МагъчIваялъе рес

Зулмуялъ бижараб зулму


МахIачхъалаялда аскIоб бугеб ЦIияб Хушет росулъ цо анкьида жаниб кIиго нухалда тIадекIанцIи гьабун буго полициязде. Гьаб нухалда полицияв лъукъун ва гьесул 15 сон барав васги гIагарв чиги чIван руго. Лъукъарасул цIар загьи гьабулеб гьечIо. 17 августалда цебесеб чIвай ккараб мехалда жидер росулъа полициялъ ккун ун вукIарав 14 чиясде тIаде гьанжеги щибго гIиллаго гьечIого гIадамал рачун унел ругин лъазабулеб буго росдал гIадамаз.

21 августалъул сардилъ ЦIияб Хушет росулъ тIадекIанцIи гьабун буго полициялъул хIалтIухъанасде. Гьелъул хIасилалда 39 сон барав низам цIунулев лъукъун вуго. ЧIван вуго гьесул I5 сон барав васги гьесухъе гьоболлъухъе вачIун вукIарав гьесул гIагарав чиги. Гьевги вукIун вуго полицияв. ТакъсирчагIаз рукъалъул бетIергьанасде кьвагьун буго рокъоса къватIивеги ахIун. Кьвагьиялъул ишалъухъе рекерарал гьесул васасде ва гIагарав чиясдеги кьвагьун буго гьез хадусан. Гьел бакIалдаго хун руго. Лъукъарасул хIал квешаб бугин лъазабулеб буго тохтурзабаз. Гьезул рагIабазда рекъон, гьев вуго хвалдаги гIумруялдаги гьоркьов.

ЦIех-рехчагIаз гьеб тIадекIанцIи базабулеб буго гьесул хъулухъ-ишалда. Гьезул баяназда рекъон, гьеб тIадекIанцIи гьабун буго кIиго чияс ва гьел ралагьулел руго республикаялъул тIолабго абухъе полициялъ.

I7 августалда гьебго росулъ чIван вукIана 40 сон барав бакIалъул полицияв ГIабдурахIманов Шамиль. ХIалтIизе унеб бакIалда нухда чIван вуго гьев. Гьесдеги кIиго чияс кьвагьанин абурал баянал кьолел руго полициялъ. Гьел щалали лъалебги гьечIо. Гьединго лъазабулеб буго гьеб такъсир гьабун чанго сагIаталдасан гьезухъ букIараб Тойота Ленд Крузер автомашина батанин МахIачхъалаялдаги Каспийскалдаги гьоркьобин. такъсир гьабизелъун гьеб бикъун букIиналда ракIчIараб буго полициялъ. Гьелъул бетIергьанасул къисматги жеги чIезабун гьечIо.

Гьел церехун рехсарал лъугьа-бахъиназдаса хадуб ЦIияб Хушеталде битIахъе балагь бачIинабун бугин абулеб буго бакIалъул гIадамаз. Рокъо-рокъоре рачIун, кинал рукIаниги документалги рихьизаричIого хасал идарабазул хIалтIухъабаз салафиялин рикIкIунезул доба чIухь балеб бугила. Гьеб балелъубги рокъов вугевщинав чиги къватIиве гъун жидецаго гьез гьенибе рехулеб бугила наркотикалги ярагъги. Гьеб жидедаго батун хадубги, къануналъ гьукъараб жо рокъоб цIунун бугин абун рачун унел руго гIадамал. Гьедин бицунеб буго бакIалъул гIадамаз.

ГIабдурахIманов шамиль чIван хадуб росулъа I4 чи ккун вачун анин бицана Эркенлъи Радиоялъе Хушеталдаса МухIамадова Муслиматица.

Гьелде тIадеги цогидав полицияв чIван хадуб жеги анкьго чиги ккунин бицана гьелъ. Гьезда гьоркьов рагIула МухIамадовалъул вацги. Гьев автомашиналъувги къазавун вачун ун вуго нухда ватараб бакIалдаса. Гьединго ун руго жеги чангоялги, цогиял ун руго рокъоса яги мажгиталъуса рачун. Гьел киналго МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул полициялда ругин ва гьезде тIаде адвокатал риччалел гьечIин абулеб буго гIадамаз. Полициялъул бутIаялда гьезда гьабулеб буго нужеца цIарал рехсолел чагIи гьенир гьечIилан. Гьедин бицана Муслиматица. Гьелъго абуна цере ккун аразулги къисмат жидеда лъаларин. Гьезде тIадеги риччалел гьечIо адвокатал. Муслиматил рагIабазда рекъон, полициялъ ккуразул гIагарал хIадурулел руго гIагараб заманаялда федералияб нух къазе. Гурони жидер тIалабазухъ гIин тIамулев чи гьечIин абуна гьелъ. Гьез тIалаб гьабулеб буго гIайиб гьечIого ккурал жидер гIагарал къватIире риччайин ва полициялъул гъорхъолъа арал ишал лъугIизе теян.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ ЦIияб Хушеталда полициялъул хIалтIухъаби чIван хадуб хасаб низам лъазабун бугин ва хасал тадбирал тIоритIулел ругин абун гуреб тIокIаб кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо гьениб кколелда тIасан.

XS
SM
MD
LG