIелмияб хIалтIи бугодайилан хал гьабизе. Гьедин нилъер магIарул тарихалда рахъарал кIудиял церехъабазул Шамилил ГъазимухIамадил ханзабазул хIакъалъулъ хъвазе гьукъун букIана. ХIалтIулелиланги абун обком партиялъул церехъабиги реццун, гьезул гьезего гьечIел гьунарал хIалтIаби кIодо гьарун хъварал гьерсазул цIураб баян букIана гIелмуйиланги абун».

ГIумаханил хIакъалъулъ тIехь хъвазехъин рагIулин Маркъоцайилан бицунеб рагIидал гьесухъа рагIалде бахъунарин гьеб хIалтIи гьабунилан мукIурлъана жиндирго кIалъаялда тарихчIужу ТахIнаева ПатIиматги. Щайгурелъул 19 абилеб гIасруялда цебесеб тарихалъул хIакъалъулъ ругел баянал цIакъго мукъсанал гурони гьечIолъиялъ ГIумаханил заманалъул тарихалъул хIакъалъулъ ругел баянал ракIарун хIалкIвеларин лъихъанигиян жий божараб пикру букIанин гьеб, амма жий мекъи ятанилан бицана гIалимчIужуялъ.

ТахIнаева ПатIимат, тарихчIужу
ТахIнаева ПатIимат, тарихчIужу
ТахIнаева ПатиIмат: «Маркъода цебечIараб масъала цIакъ захIматаб букIана. Ва гьесул гIелмияй редактор хIисабалда дица ракIрагьун абила гьеб масъала рагIалде бахъинабун буго. ТIехьалда руго цо цо бахIсалде нуцIа рагьулел бакIалги. Авторас тIаса бищун гIелмиябгун методикияб цех рехал гьарулел къагIида. Гьеб цIакъ захIматаб нух ккола тарихалда. Гьединлъидал дида кколеб буго гуржиялдаса пишацояз чанги дагIба базеги бегьула гьелда тIасан. Амма кин букIаниги Маркъоца рагIалде бахъинабураб хIалтIи цIакъ кIудияб хIасил буго. Гьеб тIехь гьес хъвана къокъаб заманалда жаниб. ТIадежоялъе исана гьес цадахъго цIунулеб букIана гIелмияб диссертацияги. Гьеб хIалтIиги цIакъ щвалде щвараб гIемлмияб хIалтIи букIин тасдикъ гьабула дица. Бищунго аслияб жо гьаб тIехьалъ рагьулеб буго кIудияб халкъалъул тарих, гьеб гьечIони халкъалъул щибниги мукагIалъи гьечIелъул».

ЦIияб тIехьалда тIад хIалтIулаго жинде бищунго захIмалъанин ГIумаханил заманалъул 80 абилел соназдаса 90 соназде щвезегIан гьоркьоб заманалда ругел баянал ралагьизе. Щайгурелъул тарихалда гьел соназул хIакъалъулъ хъвараб цIакъго дагьаб, мукъсанаб гуреб гьечIолъиялъ гIемераб бакIалде ваккизе кканин жив. Жибго хас гьабун ГIумаханил хIакъалъулъ тIехь хъваялъе жив чанги батIияб хIужаялъ гьесизавунин. Цадахъго автономиялъул президент Сайгид паша ГIумахановасги гьарулеб букIанин жинда ГIумаханил хIакъалъулъ цо гьитIинабго тIехь щайин хъваларебилиан. Амма гъорлъе ваккун хIисаб гьабидал жинда бичIчIанин гьитIинаб мажмугIаладлъун нуцаласул тарих рагьун бажарулареблъиян бицана Маркъоца.

Маркъо ШагIбанов, тIехалъул автор
Маркъо ШагIбанов, тIехалъул автор
Маркъо ШагIбанов: «ГIурус тIахьазда жаниб ГIумаханил заманаялъул бицунеб бакIалда гIемераб чороклъи хIалтIизабун, жидеего дандекколеб къагIидаялъ кьун буго гьез. Гьеб мехалъ дида бичIчIана гIелмияб къагIидаялъ ругел хIужабиги хIалтIизарун хъвачIони кIиабилеб масъала рагIалде бахъунареблъи. Гьединаб гIелмиябгун халкъияб магIнаялъул асар лъугьанаха гьеб ахиралда. Хъвалаго дица кIвар кьуна кинал хIужабазде мугъчIвай дица гьабулеб бугебали, щайгурелъул гьелда сверун бахIсал гьарулел гIадамалги камуларелъул»

ГIумаханил тIехьалъул презентациялда киналго хIайран гьаруна ГIумаханил яц Бахтика Гъарабагъалъул хан Ибрагьимханасе ригьнаде кьолелъул бижараб халкъияб кечI ахIарай авар театралъул артистка ХIажиева ПатIиматица. «Авар Тв» ялъул хIалтIухъабаз данделъаразда бхьизабизе хIадурун букIана ГIумаханил къеркьеялъул ва гIумурялъул хIакъалъулъ бицунеб видеофильмги. КIудияв Нуцаласул хIакъалъулъ гIатIидго цIализе бегьула цIияб тIехьалдаги, гьединго тарихалда лъалкI тарал магIарулал рубрикаялда гъоркь гьесул хIакъалъулъ хъван буго магIарулазул «Миллат» газеталдаги.
XS
SM
MD
LG